Вторник, 23.04.2024, 23:46 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Май » 7 » ПАРАХАЛЪИЯЛЪУЛГУН РАКЪЛИЛ АСЛИЯБ БАЙРАМГУН.
17:18
ПАРАХАЛЪИЯЛЪУЛГУН РАКЪЛИЛ АСЛИЯБ БАЙРАМГУН.

Дагьал къоял хут1ана нилъер пачалихъалда  аслияблъун кколеб, гьудуллъиялъул х1укуматазда ва т1олабго цебет1ураб инсанияталъго к1одо гьабулеб советияб халкъалъ гитлерилаб фашизмалда т1ад Бергьенлъи босаралдаса 71 сон т1убаялъул  рохалилаб байрам к1одо гьабизе. Гьеб к1вар ц1ик1к1араб тадбир к1удияб даражаялда ва г1уц1араб къаг1идаялда т1обит1иялъе районалъул идарабаз ва щивав чияс  жидедаса бач1араб бут1а лъезе ккола. К1удияб  Бергьенлъиялъ 70 сон к1одо гьабулаго районалъул г1уц1абаз, хасго районалъул ва росабазул администрацияз районалъул лъай кьеялъул  ва культураялъул отделаз, ЦСОНалъ, ЦСЗНалъ, районалъул газеталъ, школаз, ясли-ахаз гьал ахириял 20-25  соналъ гьабич1еб г1адаб к1вар ц1ик1к1арал х1алт1аби гьаруна. Заман анаг1ан гьеб байрамалъул к1варги, к1одолъиги, т1адег1анлъиги ц1ик1к1ун гурони г1одобе ккезе рес гьеч1о, гьеб рагъги бихьарал, гьелда г1ахьаллъиги гьабурал, жидер рух1алда барахшич1ого нилъер бук1инеселъе г1оло рагъарал, к1вах1-свак лъач1ого Бергьенлъи г1агар гьабизелъун тылалда х1алт1арал г1адамазул мисалазда, Ват1ан бокьиялъул, бах1арчилъиялъул, т1ад къараб ишалде рак1 бац1адаб бербалагьиялъул кьуч1алда тарбия-лъай кьун г1езарурал г1елал нахъе рук1аго.

Бергьенлъиялъ 71 сон т1убаялде рач1унаго районалда хут1ун вуго 6 рагъул г1ахьалчи. Хунзахъ росулъа Гьиматов Мух1амадрасул – г1олилазул насих1атчи, г1адан хирияв инсан рагъуца ва г1умруялъул соназ  сахлъиялъул г1унгут1аби ругониги жеги мохъилъ вуго, х1адур вук1уна г1ун бач1унеб г1елалъулгун данд ч1ваял гьаризе, гьезие малъа-хъваял гьаризе ва гьезулъ Ват1аналде рокьи куцаялъе цо бак1 кколеб х1алт1и гьабизе.  Мирзаг1алиев Мух1амадмирза ва Г1умаров Х1амзат къват1ире рахъун бажарунаро чияр кумекалде х1ажалъараб х1алалда руго. Мух1амадов Г1иса гьедиг1анаб х1алалда гьеч1ониги цо х1ал ккун вук1унаро. Хьиндахъ росулъа Х1адисов Камил г1умруялъул 94 соналдеги вахана, г1езег1ан унтабазги к1век1ана. Жив  Т1адег1анав Аллагьас лъик1 тун вугилан вук1уна гьев. Уздалросолъа Хъазанбиев Гъазиявги р\агъда щварал ругъназги, ракълилаб заманаялда гьарурал зах1матал х1алт1абазги жинда кверщел гьабизе к1веч1ила, рак1 аваданлъиялъги, г1адан хиралъиялъги ч1ч1ел босанила гьел г1узрабаздайилан абула гьес. Кин бугониги г1адамазде гъорлъе рахъун жигараб х1алт1и гьабун  бажарулеб х1ал гьел к1иязулго гьеч1о. Рагъда росал хут1арал руччабиги районалда  анлъгоял гурони хут1ич1о. Кутакалда ц1ик1к1арал зах1малъабиги  х1ехьон яшав гьабизе ккарал, мискинлъиялда, ракъун, ресукъал шарт1азда г1умру гьабизе кканиги, къуркьич1ого, язихълъиялда рук1аниги гьабуна гьез х1укуматалъул, яги колхозалъул х1алт1иги, г1езаруна ва г1умруялде рахъинаруна бесдал хут1арал лъимал. Амма 9 маялда г1аги гьел рак1алде щола  г1иц1го районалъул бет1ерасда гьес щибаб соналъ ресалда рекъон гьезие кумекги гьабула.  Республикаялъул нухмалъулезда, яги г1езег1анго т1ирит1ун ругел гурх1ел рах1муялъул г1уц1абазда яги сахаватчаг1азда жегиги гьел рак1алде щвеч1о. Гьарун кагътал ва списокал рит1аниги рагъда г1ахьаллъаразе кумекги гьезул т1алаб гьабулел  чаг1и рахъинч1о.

Гьел рагъул г1ахьалчаг1азе, рагъда росал хут1ун маг1ишат гьабизе ккарал руччабазеги, бергьенлъи г1агар гьабизелъун свак-к1вах1 лъач1ого тылалда х1алт1аразеги нилъ ва нилъедаса хадусел г1елалги бец1ун бажарунареб налъукь руго.

Нилъер районалда къанаг1атги гьеч1о рагъда хут1аразе памятникал гьеч1ел  росаби.  Г1адатлъун лъугьун буго щибаб  соналъ дунял хинлъарабго районалъул бет1ерасул  амруялдалъун памятникал къач1алел. Араб соналъ ц1ияб памятник  рагьана Уздалросолъ. Хунзахъ, Г1ахьалч1и, Х1ариколо росабалъ рук1арал памятниказе капиталиябгун восстановительниял (ц1игьабиялъул) ремонтал гьаруна. Памятниказе ремонталъулал х1алт1аби гьаризе, гьезда сверухъ бак1алда рац1а-ракъалъи гьабизе заман щун буго.

Гьеб гьайбатаб байрам к1очон  толареблъун лъугьинабизе  районалъул администрациялъ, росабазул бут1руз, ЦСОНалъ, ЦСЗНалъ росабазул культураялъул г1уц1абаз, районалъул газеталъул т1олабго  коллективалъ, районалъул ветераназул советалъ жидехъа бажарараб х1алт1и гьабуна ва гьабизеги буго.

Районалъул рагъул ва захматалъул советалъул председатель Г1. Г1алих1ажиев.

Просмотров: 514 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz