Х1урматиял районалъул г1олохъанал гражданал! Дун г1орхъи гьеч1ого вохарав вуго районалда унго-унголъунги мустах1икъал ирсилал г1ун рач1унел рук1иналдаса. Бич1ч1ула г1олилал нилъер жакъасебги бук1инесебги кколеблъи, пачалихъги гражданлъиялъулаб жамаг1атги г1уц1улаго. Гьезлъидалха кодобе босизе бугеб ч1ах1ияз байбихьараб лъик1абщинаб. Вохула сундулъго цересел кьералъ рук1ине г1олилаз бахъулеб х1аракаталдаса, гьезул лъик1ал къасдаздаса, ургъулел ц1и-ц1иял проектаздаса. Нижеца х1аракат бахъила нужер г1уц1арухъанлъиялъулаб х1аракатчилъиялъул рахъ кквезе, нужеда кодоблъидалха бугеб районалъул, республикаялъул ва т1олабго улкаялъулго бук1инесеб. Божула гьеб бук1инесеб гьанжеялдаса г1емерго лъик1аб бук1инеблъиялда. Х1акъикъаталдаги гьединал х1аракатал г1адамал х1ажат руго нилъер жамаг1аталъе.
Районалъул нухмалъиялда бич1ч1ула нужер къасдал г1умруялде рахъинариялъе, ц1ияб г1умруялде лъугьунеб г1елалъе киналго рахъазулал шарт1ал г1уц1изе кколеблъи. Нилъее бокьун батани г1олилазул сахаб г1умру бук1ине, г1ей гьабизе бегьуларо г1иц1го пропагандаялде-разе ккола спорталъул ц1иял объектал. Политикияб г1умруялде гьел ц1азе ккани, кверч1вазе ккола г1олилазул г1уц1абазда. Г1елму-лъаялде васал-ясал руссинаризе кканиги ц1алулъ гьезул х1аракат борхизабизе ккола.
Гьабсаг1ат дица к1вар кьолеб буго г1олилазе ц1алуегун х1алт1уе ва х1ухьбахъиялъегун рек1елгъеялъе шарт1ал г1уц1иялде, гьелдаго цадахъ районалъул жамг1ияб г1умруялъулъе гьел рач1иналдеги. Гьеб мурадалда гьабулеб х1алт1и ккола райцентралда ва цо-цо росабалъ ран лъуг1арал ва ралел ругел спортивиял залал, бат1и-бат1иял х1аязе площадкаби, ц1и гьарурал школал, культураялъул рукъзал, х1ухьбахъиялъул паркал. Цо-цо бак1азда рехсарал х1алт1аби раг1алде рахъунел руго, цогидалъуб дагь-дагьккун гьаризе х1исабалде росунги руго. Гьай-гьай дица хадубккунги х1аракат бахъила нужее х1ажатабщинаб ч1езабиялъе. Биччанте нужер гъира, къасдал, г1олохъанаб жигар-жан г1агараб район цебет1еялде ва т1егьаялде ц1ияб галилъун бук1ине.
Саг1ид Юсупов, «Хунзахъ район» муниципалияб районалъул бет1ер.
|