Пятница, 19.04.2024, 08:42 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Июль » 28 » РАЦ1Ц1АЛЪИ Ц1УНИЗЕ ККОЛА.
13:55
РАЦ1Ц1АЛЪИ Ц1УНИЗЕ ККОЛА.

Ункъабилеб сон сверулеб буго районалда САХ Благоустройство абураб г1уц1и х1алт1изе лъугьаралдаса. Гьеб заманалда жаниб г1уц1иялъ ц1айи бугеб х1алт1и гьабуна районалда рац1ц1а-ракъалъи ч1езабиялъе. Жакъа къоялда районалда рац1ц1а-ракъалъи ц1униялда хурхун бугеб ах1вал-х1алалъул, жидерго х1алт1и г1уц1ун бугеб къаг1идаялъул ва х1алт1улъ дандч1валел ругел зах1малъабазул нижее бицана г1уц1иялъул ц1ияв нухмалъулев Дибиров Мух1уца.

-Мух1у Г1умардибирович, сунда хурхараб бугеб нужер г1уц1иялъул х1алт1и, кинал ругел цере лъурал аслиял масъалаби?

-Нижер аслияб масъала буго районалда рац1ц1а-ракъалъи ч1езаби, ч1араб гъвет1-хералда хадуб хъулухъ гьаби ва сверухълъи берцинлъизаби.

-Кинаб даражаялда бугеб жакъа районалда рац1ц1алъи ц1униялъул иш?

-Бит1араб бицани, гьабсаг1аталда лъик1аб х1ал гьеч1о. Г1аммаб къаг1идаялъ г1адамазул гьеб суалалда хурхун кьуч1дасанго пикру хисизабизе к1ваниги районалъул нухмалъиялдаса Саг1ид Юсупов аралдаса нахъеги добго кьишни-къулалде сверизехъин буго район. Гьев бет1ерлъун вугеб мехалда кутакалда к1вар кьолаан рац1ц1а-ракъалъи ц1униялде. Щибаб моц1рол ахиралда т1орит1улаан субботникал, г1адамал ах1улаан рац1ц1алъи ц1униялде. Гьанже гьеб рахъалде г1ураб к1вар кьолеб гьеч1о, т1аса пача реханинги абун бичча-бихъан тун буго. Г1уц1абаз жидедаго сверухъ бугеб бак1гицин бак1арулеб гьеч1о, субботниказдеги ц1акъ дагьал гурони г1адамал рахъунел гьеч1о. г1адамазда рак1алде кколеб буго рац1ц1алъи ч1езаби г1иц1го районалъул нухмалъулесе г1оло гьабулеб жо бугилан. Щивав чиясе жиндирго рукъг1адин бокьизе ккола районги росу-ракьги, гьеб мехалда гурони г1адлу-низам лъугьинаро.

-Кинаб къаг1идаялда г1уц1ун бугеб нужер х1алт1и?

-Аслияб къаг1идаялъ нижер х1алт1и бук1уна хундерил т1алъиялда. Нижер киналниги руго 20 х1алт1ухъан, гьезде т1адеги сезоналъулал х1алт1ухъаби-2 лъалъадухъан ва 2 вецарухъан. Буго кьишни баччулеб, лъим баччулеб техника ва цо экскаватор. Нижеца хъулухъ гьабула 16 росдае. Щибаб росдал рук1уна гьенибе кьишни баччулеб машина хьвадулел хасал рихьизарурал къоял. Нижер х1алт1ухъабаз щибаб къойил бак1арула райцентралда бугеб аслияб къват1, анкьида жаниб 1-2 нухалъ бак1арула Бух1нат1аса Г1ободе щвезег1ан нухги. Гьедин нижер х1алт1ухъабазул цониги х1алт1изе рахъинч1ого ч1араб къо бук1унаро.

-Нилъер районалда кьишни-къулалъул утилизация гьабизе рес гьеч1ищ?

-Цох1о нилъер районалъе гуребги сверухъ ругел районазегицин ц1акъ лъик1аб х1алт1и бук1инаан гьеб. Амма гьеб буго ц1акъ багьа хирияб суал. Гьениб цадахъго бук1ине ккола кьишни бат1а гьабулеб ва гьелъул переработка гьабулеб цехги. Палх1асил, гьабсаг1ат улкаялдаги республикаялда финансазул бугеб зах1матаб х1алалда рекъон, г1агараб заманалда нилъер районалъе гьединаб жо щвей щакаб иш буго.

