Четверг, 18.04.2024, 06:48 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Март » 3 » РАЙОНАЛЪУЛ БЕТ1ЕРАСУЛ ПРИЗАЗЕ Г1ОЛО ТУРНИР.
22:35
РАЙОНАЛЪУЛ БЕТ1ЕРАСУЛ ПРИЗАЗЕ Г1ОЛО ТУРНИР.

Лъик1аб г1адатлъун лъугьун буго санайил росабазул командабазда гьоркьоб, щибаб февраль моц1алъ районалъул бет1ерасул призазе г1оло волейболалъул рахъалъ турнир т1обит1и. Гьеб турнир ккола районалъул спорт, хасго волейбол бокьулезул бищун жинде интерес ц1ик1к1аразул цояблъун. Нилъер районалда гьеб т1обит1улеб буго 2002 соналдаса байбихьун. Гьеб заманалда жаниб турниралда бергьана г1иц1го ункъго бат1ияб росдал команда. Исанаги 18-19 февралалда Хунзахъ Р. Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спорткомплексалда т1обит1ана турнир, гьелда г1ахьаллъи гьабуна кинабниги анлъго командаялъ.

Турнир рагьулаго гьелъул г1ахьалчаг1азе саламги кьун, к1алъазе рахъана районалъул бет1ерасул заместителал Х1амид Гьит1инов ва Асадг1али Г1абдуразакъов, районалъул волейболалъул президент Ах1мадов Мух1амад, оргкомитеталъул председатель Г1абдулкъадир Х1айдарбегов ва цогидалги. Гьел киназулго к1алъаял рук1ана г1олилал гьекъолди, хъалиян ц1ай ва наркотикал х1алт1изари г1адинал заралиял пишабаздаса рик1к1адги ч1ун, спорталда т1ад ч1езе ах1арал. Гьединго бицана жакъа районалъул нухмалъиялъ спорт цебет1еялъе гьабулеб бугеб х1алт1ул. Турнир рагьи берцин гьабун бук1ана Г1амирханов Расулица куцарал гьит1инал акробатазул церерахъиналъги. Хадуб байбихьана х1аязде. Х1аязул х1алуциналъухъ ва балагьаразул гъира базабиялъухъ балагьун бихьулеб бук1ана командаби лъик1 х1адурун рук1ин. К1иго къоялъ халат рахъарал х1аязул х1асилалда финалалде рач1ана Хунзахъ ва Т1ануси росабазул командаби. Районалда бищунго лъик1аллъун рик1к1унел к1иябго росдал волейболистазул финалияб х1аялъухъ балагьизе рач1араз занк1ун ц1ун бук1ана зал. Гьезул къеркьей байбихьудасаго х1алуцана, к1иябго командаялъ х1ай бачунеб бук1ана махщалида ва г1уц1адго. Гьединаб х1алуцараб х1аялда 2:1 х1исабгун зах1матаб бергьенлъи босана Хунзахъ росдал командаялъ. Лъабабилеб бак1 щвана Гьамущи росдал командаялъе.

Чемпионлъун бахъараб ва хадусеб бак1 ккурал командабазе кьуна кубок, рекъон кколел даражаялъул медалал, грамотаби ва г1арцулал сайгъатал. Турнир къалаго к1алъазе рахъарал хундерил бегавул Т1алх1атов Хизрица ва турниралъул спонсор Къадиев Мух1амадица киназдаго баркана щварал бак1ал ва т1оцебесеб бак1 босараб хундерил командаялъе жидерго рахъалдасан сайгъатал кьуна. Гьединго хасал сайгъатал кьун к1одо гьаруна турниралъул щибаб номинациялда ч1ел босарал х1алелги: бищун лъик1ав игрок-Х1асанов Мух1амад (Т1агьада); бищун лъик1ав гьужумалъулав-Гъайрбегов Гьит1ин (Хунзахъ); бищун лъик1ав защитник-Г1абдулмаликов Мурад (Гьамущи); бищун лъик1ав распасовщик-Хат1ипов Мух1амад (Т1ануси). Ахиралдаги турниралъул оргкомитеталъул председатель Х1айдарбегов Г1абдулкъадирица цойги нухалъ баркана командабазда гьезие щварал бак1ал ва баркала кьуна т1адег1анаб даражаялъул турнир г1уц1изе квербакъаразе.

И. Мух1амадов.

Просмотров: 446 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz