Вторник, 23.04.2024, 14:28 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Сентябрь » 5 » ПЕДАГОГАЗУЛ АВГУСТАЛЪУЛАБ СОВЕЩАНИЕ.
22:52
ПЕДАГОГАЗУЛ АВГУСТАЛЪУЛАБ СОВЕЩАНИЕ.

Лъай кьолеб бак1 лъимералъе лъугьине ккола талих1алъул бак1лъун

Араб ц1алул соналъул х1асилалги гьаризе, бач1унеселда лъай кьеялъул х1алт1ухъабазда цереч1арал масъалабиги дандразе 26 августалда райцентралда Культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана районалъул педагогазул конференция.

«Хунзахъ районалда лъай кьей цебет1еялъул даража ва бук1инесеб» абураб докладгун лъималазе тарбия-лъай кьеялъул х1алт1ухъабазда цеве вахъана районалъул лъай кьеялъул отделалъул начальник Залимхан Г1умаров.

- Районалда буго 81 лъай кьеялъул г1уц1и: гьездасан 20 гьоркьохъеб, 7 аслияб, 14 байбихьул школа, 35 ясли-ах ва цогидалги, – ян байбихьана лъай кьеялъул нухмалъулес жиндирго к1алъай. Лъай кьеялъул рахъалъ  цойгидаздаса цере руго Г1ахьалч1и, Т1ануси, Гьоц1алъ, Г1обода, Хъунзахъ № 2, Харахьи, Лъаг1илухъ гьоркьохъел школал. Цересел соназ квешал х1асилал рук1арал Г1оч1ло гьоркьохъеб школа, Хунзахъ школа – интернат араб ц1алул соналъ цересел бак1азде рач1ана. Районалъул 67 %  выпускниказе щвана гьоркьохъеб лъаялъул аттестат. Меседил медалалдалъун школа лъуг1ана Хунзахъ № 1, Лъаг1илухъ, Бакьагьеч1и, Г1обода, Т1агьада школазул 14 ц1алдохъанасул.

Ахирисеб лъабго соналда жаниб лъай кьеялъул  г1уц1абазде вач1ана 32 г1олохъанав специалист.

Нилъер педагогалги ц1алдохъабиги жигаралда г1ахьаллъула проектазда, конференциязда, бат1и-бат1иял къецазда. Исана президентасул грантазе мустах1икълъана Г1обода школалъул учительзаби Гъазиева Хадижат ва Саг1адулаев Г1алиасх1аб. ДРялъул лъай кьеялъул министерствалъул грамотаби щвана «Рахьдал мац1алъул бищун лъик1ав учитель 2015» къецалъул  г1ахьалч1ужу М. Гераевалъе (Уздалросу), «Самый классный классный» конкурсалъул г1ахьалчи Х1. Г1алибеговасе (Хунзахъ № 2 школа), «Лъаг1алил  тарбияч1ужу 2015» конкурсалъул г1ахьалч1ужу А. Г1алиевалъе (Ц1ада), «В зеркале истории» конкурсалъул г1ахьалч1ужу З. Мух1амадовалъе. М. Маликовалъ (Харахьи) лъик1ал х1асилал рихьизаруна «Лъаг1алил учитель 2015» конкурсалда, т1адеги лъай кьеялъул авторлъиялъул программабазул т1олгороссиялъул къецалда босана 2-леб бак1, «Самый классный классный» къецалда З. Х1айчалаевалъ (Харахьи) республикаялъул этапалда ккуна 3-леб бак1, дарсазда ИКТ х1алт1изабиялъул рахъалъ республикаялда А. Гъазимух1амадовалъ (Харахьи) ккуна 2-леб бак1, г1урус мац1алъул ва литератураялъул республикаялъул олимпиадаялда П. Абакаровалъе (Г1обода) щвана 3-леб бак1, «Алжан буго улбузул х1ат1акь» конкурсалда 1-себ бак1алъе мустах1икълъана У. Х1айбулаева (Г1обода).

Лъай кьеялъул г1уц1абаз ц1ик1к1араб к1вар  буссинабизе ккола лъималазул сахлъи  ц1униялде.  Райбольницаялъул баяназда рекъон, г1емерисел  лъималазул руго чехь-бакьалъул, гьуърузул, беразул, бох-квералъул унтаби. Ц1ик1к1ун заман лъималаз телевизоралда, компьютералда цебе  баялъги рачунел руго унтабазде.

Араб ц1алул соналъ Хунзахъ ДЮСШялда  бук1ана спорталъул 50 группа: волейболалъул, эркенаб гугариялъул, дзюдоялъул, шахматабазул, акробатикаялъул, самбоялъул ва гь. ц.  Спортивиял къецазда аслияб къаг1идаялъ г1ахьаллъула Хунзахъ № 1 ва № 2, Бакьагьеч1и, Т1ануси, Г1арани, Г1ахьалч1и, Гьоц1алъ, Гьамущи, Г1орут1а, Хьиндахъ школазул ва Хунзахъ школа-интернаталъул ц1алдохъаби. Х1ажат буго киналго  школазул физруказ лъималазул сахлъи ц1униялде ц1ик1к1ун к1вар кьезе. Районалъул бет1ер С. Юсуповас  киналго лъай кьеялъул г1уц1абазда лъазабун бук1ана щибаб радал лъималазда зарядка гьабизабеян.

