22 февралалда Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана районалъул терроризмалде данде къеркьеялъул комиссиялъ 2016 соналда гьабураб х1алт1ул х1исаб кьураб данделъи. Гьениб г1ахьаллъи гьабуна райадминистрациялъул х1алт1ухъабаз, республикаялъул АТКалъул муг1рузулаб территориалияб округалда вугев вакил Сайпудин Сайповас, районалъул прокурор Рамазан Г1умаровас, полициялъул начальникасул ишал т1уралев Мух1амад Мух1амадовас, росабазул бегавулзабаз, диниялгун жамг1иял х1аракатчаг1аз ва цогидазги. Данделъи нухда бачана х1инкъи гьеч1олъиялъул рахъалъ районалъул бет1ерасул заместитель Х1амид Гьит1иновас. Араб соналъ комиссиялъ гьабураб х1алт1ул х1исаб кьун, к1алъазе вахъана Х1амид Гьит1инов. Жиндирго докладалда гьес бицана районалда ч1ара-хьараб жамг1иябгун политикияб ах1вал-х1ал бугилан ва араб соналда криминалияб ах1вал-х1алалъул бицинег1ан хиса-баси ккеч1илан. Амма мадугьалихъ ругел цо-цо районазда гьеб рахъалъ зах1матаб х1ал бук1иналда бан, гьенисан нилъер районалдеги динияб экстремизмалъул в терроризмалъул т1иралаби щвеялъул х1инкъи бугилан. Аслияб х1инкъи бугила къват1исел пачалихъазда ругел, розыскалда вугев 10 чи районалде т1ад вуссунги вач1ун, гьез гьанибги жидерго идеология т1ибит1изе рес бук1иналъул. Гьединго уголовнияб кодексалъул лъабго статьялда рихьизарурал такъсирал гьаруралъухъ розыскалда вуго Г1ахьвахъ районалъул Т1адмагъилъ росулъ гьавурав, гьабсаг1аталда Гьоц1алъ хъвай-хъваг1ай гьабун вугев Х1ажиев Х1ажимурад. Гъоркьисала т1обит1араб хасал тадбиразул х1асилалда Г1орот1а ккун вуго динияб экстремизмалъул рахъ кколел ва федералияб розыскалда ругел г1адамал рахчизе квербакъарав 4 чи. Розыскалда вугев к1иго чи ч1ванги вуго. 34 чи лъун вуго жанисел ишазул Хунзахъ райотделалъул учеталда. Гьезда гьоркьоса районалда г1умру гьабун вуго 14, улка бахун къват1ивехун-10, тамих1алде ц1ан руго 10 чи. Районалда г1умру гьабун ругезда хадуб хасаб бербалагьи ч1езабун буго ва зама-заманалдасан гьезулгун бич1ч1икьеялъулаб х1алт1и гьабула.
2016 соналъ т1обит1ун буго комиссиялъул 5 данделъи, гьениб гьоркьоб лъун буго 16 суал. Районалда тасдикъ гьабун буго г1адамал терроризмалдасагун экстремизмалдаса ц1униялъул мурадалда бич1ч1икьеялъулаб х1алт1и гьабиялъул план. Гьединабго х1алт1и гьабулеб буго мекъаб идеологиялде гъорлъе ккеялда х1инкъи бугел г1адамазулгунги. Араб соналъ гьединаб къокъаялъулгун гьабун буго 81 гара-ч1вари. Диниял х1аракатчаг1игун цадахъ 272 тадбир т1обит1ун буго лъай кьеялъул учреждениязда. Араб соналъ районалъул СМИяздасан къват1ибе кьун буго 180 материал. Телевидениялдасан бихьизабун буго 87 материал ва республикаялъул печаталъулгун информациялъул министерствоялъ лъик1аллъун рихьизарурал 25 фильм ва ролик. «Росдал зах1матчи» газетаялда «Антитеррор» абураб рубрикаялда гъоркь бахъун буго 33 макъала, интернеталда лъун буго 41 материал.
Умумузул г1адатал ц1униялъе ва гьел г1ун бач1унеб г1елалда малъиялъул мурадалда т1орит1ула маданияталъулгун лъай кьеялъул тадбирал. Диниялги т1алъиялъулги вакилзабиги г1ахьаллъун т1орит1ула г1олилазулгун дандч1ваял. Г1емерал г1адамал данделъулел бак1азда, учреждениязда т1ирит1изарула т1ахьал, буклетал, брошюраби ва цогидалги къват1исеб рекламаялъул алатал.
Терроризмалда данде ч1араб темаялда школлъималазда гьоркьоб т1орит1ана бат1и-бат1иял конкурсал. Сентябралда районалъ жигараб г1ахьаллъи гьабуна республикаялъулаб даражаялда т1обит1улеб бук1араб месячникалда. Гьелда рекъон районалъул киналго школазда т1орит1ана «Экстремизму-нет», «Осуждаем терроризм» абурал цогоял дарсал, гьединго 3 сентябралда т1орит1ана Бесланалда ккарал пашманал лъугьа-бахъиназул къурбанал рак1алде щвезариялъул митингал.
Жакъа районалда руго 14-30 соназда ругел 8600 ц1ик1к1ун г1олилал. Ц1айи бугеб х1алт1и гьабулеб буго гьел рух1иябгун моралияб ва патриотикияб къаг1идаялда куцазе. Санайил т1обит1ула районалъул студентазулгун г1олилазул форум. Гьелъул мурад буго г1елму-лъаялдехун, ц1алудехун ва спорталдехун гьет1и бугел г1олилазда квер ч1вай.
Сайпудин Сайповас бицана мекъаб идеологиялде гъорлъе ккарал г1адамазул г1ага-божараз гьел рахчулел ругилан. Бегавулзабазда гьарана жиде-жидер росабалъ щибаб рокъореги раккун, гьединал г1адамал т1атинариялъе мух1канаб хал-шал гьабеян. Гьединго эбел-эмен ах1ана жидерго лъималазда хадуб халкквезеги.
Данделъи ана пайдаяб ва цоцада рич1ч1иялъул ах1вал-х1алалда.
И. Мух1амадов
|