19 май-ккола Т1олгосоюзалъул пионериялъул къо. Гьаб ахирияб заманалда Россиялда гьеб къо СССРалъул заманалда г1адин г1ат1идго к1одо гьабулеб бук1инч1ониги, нилъер районалда гьеб к1одо гьабула щибаб соналда, хасго исанасеб Пионериялъул 95 сон т1убай ц1акъго х1урматияб къаг1идаялда т1обит1ана райцентралда.
Радалго районалъул росабалъа 300-ялдасаги ц1ик1к1араб къадар ц1алдохъабазул данделъана райадминистрациялъул к1алг1аялда цебе. Гьенисан байрахъалгун, зурма-къалигун гьел ана т1оцебе К1удияб Ват1анияб рагъда т1аг1аразул х1урматалда бараб ва хадуб В. И. Ленинил памятниказда цебе т1угьдузул горал лъезе. Гьенисан ц1алдохъаби рак1арана х1урматияб линейкаялде.
Т1оцебе ц1алдохъабазда райадминистрациялъул рахъалдасан Пионериялъул къо баркана райадминистрациялъул бет1ерасул заместитель Шамил Г1аммаевас. Пионеразул организациялъул 95 сонилаб юбилейги баркун, гьес ц1алдохъаби ах1ана кидаго кибго мисалияллъун рук1ине, лъик1 ц1ализе, х1алт1изе, кидаго цересезул кьеразулъ рук1ине. Октябратал, пионерал, комсомольцал,-ян абуна Шамилица,-кидаго къеркьола бигьаял нухал ралагьич1ого, зах1малъабиги къезарун церехун ине, цоцазе кумек гьабизе, гьудуллъи, вацлъи щула гьабизе. Тавфикъ кьеги нужее гьединаллъун рук1ине.
К1алъазе вахъарав районалъул лъай кьеялъул отделалъул начальник Залимхан Г1умаровас, пионеразул творчествалъул рукъалъул ветеран Г1аишат Дибирчуевалъ пионер абураб раг1ул маг1наги бич1ч1изабун бицана гьел г1агараб Ват1ан бокьулеллъун, росу-ракь хирияллъун рук1ине кколеблъиялъул. Пионераз К1удияб Ват1анияб рагъул заманалдаги, граждан рагъул фронталдаги к1удияб кумек гьабуна ч1ах1ияб г1елалда цадахъ лъугьун х1алт1изе, умумузул нухдасан ине. К1удияб Ват1анияб рагъул заманалда ц1акъго загьирлъана нилъер г1адамазул бах1арчилъи, Ват1аналде рокьи, гьелъие г1оло рух1 кьезеги х1адурлъи. Пионеразул гьунаралги рук1ана ч1ах1иязулго г1адал бах1арчиял. Лъида лъаларел Павлик Морозовасул, Валя Котикил, Леня Голиковасул бах1арчилъи.
Ч1ах1ияб г1елалъул пионеразул ц1аралдасан к1алъазе вахъарав Мух1удада Гьит1иновас рак1алде щвезабуна 1962 соналда пионеразул организациялъ 40 сон т1убаялда бан т1обит1улеб х1урматияб байрамалда живго пионерлъиялде восулев вук1араб заман. Гьеб къоялъ пионерасул ц1ар щвеялдаса жив вохун, ч1ухун вук1араб куцалъул. Доб заманалда пионерал гьеб ц1аралъе мустах1икъаллъун рук1ине къеркьолел рук1араб куцалъул.
Гьелдаса хадуб байбихьана лъимал пионерлъиялде росиялъул жавабияб лах1зат. Т1аде ах1арал гьалбадерицагун, ч1ах1иял классазул ц1алдохъабаз лъималазул горбода рана галстукал. Росана гьел пионерлъиялде. Гьелъ ц1алдохъаби ах1ана ц1иял гьунаразде, ц1иял ишазде, г1адлу-низам лъик1лъизабиялде гьудуллъи-вацлъи ц1униялде.
- киналго пионеразда Пионериялъул къо. Сахлъи, рохел, гьабулелъулъ бит1 ккей. Тавпикъ кьеги нужее «Кидалго х1адур руго» абураб ах1иялъе рит1ухъаллъун рук1ине.
Н. Г1алиева
|