Среда, 17.04.2024, 02:21 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Июль » 3 » ПАЧАЛИХЪИЯЛ КУМЕК. РОСДАЛ МАГ1ИШАТАЛДА Х1АЛТ1УЛЕЗЕ.
10:14
ПАЧАЛИХЪИЯЛ КУМЕК. РОСДАЛ МАГ1ИШАТАЛДА Х1АЛТ1УЛЕЗЕ.

Росдал маг1ишаталъул х1алт1аби гьарулезул, гьелъул продукция г1езабулезул рес буго жидерго х1алт1и цебе бачине пачалихъалдасан кумек – грантал, субсидия щвезе. Гьеб бут1аялда х1алт1улезе г1арцулаб кумек щвезе бегьула ДРялъул  «2014 – 2020 соназда росдал маг1ишаталъул цебет1ей ва росдал маг1ишаталъул продукция бича-хиси рекъезаби» пачалихъияб программаялда рекъон. Программаялде гъорлъе уна росдал маг1ишаталъул г1емерал бут1аби жанире рачараб 12 подпрограмма. Г1и-боц1и, хур-хер, овощал, пихъал г1езарулезда жидеего щвезе бегьулеб кумек лъазелъун, гьел подпрограммабазул бицана районалъул росдал маг1ишаталъул отделалъул бет1ерай бухгалтер Мусаева Паврузатица.

Росдал маг1ишаталда х1алт1и гьабуралъухъ г1арцулаб кумек (субсидия) кьола федералияб ва  республикаялъулаб бюджеталдасан.

Субсидия щвезе бегьула ахал ч1аралъухъ ва гьел г1езаруралъухъ. 1 гаялда ах ч1ун федералияб бюджеталдасан кьезе бихьизабун буго 53940 гъурущ, республикаялъул бюджеталдасан – 10 азарго гъурущ. Интенсивниял ахал ч1аралъухъ 232540 гъурущ (федералияб) ва 20000 гъурущ  республикаялъул бюджеталдасан. Интенсивниял ва г1адатиял ахазе хъулухъ гьабуралъухъ федералияб бюджеталдасан бихьизабун буго 20764 гъурущ кьезе, республикаялъул – 2500 гъурущ г1адатияб ахие хъулухъ гьабуралъухъ ва 5000 гъурущ интенсивнияб ахие хъулухъ гьабун. 30 соналдаса ц1ик1к1ун заман бараб ахикьа 1 гаялдаса ракъварал гъут1би нахъе къот1ун, х1ухьуел рахъун х1алт1аби гьаруралъухъ федералияб бюджеталдаса щвезе бегьула 18190 гъурущ, республикаялъул – 4000 гъурущ.

Араб соналъ ахал ч1аралъухъ, гьезие  хъулухъ гьабуралъухъ ва басрияб ах ц1и гьабуралъухъ лъабго субсидия щвана «Харахьи» МУПалъе, к1и-к1и субсидия щвана «Хьикьухъ» ОООялъе ва Лъаг1илухъ СПКялъе, цо субсидия – Гьац1алухъ СПКялъе.

Хур-хер г1езабиялда г1арцулаб кумек щола рекьизе элитниял хьонал росаралъухъги. Хаслихъе ролъул  бекьизе 1 тонна хьоназул босун кьола 4500 гъурущ федералияб бюджеталдасан ва 2500 гъурущ республикаялъул бюджеталдасан. Къвак1араб сорталъул ролъ босун 6500 гъурущ федералияб ва 2500 гъурущ республикаялъул; пиринч1алъухъ – 8000 (федер.), 2000 (республ.) гъурущ; бекьизе картошка босун – 5000 (федер.), 2000 (республ.) гъурущ; лъабг1ин ва люцерна босун – 50000 (федер.), 30000 (республ.); сорго – 7000 (федер.)  гъурущ; соя – 8000 (федер.) гъурущ; рапс – 17000 (федер.) гъурущ; ц1оросаролъ – 130000 (федер.) гъурущ.

Т1адехун рехсарал росдал маг1ишаталъул культурабазухъ субсидия щвезе ккани, бекьизе бичун босизе ккола 1 тонна элитниял хьоназул элитниял хьонал г1езарулел маг1ишатаздаса. Хьонал ричун росизе ккола жалго ругел г1адамаз гурел – маг1ишатаз. Гьезул рук1ине ккола киналго документалги.

Теплицаби, овощехранилище, картофелехранилище раралъухъ ва гьел къач1аралъухъ субсидия кьола гьел х1алт1абазда т1ад хвезарурал харжазул 50 процент.

Цо гаялда пиринч1ул чеказе капиталяб  планировка гьабуралъухъ – 15000 (федер.),- 15000 (республ.) гъурущ щвезе бегьула.

Харибак1ал къач1аралъухъ цо гаялде т1аде  кьола 1500 гъурущ. Харибак1азде хьазе хьон босаралъухъ субсидия кьола арал харжазул 70 процент. Гьединго хур-хер г1езабуралъухъ цо гаялде т1аде федералияб бюджеталдасан кьола 1000 гъурущ.

Пачалихъалъ субсидия кьола  г1и-боц1улгун х1алт1аби гьарулезе. Эбелал чахъаби т1аса ине теч1ого ц1унаралъухъ ва гьел ц1ик1к1инаруралъухъ цо бет1ералде т1аде кьола 100 гъурущ. Бичараб 1 литр рахьдахъ араб соналъ кьезе бахьизабун бук1ана 7 гъурущ, амма г1арац гьеч1илан 3 гъурущ кьуна. Исана рахьдат1е кьолеб г1арац жеги лъаларо.

Тайпадулаб г1и, ч1ег1ербоц1и хьихьулел маг1ишатазе цо бет1ералде т1аде кьола 3000 гъурущ. Рахь бахъулел тайпадулал г1ачи хьихьаралъухъ цо бет1ералде т1аде кьезе бихьизабун буго 4000 гъурущ. Лъаг1елгун 4 моц1идаса к1удиял тайпадулал бугъби г1езарулезе цо бет1ералде т1аде пачалихъалъ кьезе  бихьизабун буго 100 азарго гъурущ. Бичун босараб тайпадулаб х1ораб боц1ул цо килограмм ч1агояб ц1айиялъухъ кьола 70 гъурущ. Тайпадулал хухал ва ц1ани росаралъухъ субсидия кьола цо килограмм ч1агояб ц1айиялде т1аде 50 гъурущ. Ц1ик1к1ун продукция кьолеб ч1ег1ербоц1и ва г1и-ц1ани росаралъухъ цо килограмм ч1агояб ц1айиялде т1аде кьезе бихьизабун буго 70 гъурущ. «Г1ака-бече» абураб программаялда рекъон гьан бахъулел г1ачи г1езаруралъухъ цо бет1ералде т1аде кьола 3000 гъурущ.

Г1анк1удал, гургуразул, хъазазул ва  гь.ц. т1анч1и росани цо бет1ералъухъ кьезе бихьизабун буго 100 гъурущ. Гьел х1анч1азул гьан бичун цо килограмм рик1к1ун кьола 5 гъурущ; 1000 хоно бичаралъухъ кьезе ккола 300 гъурущ.

Квас къач1алел, гьелъул х1алт1аби гьарулел заводазде, предприятиязде квас бичун  цо килограмм метис квасухъ кьола 30 гъурущ субсидия, маг1арул квасухъ – 25 гъурущ.

Фермаби раралъухъ, гьел къач1аралъухъ кьола гьел х1алт1абазда т1ад арал харжазул х1исаб гьабун 50 процент. Г1и-боц1и откормаялда лъун хьихьизе чали гьабуни, г1и-боц1и хьихьиялда х1ажатаб техника, фермабазе ва цогидалги  бак1азе оборудование босун бугони,субсидия кьола арал г1арцулал сурсатазул 30 процент.

Пачалихъалдасан субсидия щвезе бегьула ччуг1а г1езабулеб бугониги.  Ччуг1а г1езабизе къвариг1унеб оборудование, хасаб корма, т1инч1 босаралъухъ бат1а-бат1аго кьола хварал харжазул 50 процент.

Т1адехун рехсарал субсидиял росдал маг1ишаталда х1алт1аби гьарулезе щвана цересел соназги. Араб соналъ тайпадулаб г1и г1езабуралъухъ 17 миллион г1арац субсидия щвана Хизроевасул, Энгельсил, Дудар Г1алиевичасул ц1аразда ругел, «Баг1арав партизан»,»Машгьурал г1адамал», «Стелла», «Хашт1а», «Г1акаро», «Гьамишт1а» СПКязе ва «Племсервис» ОООялъе. Эбелаб чахъу г1езабун 15 миллионгун бащадаб, г1аммаб къаг1идаялъ рахь бичун 9 миллионгун 966 азарго гъурущ субсидиял щвана г1емерисел маг1ишатазе. Г1емерисел маг1ишатазе араб соналъ щвана хур-хер г1езабуралъухъ 3 миллионгун 200 азарго гъурущ, лъалъ гьабиялъул х1алт1абазухъ – 11 миллионгун  777 азарго гъурущ субсидиялъул.

Нилъер районалъул г1адамаз жигараб г1ахьаллъи гьабула «Байбихьулев фермер»  ва «Хъизамалъулав фермер» абурал росдал  маг1ишаталъул конкурсазда.

 Араб соналъ «Байбихьулев фермер» къецалда грантал щвана Г1обода росулъа Г1алибегов Г1умарасх1абие, Расулова Ирайсатие, Х1айбулаева Багисултание ва Бакьагьеч1иса Муртазаг1алиев Х1ажимурадие. Исана к1иябго конкурсалда г1ахьаллъизе документал кьуна «Байбихьулев фермералде» 10 чияс ва «Хъизамалъулав фермералде» 4 маг1ишаталъ. Конкурсазул х1асилал хадуб лъала.

Гьал конкурсазда г1ахьаллъизе ккани г1ахьаллъулес индивидуалияв предпринимательлъун хъван-хъваг1ай гьабизе ккола, г1ахьаллъулесул бук1ине ккола росдал маг1ишаталъулаб лъай яги гьев 3 соналъ х1алт1ун вук1ине ккола росдал маг1ишаталъул х1алт1и-хъулухъалда ялъуни 3 соналъ хур-хералъул, боц1и-панзалъул х1алт1абазда х1алт1ун рук1ине ккола. Грант щолел чаг1и цойги х1алт1уда рек1ине бегьуларо, гьезие цереккун бат1иял гранталги щун рук1ине бегьуларо. Грант щун хадуб гьеб г1арац г1иц1го маг1ишаталда х1алт1изабизе ккола, гьеб щварас щуго соналъ маг1ишат къазе бегьуларо ва гьес 3 чиясе маг1ишаталда х1алт1изе бак1ал кьезе ккола.

«Хъазиналъулав фермер» конкурсалда г1ахьаллъизе ккани х1ажалъула гьал документал:

1. Заявление;

2. Ц1езе ккола анкета;

3. КФХялъул бет1ерасул парспорталъул копия;

4. Налоговияб хъулухъалдаса выписка;

5. Бухгалтерияб отчеталъул копия;

6. Х1алт1ухъабазул къадаралъул х1акъалъулъ справка;

7. Бизнес – план;

8. Ферма баялъул, къач1аялъул проектниябгун сметаялъул документация;

9. Гьарурал х1алт1абазда т1ал арал харжазул план;

10. Ракьул «зеленка»;

11. Грант кьезе ккани цин банкалъул счеталда бук1ине ккола 400-500 азарго гъурущ;

12. Налогазул налъукь  гьеч1ин абураб справка;

13. Хъизаналъул г1уц1иялъул х1акъалъулъ справка.

«Байбихьулев фермер» конкурсалда г1ахьаллъулезулги рук1ине ккола гьелго документал. Гьел документазде т1адеги къвариг1уна т1адег1анаб ялъуни гьоркьохъеб профессионалияб лъаялъул документалъул копия яги росдал маг1ишаталъул х1алт1и-хъулухъалъул 3 соналъул стажалъул документалъул  копия ялъуни ЛПХялъул х1акъалъулъ маг1ишаталъул т1охьол копия. Гьел  гурелги, къецалда г1ахьаллъулесул бук1ине ккола 30000 гъурщиде бахараб къайи бичизе гьабураб къот1и-къай ва  банкалда гьесул бук1ине ккола 100000 гъурущги.

Гьел документазде, банкалъул счетазде т1адеги конкурсалда г1ахьаллъизе  къвариг1уна районалъул бет1ерасул ходатайствоги.

«Хъизаналъулав фермер» конкурсалда бергьун щвезе бегьула 5 миллион гъурущ грант, «Байбихьулев фермер» конкурсалда бергьани – 1 миллионгун 500 азарго гъурщиде щвезег1ан грант.

Т1адехун рехсарал субсидиял, грантал щвезе ккани бук1ине ккола хъвай-хъваг1ай гьабураб маг1ишат, боц1и-панз, рекьизе хьонал ва цогидабги босиялъул документал, гьел росунги рук1ине  ккола  цере ккарал г1адамазухъа  гурел маг1ишатаздаса.

Гьединго, субсидиялъе грантазе кьолел документал рук1ине ккола мух1канал, гъалат1 гьеч1ого бит1ун ц1урал. Г1емерисеб мехалъ грант щолеб гьеч1о мух1канал документал рук1ун, амма ракьул «зеленка» гьабун гьеч1они.

Т1адехун рехсарал конкурсазда г1ахьаллъулел ругел районцоязе гьарула грантал щун мурадалде щвей. «Кагътил» г1иял, маг1ишатал ругезе гуреб, унго-унголъунги росдал маг1ишаталъул х1алт1аби гьарулезе бергьаги грантал.

П. Гунашева.

Просмотров: 427 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz