Четверг, 25.04.2024, 17:37 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Сентябрь » 10 » РАЙОНАЛЪУЛ ШКОЛАЛ – Ц1ИЯБ Ц1АЛУЛ СОНАЛДЕ.
15:56
РАЙОНАЛЪУЛ ШКОЛАЛ – Ц1ИЯБ Ц1АЛУЛ СОНАЛДЕ.

Интернаталда рук1аниги, рокъор г1адинал шарт1ал лъималазе г1уц1изе хьулалда

Гьале араб лъач1ого ана риидалил каникулазул заман. Лъик1аб х1ухьбахъиялдаса хадуб, киса-кибго улкаялдаго г1адин, нилъер районалъул школазги къабул гьаруна  ц1алдохъаби берцинго ремонт гьабун къач1арал классазде. Ц1идасанги г1одор ч1ана гьел ц1иял анищалгун, ц1иял пикрабигун, г1елму-лъаялде бугеб жидерго рокьигун ц1иял партабазда нахъа.

Щибаб школа ц1ияб ц1алул соналде лъик1 х1адурун бук1аниги, руго гьезда гьоркьор реццалъе  мустах1икъалги. Мисалалъе босани, Г1арани гьоркьохъеб школалъул ц1ияй директор Патах1ова Салих1атица нухмалъи гьабулеб школа-интернаталда гьабураб мух1канаб ремонталъул, гьениб лъималазе ц1алуегин х1ухьбахъиялъе ч1езарун ругел лъик1ал шарт1азул бицун г1емерал кагътал рач1унел руго, гьеб школалда лъимал  ц1алулел умумуз.

Щибха гьениб гьабураб ц1ияб лъик1аб х1алт1и? Гьединаб суалгун жакъа дун щвана рехсараб школалъул директор Патах1ова Салих1атихъе ва дидаги гьелдаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:

- Салих1ат жакъа школалъухъ балагьараб мехалда бихьулеб буго гьаниб ц1ияб ц1алул соналде мух1канаб х1адурлъи гьабун бук1ин. Кинал зах1малъаби нужеда дандч1варал гьеб гьабулелъул? Г1олел, г1оларел рахъал?

- Киса-кибго улкаялдаго г1адин, нижер школалдаги г1уц1араб къаг1идаялда ана ц1ияб ц1алул соналде школа х1адур гьариялъул х1алт1аби. Т1убараб школалъулго муг1алимзаби цадахъ рахъун жеги риидалил каникулазул заманалде иналдего, берцинго рохьун, лажбарал рахун къач1ан рук1ана классал. Гьелда ц1акъго жигарчилъи бихьизабуна щибаб классазул нухмалъулез. Рет1ун х1алт1ул формабигун рач1ун, щибго к1вах1аллъич1ого, жидерго рокъоб гьабулеб г1адин, мух1канаб ремонт гьабуна гьез школалъе.

- Лъималазул умумуз баркалаялъул раг1аби абун кагътал рач1унел руго интернаталда ч1езарун ругел лъик1ал шарт1азухъ. Бокьилаан гьезул х1акъалъулъ бицани.

- Интернаталде дица росана ц1иял кроватал, т1ад т1амизе ургал, юргъанал, покрывалал, гьединго щивав чи рик1к1ун к1и-к1и комплект бельеялъулги, цебе анир рук1арал хварал, басриял, х1алт1изарун бажариялдаса арал рук1инги х1исабалде босун.

Занятиял лъуг1ун хадуб лъимал жидерго общежитиялде рач1индал, рукъалъулаб г1адаб ах1вал-х1ал бук1инебилан, гьезие х1ухьбахъи гьабизе къач1ана цо рукъ, добе-анибе щун г1одоб паласги т1амун. Лъуна гьениб дирго кабинеталъуб бук1араб диван, телевизор. Горда рана ц1иял гьинал. Г1исинал  классазде хьвадулел лъималазул рак1 бохизейилан лъуна гьенир тамахал расанк1абицин. Санаг1алъи гьеч1олъи бук1ана лъималазе гьумер-к1ал чуризе бак1 гьеч1олъиялъул. Гьебги х1исабалде босун, жаниб хинаб, ц1орораб лъимги ч1езабун гьабуна гьезие какие чуризе бак1 ва чвердезе бокьани душевая. Гьелъ рес кьолеб буго какал разеян къват1ире унел рук1арал лъималазе ва гьел рач1инег1ан гьезул ургъалида йик1уней йик1арай нянкаялъе рек1ее  рах1ат щвезе ва жалго лъималазе квег1енлъиги рах1атги бук1ине. Гьаниб жанибго гьабуна лъималазе къасисел занятиял гьаризе бак1ги. Хал  гьабураб мехалда, гьаб кколеб буго киналго квег1енлъаби жанир ругеб цо квартира г1адаб бак1.

Интернаталда ругел лъималазе гуребги, т1олабго школалдего хьвадулел лъималазе, лъималазул улбузул кумекалдалъун ч1езабун буго к1удияб  переменаялъ кваназе хинаб квен. Гьелда гьоркьоса гьан, ччуг1а, г1анк1у цояб гуреб, цуябниги камураб заман киданиги бук1унаро. Рук1уна рахьдалал ниг1маталги. Гьедин гьабиялъ рес кьолеб буго, лъималазухъ рук1унел рук1арал щибго пайда гьеч1ел чипсал, бата-батараб гьуинлъаби  кванач1ого, гьел жидеего пайдаяб т1аг1амаб квен кванан г1орц1изаризе. Гьеб гуребги, радал  школалде рач1аралдаса, дарсал лъуг1ун  хадубги лъимал рук1уна бат1и-бат1иял кружоказда саг1ат 17 ва 18 т1убазег1анги. Къаденахъе кваназариялъул санаг1алъи буго  щибго ургъел гьеч1ого  х1ажатабг1ан заманаялъ лъимал школалда ч1езариялъеги.

- Гьебгощинаб ц1ияб х1алт1и гьабиялъе школалъе г1арац биччан бук1ун батилаха?

- Т1оцебесеб иргаялда босани, дица спонсорал ралагьана, к1иабизе босани, дирго цо-к1иго моц1рол харж дица, х1алт1и релъиналъе школалъе садакъадуй тана. Лъималазе хинаб квание  г1арац жалго умумузухъа бак1арана, узухъда, гьезул разилъиялдалъун. Гьебги ц1акъго г1емерго гуро, моц1ие 100-150 гъурущ.

- Нек1огоялдаса бицунеб буго гьаниб ц1ияб школа базе бугилан. Гьеб уяб бугищ?

- Школа базе бихьизабун буго федералияб программаялда рекъон. Цо-цояз абуна ц1ияб школа базе бихьизабун бугелъул, дуе гьаб х1алт1и гьабун щайилан . Амма гьеб гьаб соналда бук1унареблъи х1акъаб жо буго. Дида к1оларо школа ц1ияб  базе бугилан х1алт1и гьабич1ого ч1езе. Ц1ияб базе бугеб школалда ц1иял лъималги  ц1алила, щай жакъасел лъимал ц1алиялъе ва рук1а-рахъиналъе х1ажалъулел шарт1алги гьеч1ого рук1ине кколел? Гьединлъидал кида бан бахъинебали лъалареб  ц1ияб школалъухъ балагьун ч1еч1ого дун къеркьолей йиго гьабсаг1аталда бугеб школалде, дихъа бажарухъе, х1алт1и гьабизе, ва гьабсаг1аталда ц1алулел ругел лъималазе лъик1ал шарт1ал ч1езаризе.

- Салих1ат, ЕГЭ, ОГЭ нужер ц1алдохъабаз кин кьураб. Цересел соназде данде ккун гьел лъик1ищ яги квешищ арал?

- Абизе ккола нижер ц1алдохъабаз лъик1ал х1асилалгун кьунилан. Школалдаго цо ц1алдохъанасе гурого к1ийил ккеч1о. К1иабилеб нухалдасан гьесги кьуна. Анц1ила цоабилеб классалда нижер вук1ана 3 медалист, хут1аралги, г1емерисел «4» ва «5»  къиматазда ц1алулел рук1ана.

