Дагьаб цебег1ан К1удияб Ват1анияб рагъул ва коммунист партиялъул ветеран Гьиматов Мух1амадрасулие К1удияб Октябралъулаб революция ккаралдаса 100 сон т1убаялде риччарал, КПРФалъул председатель Г. А. Зюгановас гъулбасараб медаль кьезе гьесухъе рокъоре ун рук1ана райадминистрациялъул вакилзаби. Гьезда гъорлъ рук1ана районалъул администрациялъул юрист, коммунист партиялъул член Г1абдулаев Х1асан, КПРФалъул районалда бугеб отделениялъул секретарь Абух1ов Къурамух1амад, ветераназул советалъул председатель Гъайирбегов Зубайр ва цогидалги. Киназго баркана ветеранасда гьесие щвараб иргадулаб шапакъат ва Ват1ан ц1унулезул къо-23 февраль. Мух1амадрасул Гьиматовичас бицана жиндирго г1умрудул нухлул ва баркала кьуна жив к1одо гьавуралъухъ.
И. Мух1амадов.
|