Гьал г1агарал соназда нилъер республикаялда ва районалда рак1 унтарал г1олилаз, школлъималаз-активистаз ва цогидазги ц1ик1к1аразе, лъимал-инвалидазе кумек гьабулаго, субботниказулъ г1ахьаллъи гьабулаго дагь-дагьккун кьуч1 лъуна районалда волонтеразул багъа-бачариялъе.
2015 соналъ нилъер районалъул волонтеразул хъулухъалъе щвана «Волонтеразул багъа-бачари-муг1рузул лъимал» абураб официалияб ц1ар. Гьелъ нухмалъи гьабулеб буго райадминистрациялъул г1олилазул ишазул рахъалъ специалист Мух1амадов Мух1амадица. Жакъа къоялъ районалда вуго г1ага-шагарго 120 волонтер, гьел ккола школлъимал ва г1олилал. Гьез г1ахьаллъи гьабула Т1олгороссиялъул «Хвел гьеч1еб полк», «Хъах1ал къункъраби» акциязда, г1олилазул форумалда, субботниказда ва цогидалги тадбиразда. Гьезулго кумекалдалъун бат1и-бат1иял темабазул акциял т1орит1улаго г1адамазда гьоркьор т1ирит1изарула брошюраби, бак1-бак1азда рала баннерал.
Районалъул администрациялъул ва Россиялъул Жамг1ияб палатаялъул член Султан Х1амзатовасул х1аракаталдалъун араб соналъул 22 июналда Ц1ада мемориалияб комплексалда т1обит1ана К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьаралдаса 75 сон т1убаялда хурхун пашманлъиялъул ва рак1алде щвеялъул тадбир. Гьенибги жигараб г1ахьаллъи гьабуна волонтераз, гьезул х1аракаталдалъун радакь саг1ат ункъгоялда азаргог1ан чи вак1арана, ветераназе кумек гьабуна гьенире рач1инеги.
К1удияб бут1а лъуна волонтераз наиб Х1ажимурад гьавуралдаса 200 сон т1убаялъул юбилей т1обит1иялдаги. Гьез кумек гьабуна гьалбал къабул гьаризе, гьезухъе тадбиралъул программаби щвезаризе, ва цогидалъеги.
Районалъул волонтеразул х1аракатчилъиялъ гъорлъе бачуна чанго рахъ. Гьениб буго-социалияб рахъалъ ц1унич1ел, унта-щокълъарал, ресукъал, т1алаб-агъаз гьабизе чи гьеч1ого хут1арал, г1умруялъул зах1матаб х1алалде ккаразе кумек гьаби; -сахаб г1умруялде, сверухъ бугеб т1абиг1ат ц1унизе ва г1олилаздагун лъималазда гьоркьор раккулел ругел заралиял пишабаздаса ц1уна-къай гьабиялде г1олилал ах1и; -спортивиялгун культуриял ва цогидалги социалияб к1вар бугел тадбирал г1уц1иялъулъ г1ахьаллъи гьаби, туризм цебет1еялъулъ ва т1абиг1иял памятникал ц1униялъулъ квербакъи гьаби; -жанисел ишазул органазе г1адлу-низам ц1унизе ва т1аг1арал г1адамал ралагьизе кумек гьаби.
Г1олилазул багъа-бачари ккола жамг1ияб ах1вал-х1ал лъик1лъизабизе квербакъулеб къаг1идабаздасан цояблъун.
Гьелъ рес кьола щивав г1олиласда умумузул г1адатал рак1алде щвезаризе. Умумузул заманалда волонтерал абураб раг1и бук1инч1ониги, кидаго бук1ана бараб ах1улъги ах1араб бодулъги ратулеб г1адатги, гьит1иназул хъатирги, к1удиязул адабги.
И. Мух1амадов.
|