-Кинаб х1алт1и гьабулеб нужеца районалда ч1араб гъвет1-хералда хурхун?

-Гьабсаг1аталда нижер гъвет1-хералда хурхун гьабулеб х1алт1и гьеч1о. Г1араниб лъим гьеч1олъиялъ нижер лъим баччулеб машина гьеб росдал г1адамазе лъим ч1езабулеб буго. Исана ц1адал гьарзаяб рииги бугелъул, нижеца гъут1би жеги лъалъазе ккеч1о. Бух1араб рии бач1ун бук1арабани т1аде цоги машина балагьунги яги цогидаб нух батунги гъут1би лъалъазе кколаан. Жиде-жидер ракьалда ч1арал гъут1бузда хадуб хал-шал гьабизе т1адкъарал г1адамазги т1алаб гьабулеб гьеч1о.

-Илълъа маг1арда бугеб полигоналда цо-цо ц1а рек1ун бихьула, гьединго цо-цо кьишнидул къалал ц1езеги ц1ун сверухълъиги мусоралъул ц1ун бук1уна. Щиб дуца абилеб гьелда хурхун?

-Илълъа маг1арда бугеб полигоналда ц1а лъица бакулебали дида ч1ванкъот1ун абизе к1оларо. Лъик1аб бук1инаан гьениб хасав хъаравул тезе нижер рес рекъолебани. Гьенире зама-заманалдасан уна махх-к1ач бак1арулел г1адамал, гьезг1аги гъолеб батилаха ц1а.

Къалал ц1едал, гьел ч1ехьезе кват1иялъе г1илла буго цо-цо нижер машинаби хвей. Щибаб къоялъ х1алт1илеб бугеб техника хвеч1ого бук1инищха.

-Кинал ругел нужер х1алт1улъ аслиял зах1малъаби?

-Бищун аслияб зах1малъи буго г1ураб къадаралда техника гьеч1олъи. Нижее чара гьеч1ого х1ажат бугоан жеги цо мусор баччулеб машина ва хъулухъалъулаб машина. Цоги нижер х1алт1ухъабазе к1удияб квал-квал буго г1адамаз бегьулебги бегьуларебги кьишнидул къалахъе балеб бук1иналъул. Мисалалъе, рокъоб бух1изе бегьулеб кагъат-хъарщидул, ящиказул ц1ун рук1уна къалал ва гьез г1емераб бак1ги ккола. Гьединго камуларо цо-цо минаби ралеб ялъуни ремонт гьабулеб бак1алдаса бахъараб мусор къалазде жанибе бан, х1атта, магъилъе ч1ехьон ратарал х1ужжабигицин. Гьединал г1адамаздехун дир гьари буго, г1емераб къадаралда бугеб мусор, къалабахъе яги цоги цебеккараб бак1алде ч1ехьеч1ого, бач1инахъего полигоналде базе айилан.

-Ахиралдаги щиб дуца абилеб районцоязда?

-Т1оцебе бокьун буго газета гьоркьоб ккун киналго субботникалда г1ахьаллъи гьабулел г1адамазе ва к1вах1 тун х1алт1улел дирго х1алт1ухъабазе к1удияб баркала кьезе.

Районцоязда гьаризе бокьун буго рац1ц1алъиги нилъер берцинаб т1абиг1атги ц1унеян. Диналъги нилъ гьелде ах1улел ругелъул. Г1емер ккола г1адамаз т1абиг1аталде х1ухьбахъи гьабизе араб мехалда, жидедаго хадуб мусор бак1арич1ого тун батарал х1ужжаби. Гьеб жидерго рокъоса къват1иб лъугьаралдаса хадуб кибе баниги ургъел гьеч1о нилъер г1адамазе. Ч1ах1иязда гьаризе бокьун буго лъималаз г1одобе мусор рехулеб бихьани, гьезда гьеб бегьулареб иш бугилан бич1ч1изабеян ва жидецагоги рехугеян. Бищун цебе рокъосан, эбел-инсуца малъун кьезе ккола лъималазе гьединаб тарбия.

Нижеца дагьаб цебег1ан райцентралдаги Г1аранибги аслиял къват1азда ва г1емерал г1адамал рак1арулел бак1азда лъуна къогог1ан урна. Хьул буго гьелдалъунги чороклъи дагьлъилилан.

И. Мух1амадов

 

Просмотров: 542 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz