Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школалда г1емерал т1орит1ула лъай
кьеялда цадахъго ц1алдохъабазе тарбия кьеялъул х1алт1и камил гьабиялъул
мурадалда, бат1и-бат1ияб махщалил г1адамазулгун дандч1ваял, гьарула
гара-ч1вариял.
Дагьаб цебег1анги гьеб школалда т1обит1ана Росссиялъул
МВДялъул Хунзахъ районалда бугеб
полициялъул отделалъул к1удияв участковый, майор Х1ажиев Исай Камиловичасулгун,
дознаватель Г1абдулкъадиров Муслим Мух1амадовичасулгун, участковый Шамсудинов
Мух1амад Мухтаровичасулгун дандч1вай.
Данделъи рагьана школалъул завуч Т1алх1атова Нуцалай
Мух1амадовнаялъ. Гьелъ балагьаразе баян гьабуна жакъа къоялда жаниб
ц1алдохъабазе обществалъе заралиял пишабазул бициналъул бугеб к1варалъул.
Нилъер школалъул ц1алдохъаби,-ян баян гьабуна Нуцалалъ нилъее рихьизе бокьулила
тарбия щвараллъун, жалго жидедаго ч1арал, къвак1ун цебехун гали босизе
бажарунеллъун, лъик1аб лъай бугеллъун гурелги, г1умру лъалеллъунги.
Нуцалай Т1алх1атовнаялъ иргадал раг1и кьун к1алъазе рахъарал
полициялъул х1алт1ухъабаз ц1алдохъабазул к1вар буссинабуна школазда ва
общественниял бак1азда, кибго г1адлу-низам ц1унизе ккеялде. Гьез бич1ч1изабуна
жакъасел ц1алдохъаби кколин Россиялъул, Дагъистаналъул, цадахъго районалъул
бук1инесеблъун. Гьединлъидал щивав ц1алдохъан къеркьезе ккола муг1алимзабазул
г1акъилаб каламги, малъа-хъваялги кьоч1ое росун, г1емерал т1ахьал ц1алун лъик1
ц1ализе, спорталъулгун гьудуллъи кквезе. Ц1алдохъабаз жигар бахъизе ккола
къвариг1ел гьеч1ел пишабаздаса ц1унараллъун рук1ине. Бегьуларо цониги
ц1алдохъан къаси саг1ат анц1го т1убаралдаса хадуб къват1ахъ сверулев вук1ине.
Гьедин сверулел ругони, рес кьезе бегьула бикъа-хъами, хъалиман ц1ай,
наркотикал х1алт1изари г1адал, нилъер обществалъе балагьлъун кколел пишаби
гьарулезул кьеразулъе ккезе. Нилъер районалда гьединал г1адамазу къадар
г1емерго ц1ик1к1араб гьеч1ониги, руго г1иси-бикъинаб ц1огь гьабун бук1аниги,
полициялъул х1исаб-суалалде ккарал лъимал. Жакъа г1иси-бикъинабилан кканиги,
ц1огь гьабурал лъимал, метер дагьабги к1удиялде гъорлъе ккезеги бегьула. Нилъер
район, гьелдаго гьоркьоб Хунзахъ школа буго кибго лъик1ал ишаздалъун, машгьурал
г1адамаздалъун бечедаб бак1. Гьединлъидал нилъеца нилъер ц1арги умумузул
г1адаталги, г1аданлъи-нухги г1одобе ккезе тезе бегьуларо. Гьанжесеб г1олохъанаб
г1ел кколеб буго бат1и-бат1иял терактал, ц1огь гьабиялде гъорлъе. Гьедин
ккеч1ого бук1иналъе школалъул г1умруялдасанго ц1алдохъабазда бич1ч1изабизе
ккола гьез нилъеде росун рач1унел балагьазул.
Ц1алдохъаби рук1ине ккола ч1ах1иязул адаб-хъатир
ц1унараллъун. Амма дандч1валел руго лъимал бит1ун ригь арал г1адамал аск1оре
рач1унелъул кьвагьулел жал (пиротехническиял изделиял) кьвагьун жидеего кепалъе
гьел х1инкъизарулел, хасго ц1ияб соналда цересел ва хадусел къояз. Хадубги гьез
баян гьабуна гьедин гьабизе бегьунгут1и, гьабуразул эбел-эмен тамих1алде ц1азе
рук1иналъул.
Школалъул директор Чункъов Мух1амадрасулица т1олалго
учительзабазул ва ц1алдохъабазул коллективазул ц1аралдасан эркенаб гугариялъул
районалъул первенствоялда II-леб
бак1, П. Казимух1амадовасул ц1аралда т1обит1араб республикаялъулаб конкурсалда I-себ бак1, СССРалъул
спорталъул мастер Ш. Салаутдиновасул ц1аралда т1обит1араб республикаялъулаб
конкурсалда III-леб
бак1 щварав Сурхаев Ах1мадие, г1олилазда гьоркьоб т1обит1араб эркенаб
гугариялъул районалъул первенствоялда 2-леб бак1 ккурав Сухаев Гьит1иние,
Воронежалда г1олилазда гьоркьоб дзюдоялъул рахъалъ т1обит1араб т1аса бищараб
турниралда 4-леб бак1 ва Кизилюрталда т1обит1араб дзюдоялъул Дагъистаналъул
чемпионаталда 3-леб бак1 щварав Нурмух1амадов Руслание, волейболалъул рахъалъ
Дагъистаналъул чемпионаталда 1-себ бак1 щварай Г1усманова Жамилатие ва гь.ц.
киналго данделъаразда цебесан гьезул физкультураялде ва спорталде жеги
ц1ик1к1ун гъира базабиялъул мурадалда кьуна грамотаби.
Школалъул директор Чункъов Мух1амадрасулица рак1-рак1алъулаб
баркала кьуна жидер адаб гьабун гара-ч1вариялде рач1арал полициялъул
х1алт1ухъабазе.
Дандч1вай ана балагьаразе пайда ц1ик1к1араб х1алалда.
Н. Г1алиева.
|