Киналго байбихьул классазул лъималазе кьола хинаб квен. Ц1ияб Буц1ра школалда квен  кьола киналго ц1алдохъабазе ва педагогазе. Х1ариколо школалда квен гьабула школалъул  участкаялда г1езарурал ниг1матазул.

К1вар кьеч1ого тун буго школалъул библиотекарасул х1алт1и. Лъималазе т1ахьал кьей, ц1иял т1ахьазул выставка гьаби гурони, районалъул даражаялъул щибго х1алт1и гьабулеб гьеч1о гьез. Хисизе буго педагогазе т1оцебесеб ва  т1адег1анаб категориял кьеялъул къаг1ида.

Лъай кьеялъул г1уц1и ккола лъималазул, умумузул ва тарбия-лъай кьеялъул х1алт1ухъабазул интересал данделъулеб «дуняллъун». Тарбия-лъай кьолаго дандч1валел киг1ан ч1ах1иялги зах1малъаби къезаризе ккола лъималазе г1оло.

З. Г1умаровас к1удияб баркала кьуна районалъул нухмалъулев С. Юсуповасе лъай кьеялъулъ гьабулеб кумек-квербакъиялъухъ, пишацоязе гьарана х1алт1улъ бит1ккей.

Г1обода гьоркьохъеб школалъул директор Х1абибова Пат1иматица бицана жидерго школалда х1алт1и г1уц1ун бугеб куцалъул, лъималазулги  учительзабазулги церет1еязул. Лъай кьеялъул х1алт1ухъабазда ц1ияб ц1алул сон баркана Харахьи гьоркьохъеб школалъул г1урус мац1алъул учительница Маликова Мадинацаги.

Районалъул тарбия-лъай кьеялъул  х1алт1ухъабазда ц1ияб ц1алул сонги баркун, Г1исаева Жамилат Асадулаевнаялъ рицана лъай кьеялъулъ рук1инесел хиса-басиязул. «Исана ц1ияб ц1алул сон байбихьилалде  г1уц1ана лъай кьеялъул ц1ияб программа. Исана х1албихьиялъе гьеб х1алт1изабизе буго цо-цо школазда. Школазде кьезе руго лъималазул кинаб лъай бук1ине кколебали  рихьизарулел предметниял  измерителал. 2015-16 ц1алул соналъ 4-леб класс лъуг1улел ц1алдохъабаз хъвазе руго г1урус мац1алъул, математикаялъул ва  «Окружающий мир» предметазул  т1олгороссиялъул халгьабиялъул х1алт1аби. Исана лъай борхизабиялъул курсазде унел учительзабаз цадахъ босизе ккола х1адурараб проект ялъуни доба  проект гьабизе х1ажатаб материал»,- ян бицана Ж. Г1исаевалъ.

8 соналъ жийго цадахъ х1алт1арал лъай кьеялъул отделалъул ва цогидалги педагогазе, лъималазул умумузе баркала кьуна Пагьму-гьунар бугел лъималазул централъул нухмалъулейлъун йик1арай Мух1амадова Х1алиматица.

К1алъаяздаса хадуб районалъул бет1ерасул заместитель Г1аммаев Шамилица ва лъай кьеялъул отделалъул начальник Г1умаров Залимханица тарбия-лъай кьеялъулъ лъик1ал х1асилал рихьизарурал педагогал к1одо гьаруна шапакъатаздалъун. «РФялъул лъай кьеялъул х1урматияв х1алт1ухъан» ц1ар щвана Т1агьада гьоркьохъеб школалъул директор Г1исаев Г1арипие, Ц1ада ясли-ахалъул заведующий Мусаев Мух1амадие, Т1ануси гьоркьохъеб школалъул учитель Мух1амадов Г1убайдулае, Г1обода гьоркьохъеб школалъул учительница Гъазиева Хадижатие, Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалъул учительница Дибирова Пат1иматие.

РФялъул лъай кьеялъул министервалъул х1урматалъул грамотаби кьуна  Г1ахьалч1и ясли-ахалъул заведующая Мух1амадова Зайнабие ва Хунзахъ № 2 ясли-ахалъул х1алт1ухъан  Хъайнтмазова Пат1иматие.

Гьединго лъай кьеялъул х1алт1ухъаби к1одо гьаруна ДРялъул ва районалъул лъай кьеялъул профсоюзалъул грамотабаздалъун ва г1арцулал сайгъатаздалъун.

Районалъул лъай кьеялъул киналго  х1алт1ухъабазда , лъималазда ва умумузда т1аде щвараб ц1ияб ц1алул сонги баркулаго, гьаризин педагогазе т1адег1анаб даражаялъул лъай кьезе махщел, сабру, пагьмуял лъимал ва ц1алдохъабазе ц1алулъ ч1ах1иял бергьенлъаби. Малъизеги малъараб босизеги тавпикъ  кьеги киназего!

П. Гунашева.

Просмотров: 499 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz