Среда, 24.04.2024, 02:26 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Февраль » 11 » РАЙОНАЛЪУЛ АТКЯЛЪ Х1АЛТ1УЛ Х1ИСАБ КЬУНА.
21:11
РАЙОНАЛЪУЛ АТКЯЛЪ Х1АЛТ1УЛ Х1ИСАБ КЬУНА.

1 февралалда райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана районалъул терроризмалда данде къеркьеялъул комиссиялъ 2017 соналда гьабураб х1алт1ул х1исаб кьеялъул данделъи.

Данделъиялда г1ахьаллъи гьабуразда гьоркьор рук1ана районалъул нухмалъулесул заместителал: Х1амид Гьит1инов ва Асадг1али Г1абдуразакъов, прокурор Рамазан Г1умаров, полициялъул начальникасул ишал т1уразарулев Мух1амад Мух1амадов, росабазул бегавулзаби ва цогидалги.

Араб соналъ районалъул АТКялъ гьабураб х1алт1ул докладгун т1оцеве к1алъазе вахъана комиссиялъул секретарь Гьит1инов Х1амид. Жиндирго докладалда гьес бицана районалда ч1ара-хьараб жамг1иябгун политикияб ах1вал-х1ал бугилан ва араб соналъ криминалияб ах1вал-х1алалда сверун бицинег1ан хиса-баси кеч1илан.

Аслияб къаг1идаялъ районалъе х1инкъи бугеблъун кколеб буго гьабсаг1аталда къват1исел улкабазда ругел ва ихтиярал ц1унулел идарабаз ралагьулел ругел районалдаса 12 чи т1адруссине бегьиялъул х1ужа.

2017 соналда жаниб т1обит1ун буго комиссиялъул 4 данделъи ва гьениб гьоркьоб лъун буго терроризмалдегун экстремизмалде данде къеркьеялда хурхараб 15 суал. Районалъул администрациялъ терроризмалъулгун экстремизмалъул идеологиялда данде къеркьеялда хурхун г1уц1ун буго хасал профилактикиял тадбиразул план-график. Гьединго х1адурун буго мекъаб идеологиялда гъоркье ккарав яги ккезе рес бугев щибав чиясулгун бат1аго х1алт1и гьабиялъул графикги. Гьеб графикалда рекъон х1алт1улаб къокъаялъ хасаб х1алт1и гьабулеб буго мекъаб нухде гали бегьизе рес бугел г1адамазулгун ва РФялъул УКялъул 208 статьялда рекъон тамих1алде ц1аразул цебесеб г1агарлъигун. Гьедин араб соналъ гьел г1адамазулгун т1обит1ун буго 93 профилактикияб гара-ч1вари. Х1алт1улаб къокъаялъ районалъул рух1иял церехъабигун цадахъ лъай кьеялъул г1уц1абазда т1обит1ун буго г1ун бач1унеб г1ел дин ялъуни миллат бат1иял г1адамаздехун берцинго рук1ине кколеблъиялъул бицарал 160 тадбир. Гьеб темаялда хурхун районалъул СМИяздасан къват1ибе кьун буго 313 материал, бак1алъулаб телевидениялдасан бихьизабун буго 86 передача ва республикаялъул Печаталъулгун информациялъул министерствоялъ лъик1аблъун бихьизабураб 20 фильм ва ролик, районалъул газеталде «Антитеррор» абураб рубрикаялда гъоркь бахъун буго 30 макъала, интернеталдаги лъун буго 41 материал.

Умумузул г1адатал ва х1акъикъияб дин ц1униялъе ва гьеб г1олилазда к1оченч1ого бук1инелъун т1орит1ула маданияталъулгун лъай кьеялъул тадбирал. Диниялги т1алъиялъулги вакилзабиги г1ахьаллъун т1орит1ула г1олилазулгун дандч1ваял. Гьеб бут1аялда к1удияб х1алт1и гьабулеб буго Хунзахъ районалъул жамг1ияб г1уц1иялъги. Г1емерал г1адамал данделъулел бак1азда, учреждениязда т1ирит1изарула т1ахьал, буклетал, брошюраби ва цогидалги къват1исеб рекламаялъул алатал.

Жакъа къоялъ районалда терроризмалъул г1уц1аби яги гьезие г1арац бак1ариялъул, динияб фанатизмалъул ва миллатазда гьоркьосеб даг1ба-раг1иялъул х1ужаби гьеч1о. Районалда буго 53 мажгит ва 1 мадраса, гьенир ц1алулел руго Дагъистаналъул бат1и-бат1иял районаздаса жидер школаги лъуг1арал 43 лъимер. Киналго мажгитазул имамзаби руго динияб идараялъ тарал ва салафизмалъул рахъалдехун гьет1арал мажгиталги районалда цониги гьеч1о.