Ич1абилеб классалъул ц1алдохъабазда гьоркьоб  цонигиясе к1ийил ккеч1о, к1игояз кьуна г1иц1го щуйил къиматазда.

- Дуца  бицунелъухъ г1енеккидал, бич1ч1улеб буго школалъул г1езег1ан цебет1ей бук1ин. Гьелъие г1олон нуж г1езег1ан х1алт1ун ратилаха?

- Школалда ц1али цебет1еялъе лъик1ал х1асилал ккеялъе г1иллагун дица рик1к1уна гьениб щибаб анкьил талат къоялъ ц1алул ва г1адлу низамалъул х1асилал гьарулел рук1ин.

Бергьараб классалъе кубок, баркала загьир гьабулеб бук1ин. Гьеб гуребги, школалда т1обит1улеб бук1ана «Бищунго классный класс» абураб конкурс. Гьелъ к1удияб турк1и кьуна школалда ц1али ва г1адлу-низам лъик1лъизабиялъе. Конкурс бикьун бук1ана 2 группаялде: 5-8 ва 9-11 классазда гьоркьоб. Гьелда гьоркьобе бачун бук1ана ц1али, г1адлу-низам, рац1ц1а-ракъалъи, школалъул форма, ай кинабго ц1али цебехун бачиналъе х1ажатабщинаб.

Гьелъ гъира базабуна ц1алдохъабазулги, муг1алимзабазулги лъик1аздаса лъик1аллъун рук1ине. Гьедин, конкурсалда 5-8 классазда  гьоркьоб т1оцебесеб бак1алъе мустах1икълъана Г1алиева Зарипатица нухмалъи гьабулеб 8 класс, ч1ах1иял классазда гьоркьоб бергьана Мух1амадова Пат1иматица нухмалъи гьабулеб 9 класс.

Рак1алда буго бач1унеб соналдаги гьединалго конкурсал т1орит1изе, т1оцебесеб классалде унезе халат бахъинабураб къоялъул группа рагьизе. Гьелъги рес кьезе буго  ц1алдохъабазулъ жеги ц1ик1к1ун ц1алуде гъира базабизе, т1оцебесеб классалде унел лъимал доре-анире инч1ого учителасул берда цере рук1ине.

- Ахираб заманалда школазда  билъанхъизабулел буго ц1алдохъабазда гьоркьоб жидецаго жидеего нухмалъи гьабулеб къаг1ида  (ученическое самоуправление). Нужер школалда кин бугеб?.

- Нижер школалдаги ихтияр кьола ц1алдохъабазе ц1алулгун тарбия кьеялъул х1алт1и гьабулелъул, жалго жидедаго ч1ун жидеего данде кколеб план г1уц1изе, школалъул г1умруялда хурхарал суалал жидецаго т1аразаризе, жидеего рокьарал тадбирал гьаризе, жидецаго гьарурал ишазе жидецаго  жаваб кьезе, сундулъго жавабчилъи  бук1инабизе.

Араб соналда школалда т1обит1ун бук1ана, лъица бищунго лъик1 жидеего нухмалъи  гьабиялъул иш г1уц1улебали лъазелъун конкурс.  Нижер цо  ц1алдохъаналъ школа цо  пачалихъалде сверизабун бук1ана. Вищун вук1ана президент, киналниги ихтиярал, законал ц1унулел органал. Ургъун бук1ана пачалихъияб гимн, герб, байрахъ. Ц1алиги бачунеб бук1ана гьеб пачалихъалъул законазда рекъон. Цевет1урав президентлъиялде щвезег1анги  борхалъуде вахунев вук1ана. Рак1алда буго гьаб соналдаги гьединал конкурсал т1орит1изе. Гьездасан лъик1абщинаб босун школалда билъанхъизабизе. Рак1алда буго гьелъги лъик1аб х1асил кьезе. Лъималазде жидедего жавабчилъи т1аде бегизабуни, гьезие эркенлъи кьуни, рес гьеч1о х1асил ккеч1ого бук1ине.

- Салих1ат, баркала гара-ч1вариялъухъ. Нужее гьабулелъе бит1 ккаги.

Н. Г1алиева.            

Просмотров: 610 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz