Газалъулги, ракьазулги, щивасда т1адаб жавабчилъиялъулги
Дагьал церег1ан къояз районалъул администрациялда т1обит1ана иргадулаб г1ат1идаб совещание. Гьелда гьоркьор лъун хал гьабуна газ бачарал росабазул г1адамазул рокъо-рокъобе гьеб бачиналда ва бак1ал раялда ругел г1унгут1абазда хурхарал суалазул. Районалъул бет1ерасул ишал т1уралев Нурмух1амад Задиевас к1вар буссинабуна, цудунаб ва ц1орораб хасел бук1унеб маг1аруллъиялда ригьдаго щивасул рокъобе газ бачиналда т1ад росабазул бегавулзаби х1алт1изе ккеялде, лъица, щиб, киг1аналде гьабулебалигицин жеги г1адатал г1адамазда лъалеб гьеч1олъиялде. Жакъа къоялде районалъул газ бачарал росабалъ вуго 201 абонент (бук1ине кколеб х1алалъ счеталги рагьарал, кагъат-хъарщиялъул ишги роц1арал). Документация кин-щиб гьабизе кколебали бицун к1алъазе вахъана «Газпром межрегионгаз Мах1ачхъала» ОООялъул Хьаргаби-Хунзахъ участкаялъул начальник Муслим Султ1анов. Районалъул нухмалъулесул ишал т1уралес ч1ванкъот1арал т1адкъаял кьуна иш т1аде кколезе газил мухъаздаса рукъзабахъе гьеб бачиналъе гьаризе кколел х1алт1абазул мух1канго лъазабизе. 80 х1ужжа раг1ула т1алъиялъул росабалъ г1адамаз газил труба къот1ун, хвезабун зарал гьабураб. Гьебги, г1айибиялги т1атинарун, рук1алиде бачеян лъазабуна Задиевас.
К1иабилеб суал бук1ана бак1ал раялда хурхараб. Гьелдасан баянгун к1алъарав райархитертор М. Къебедовас бицана ракьал х1алт1изариялъул къанун хвезабун бараб чанги объект бук1иналъул, бет1ергьабаз, бегавулзабаз бук1ине кколедухъ ракьул кодекс ц1алулеб гьеч1олъиялъул.
«Районалда 24 росдал администрация буго жакъа къоялде. Нижеца х1адурун руго 12 ракьал х1алт1изариялъул правилаби, 15 генплан, 11 генплан лъуг1иялда буго. Щибаб росулъ буго благоустройствалъе тасдикъ гьарурал къаг1идаби. Амма жакъа къоялде бак1азда г1уц1араб х1алт1и заг1ипаб буго»-ян т1адч1ей гьабуна райархитекторас.
Щивасе ч1ванкъот1арал т1адкъаялги, г1унгут1аби лъуг1изаризе нухалги рихьизарун, г1одорч1аразул суалазе специалистаз жавабалги кьун лъуг1изабуна данделъи.
|