Гьал г1агарал къоязда районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповасул нухмалъиялда гьесул заместителаздасан росдал маг1ишаталъул, ветеринарияб хъулухъалъул специалистаздасан г1уц1араб х1алт1улаб къукъа щвана Бабаюрталъул, Хасавюрталъул ва Кизилюрталъул зонабазда ругел росдал маг1ишаталъул предприятиязде, ц1ехана къвариг1араб-таралъул, маг1ишатазда ругел г1унгут1абазул. Анкьил т1оцебесеб къоялъ гьел щвана Бабаюрт районалда ругел Т1ануси «Машгьурал г1адамал», Г1орут1а ва цогидал хъутабазде. Хал-шал гьабуна хасалиде маг1ишатаз гьабураб нахъраталихъ, складазде бараб т1орщалихъ, цо-цо маг1ишатазда бак1арулеб бугеб пиринч1алъул бач1ин кин бугебали. Гьединго гьел щвана г1иял къавабазде, боц1ул фермабазде, г1и-боц1ухъаби жанир ругел рукъзабахъе. Киналго маг1ишатазул г1унгут1аби г1емерисел релъарал ратана. Г1арцулал сурсатал гьеч1ого къач1ач1ого ратана цо-цо къаваби, бан лъуг1ун батич1о Херехьдерил боц1ул ферма. МТФ-язе х1ажат буго ремонт, лъай кьеялъул учреждениязе шарт1ал, г1адатиял г1адамазе х1акимзабазул жидедехунго т1алаб-агъазалъулаб бербалагьи. Нахъисеб къоялъ маг1арухъа г1ат1иракьалде рач1арал гьалбал щвана Хасавюрт зонаялда бугеб Г1оч1ло гъутаналде. Хал гьабуна гьениб бан бугеб рахьдал ниг1матал къват1ире риччалеб цех кин х1алт1илеб бугебали. Бихьана гьениб лъик1аб кефир, рахь ва цогидал рахьдал ниг1матал къват1ире риччалеб ахирисеб т1алабазул техникаялдалъун хьезабураб цех г1уц1ун бук1ин. Гьедин кинал ресал, нухал ратунги х1алт1улезе районалъул бет1ерас баркала кьуна, нахъе ккарал аб гьеч1о доб гьеч1оян гаргадилел рук1унел нухмалъулезда лъик1 х1алт1улездаса мисал босейилан т1адги къана.
Г1аммаб къаг1идаялъ босани, гъутабазде гьабураб сапар ана киназего пайдаяб, ишалъулаб ах1вал-х1алалда. Районалъул бет1ерас иш т1аде кколел идарабазе ч1ванкъот1арал т1адкъаялги гьарун, рихьизаруна г1унгут1аби лъуг1изариялъе нухал, гьабуна жидедасан бач1араб кумек, раг1и кьуна лъик1 х1алт1улел маг1ишатазе хадубккунги кумек-квербакъи гьабизе.
У. Къурамух1амадова.
|