Жакъа т1олабго Северияб Кавказалда, хасго Дагъистаналда цебе ч1араб аслияб масъалалъун ккола терроризмалде ва динияб экстремизмалде данде къеркьей. Республикаялъул бет1ерлъуде Рамазан Г1абдулат1ипов вач1аралдаса ц1айи бугеб х1алт1и гьабулеб буго гьеб суалалда хурхун, административиял ва диниял идарабаз лъималазулгун ва г1олилазулгун т1орит1улел руго бич1ч1и кьеялъул дандч1ваял. Гьединаб х1алт1ул х1асилалда республикаялда къот1ана терактал ва г1одобе ккана терроризмалъул х1инкъи. Гьединаздаса цояблъун бук1ана гьал къоязда Х1ариколо гьоркьохъеб школалда т1обит1араб тадбирги.
Гьеб г1уц1ун бук1ана росдал администрациялъул ва районалъул диниял идарабазул х1аракатчилъиялдалъун. Данделъиялда г1ахьаллъи гьабуна Х1ариколо ва Буц1ра росабазул дибирзабаз, гьединго Х1ариколо росдал администрациялъул х1алт1ухъабаз ва школалъул лъималазгун учительзабаз. Гьениб гьоркьоб лъураб аслияб суаллъун бук1ана Г1агараб Бакъбаккуда бугеб «Исламияб х1укумат» абураб террористазулаб г1уц1иялъул х1акъалъулъ бич1ч1и кьей. Буц1улдерил дибирас лъималазе бицана террористазде гъорлъе ккеч1ого рук1ине жакъа лъилгун гьудуллъи гьабизе бегьулеб, лъилгун бегьуларебали. Хадур к1алъазе рахъараз бицана гьекъолдиялъул, наркотиказул ва цогидалги жакъасеб г1ун бач1унеб г1елалъе х1инкъи бугелщинал заралиял жалазул.
Ахиралда к1алъазе вахъарав росдал администрациялъул бет1ер Саг1адула Х1айбулаевас бицана гьадинал дандч1ваял зама-заманалдасан т1орит1изе ругин ва баркала кьуна тадбиралда г1ахьаллъи гьабизе рач1анщиназе. Тадбир ана г1ахьаллъаразе пайдаяб ах1вал-х1алалда.
|