Гьабсаг1аталда х1алт1улеб бугеб законалда рекъон коррупциялда хурхун г1адлу-низам хвезабурал пачалихъиял ва муниципалиял хъулухъчаг1и х1алт1удаса нахъе рехи рик1к1уна г1адлияб тамих1алъул цо бут1алъун. Хъулухъчаг1и гьединаб тамих1алде ц1аялъе кьоч1ое росула 2004 соналъул 27 июналда бахъараб № 79 «О государственной гражданской службе РФ» ва 2007 соналъул 2 марталда бахъараб №25 «О муниципальной службе» федералиял законазул положениял.
Жинде божилъи хварав хъулухъчи х1алт1удаса вахъиялъе г1иллаби рихьизарураб сиях1 кьун буго №79 федералияб законалъул 59.2 статьялъул т1оцебесеб бут1аялда. Гьениб бихьизабун буго жинде божилъи хварав хъулухъчи х1алт1удаса вахъулила: -1.Хъулухъчияс жиндица мурадал ц1унулеб г1уц1иялъул рахъ ккун даг1ба-раг1иялда бугеб ах1вал-х1ал маслих1аталде бачиналъе тадбирал гьарун гьеч1они; -2.Хъулухъчияс жиндирго, хъизаналъул, санаде рахинч1ел лъималазул доходазул, мал-мулкалъул х1акъалъулъ баянал балъго гьарулел яги ургъунго мекъал баянал кьолел ругони; -3.Федералияб законалъ бихьизабич1еб коммерциялъулаб г1уц1иялда мухьги босун хъулухъчи нухмалъиялъул ишалда х1алт1улев вугони; -4.Гражданлъиялъулав хъулухъчияс предпринимательлъи гьабулеб бугони; -5.Россиялъул Федерациялда ругел къват1исел улкабазул коммерциялъулгун х1укуматалъулал гурел г1уц1абазул, гьезул Россиялда ругел г1уц1иялъулал бут1абазда попечительлъиялъулгун хъаравуллъиялъулал советазде гъорлъе гражданлъиялъулав хъулухъчи унев вугони; -6. Гражданлъиялъулав хъулухъчияс, хъизаналъ яги гьезул санаде рахинч1ел лъималаз къват1исел улкабазул Россиялда гьеч1ел банказда счетал рагьун, гьениб г1арац, цогидаб хазина ц1унун, къват1исел улкабазул финансаздаса пайда босулеб бугони.
Гьебго статьялъул к1иабилеб бут1аялда бихьизабулеб буго т1адехун рехсарал пунктазул цонигияб жиндир нухмалъиялда вугев хъулухъчиясул х1алт1улъ бихьарав ва гьеб т1аг1инабиялъе тадбирал гьарич1ев г1уц1иялъул вакилги жинде божилъи хваравлъун х1алт1удаса эркен гьавизе бегьулилан.
№25 Федералияб законалъул 27.1 статьялъул к1иабилеб бут1аялда рихьизарун руго муниципалияб хъулухъалдаса эркен гьариялъе г1иллаби, гьел цого руго пачалихъиял хъулухъчаг1азеги.
Коррупциялда хурхун ихтиярал хвезариялъухъ гьабулеб тамих1, гьелдаго гъорлъ жинде божилъи хвеялдалъун х1алт1удаса эркен гьари бараб бук1уна гьелдалъун ккараб заралалъухъ балагьун, х1исабалде росула цебехун гьесул х1алт1улъ рук1арал х1асилал, г1адлу-низам. Лъалеб жо, коррупциялде дандеч1еялъул закон хвезабурал ва гьелдалъун жидеде божилъи хвеялдалъун эркен гьаризе кколел жидеего бокьун х1алт1удаса нахъе унеллъи. Гьедин г1айибиялги тамих1алде ц1ач1ого коррупциялде дандеч1еялъул закон билъанхъизаби бит1араб гьеч1о. Гьединлъидал щибаб нухалъ х1алт1удаса эркен гьариялъул суал гьоркьоб лъезе ккола.
Р. Г1умаров, районалъул прокурор.
|