2017 соналъул ахиралдехун щварал баяназда рекъон 44 чи лъун вуго жанисел ишазул Хунзахъ райотделалъул учеталда. Гьезда гьоркьоса районалда г1умру гьабун вуго-16 чи, тамих1алде ц1ун вуго-13, Сириялда вуго-9, район тун къват1ирехун вуго-3, улка бахун къват1ирехун вуго 3 чи. 2017 соналда 26 маялда ва 13 августалда Г1орут1а росулъ лъазабун бук1ана КТО. 13 августалда гьабураб хасаб операциялъул х1асилалда ч1вана «Хунзахъ» бандформированиялъул бет1ер Х1ажиев Х1ажимурад Х1ажиевич. Гьединго уголовнияб жавабчилъиялде ц1ана 1965 соналъ гьаюрай, Г1орут1а росулъ г1умру гьаюн йигей Мух1амадх1абибова Саймаъ Х1усеновна, 1993 соналъ Г1орут1а росулъ гьавурав Г1усманов Зубаир Мух1амадрасулович ва 1958 соналъ Советское районалъул (гьанжесеб Шамил район) Т1елекь росулъ гьавурав, гьабсаг1ат Т1ануси г1умру гьабун вугев Жалилов Г1абдула.

Жакъа районалда руго 14-30 соназда ругел 8600 ц1ик1к1ун г1олилал. Ц1айи бугеб х1алт1и гьабулеб бугила гьел рух1иябгун моралияб ва патриотикияб къаг1идаялда куцазе. Санайил т1обит1ула районалъул студентазулгун г1олилазул форум. Гьелъул мурад буго г1елму-лъаялдехун, ц1алудехун ва спорталдехун гьет1и бугел г1олилазда кьер ч1вай.

Данделъиялда ах1вал-х1ал х1алуцинабуна районалъул т1алъиялде ва рух1иял церехъабазде г1айибги гьабун Г1орут1а росдал бегавул Мух1амад Мух1амадрасуловас гьабураб к1алъаялъ. Гьес абуна районалъул имамас жидер росдаде бук1ине кколеб к1вар кьолеб гьеч1илан. Гьесул раг1абазда рекъон росдал дибирас жамаг1ат мекъаб нухдехун ц1алеб раг1ула ва лъихъаниги дибир хисунги бажарулеб гьеч1ила. Бегавуласул критикаялъе жаваб гьабурал районалъул имам Мух1амад Бац1аловас ва докладгун цеве вахъун вук1арав Х1амид Гьит1иновас абуна росулъ гьединаб ах1вал-х1ал лъугьин т1оцебесеб иргаялда бегавуласул г1айиб бугилан. Палх1асил, ах1вал-х1ал ц1акъго х1алуцинехъин бук1ун данделъи нухда бачунез х1укму гьабуна хадусеб суалалде рач1ине.

Гьединго данделъиялда борхана кват1ич1ого рук1ине ругел улкаялъул президентасул рищиязде х1адурлъиялъул суалги. Гьелда хурхун жамг1ияб г1адлу-низам ц1униялъул бицана районалъул ОМВДялъул начальникасул ишал т1уразарулев Мух1амад Мух1амадовас. Гьесул раг1абазда рекъон районалда г1уц1ун буго 57 участкаялъулаб избирательнияб комиссия. Гьездасан 43 буго районалда, 14-гъутабазда. Амма гьезул г1емерисел данде кколел гьеч1ила рихьизарурал нормабазде. Лъун гьеч1о видеокамераби, гьеч1о ц1а ккеялдаса ц1униялъул система ва цогидалги шарт1ал. Гьел киналго г1унгут1аби лъуг1изаризе кколел руго 10 февралалде щвелалде. Цо-цо росабалъ ругел рищиязул участокал рахъинаризе кколел руго бат1иял минабахъе. Рищиял т1орит1улеб къоялъ минабаздалъунги цогидаб къвариг1унеб техникаялдалъунги бажарараб кумек гьабилин абуна лъай кьеялъул отделалъул начальник Залимхан Г1умаровас.

Данделъи ана пайдаяб ва цоцада рич1ч1иялъул ах1вал-х1алалда.

  • Мух1амадов.
Просмотров: 539 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz