Четверг, 25.04.2024, 15:04 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Февраль » 28 » НУЖ БОГ1ОЛАБАЗУКЬА Х1ИНКЪУЛИЩ?
00:22
НУЖ БОГ1ОЛАБАЗУКЬА Х1ИНКЪУЛИЩ?

Араб г1асруялъул 70-лел соназ г1агараб Буц1ра росдал тарихалде, фольклоралде рокьи дилъ «Бакъбаккул литература» изданиялда къват1ире риччарал т1ахьаз бижизабуна. Росдал тарихалъул баянал дие кьуна гьеб бокьулел, лъалел Исмаг1илил Ибрагьимицаги (хвана 94 сонги бан), Ибрагьимил Мух1амадицаги (хвана 96 сонги бан).

Дол соназ Буц1ра школалъул директорлъунги вук1ун, фольклор бак1аризе дие кумек гьабуна ч1ах1иял классазул лъималаз. Бак1арараб фольклоралъул асаразда гъоркь г1емер такрарлъун руго Зулх1ижатил, Саг1адатил, Хамизил, Зубайдал (Г1умарил), Маржанатил, Хажал, Султ1анзадал, Г1алил Пат1иматил, цевехун рехсарав Ибрагьимил Мух1амадил, Халатов Г1алил, гьесул яс Пат1иматил (гьанже ч1аго йиго) ва гь. цогидазулги.

Дица гьезул ц1арал гьанир рехсана гьал мухъал ц1алараз Аллагьас гьезул мунагьал чурагиян гьариялде хьулалда.

Бак1арараб материалалдаса цо гьит1инаб бут1аялъул бицине бокьун буго дие.

Сапаралда г1анк1ица нух къот1ани, «цер, цер»,-ан ах1ула, Борохь бихьани, «Аллагьасул тушманан»-абун, х1аракат бахъула ч1вазе. Божула ч1ег1ераб катица нух къот1ани, нуж бит1унгут1иялда. Гьединаб божи жидеда гьабулел жал г1емерал руго маг1арулазул.

Масала, цогидал маг1арулазго г1адин, ц1акъго цебеялдаса буц1улдерицаги иман лъун, сужда гьабун, Аллагьлъун рик1к1уна «Бечедги». Цебего г1адин к1удияб божилъи-хьулгун гьесда гьарула, мурад т1убай «Бучедасда» (Бичасда) хурхинабула. «Баги, Бечед, чвахун ц1ад», «Бичас биччани», (Бичас хъван батаниян абуларо), «Бичасул авараг» ва гь.ц. нуг1лъи гьабула цересел умумуз Бечед Аллагьасул даражаялде вахинавулев вук1ин.

Бакъ-моц1алъе сужда гьабизеги буго ц1акъго цебеялдаса дунялалъул цересел къавмазда гьоркьоб г1ат1идго т1ибит1ун бук1араб г1адат. Гьанжеги нилъ гьедула «Бакъалх1а», «Зобалх1а», абун. Берцинлъиялъулги бищун т1адег1анаб даражалъун рик1к1уна бакъ-моц1, х1асил нилъер нек1сиял умумул бакъалъе, моц1алъе х1елулел рук1ун руго. «Баг1ар бакъ г1адай», «Бакъул нур г1адай», «Ц1ураб моц1 г1адай» ва гь.ц. калимаби нилъеда дандч1вала куч1дузулъ гуреб, гара-ч1вариялъулъги. Квешав чияс лъик1аб жо гьабуни абулеб «Бакъ щолареб бак1алда г1уж гьабе». Амма гьеб калима кин бижарабали лъазе к1веч1о. Их, рии, хасел ч1ей г1адал замана хисидал гьарулел рук1арал рохалил тадбиралги бакъ-моц1алда хурхинарулел рук1ун ругин абун тола.

Бакъги щун, ц1ад балеб бугони, царай ч1ужу ячуней йигилан абула. Ц1адаса Х1амзатил цо баснялъулги руго гьадинал мухъал:

Бух1араб бакъул къоялъ,

Х1еренго балеб ц1адакь,

Царай ч1ужу ячунеб

Вечералда рук1ана.  

Гор-ц1ер балеб мехалъ зодобе туманк1 кьвагьулеб г1адат кин ва кида бижарабали лъазе к1веч1о. Х1акъаб жо гьеб т1абиг1ияб балагь бачун бач1унеб квешаб къуват х1инкъизабизе гьабулеб бук1ин. Горо-ц1ер балаго, как ах1улеб бук1ана, дида лъалеб мехалъги.

Горо-ц1ер баялдаса х1инкъун, ч1ах1ияз нижее, г1исинлъималазе, эхеде торг1о, т1аргъал ва цогидаб рехизе гьукъулаан. Ч1ах1иял гурел г1исиналги божулаан, эхеде щиб бугониги рехани, горо баялда.

Божулаан «Ц1адалх1ама» гьабуни, гъвет1-херго г1адин, г1адамалги г1ащикъаб ц1ад баялда. Г1урччинаб «рат1лилъ» т1ерхьинабураб «Ц1адалх1амида» росу сверизабулаан. Щибаб минаялъул бет1ергьабаз «Ц1адалх1амида» т1аде лъим т1олаан ва мугь базе х1алухъен кьолаан. «Ц1адалх1амагун» хьвадулез ах1улаан:

Баги Бечед, чвахун ц1ад,

Чвахуда хер бижизе.

Чвахаги, Аллагь, гонгал,

Баг1аргьоло т1егьазе.

Гьел мухъазги бихьизабулеб буго жагьил заманалъул (г1емерлагъзабазул заманалъул) Бечед гьанжеги иман лъолеб, х1ажатаб жо жинда гьарулеб къуватлъун хут1ун бук1ин.

Ц1адал разе кват1араб мехалъ т1ад гордеги рет1ун, х1орилъе къверкъ биччани, ц1ад балин рик1к1унеб бук1ана буц1улдерица. Цо-цо росулъ мохрода ч1ет1 бухьани, балин ц1адан рик1к1уна. Кьерхен халалъани, дунял роц1ц1ине иццухъе лъим чвахулеб рог1ороялда нац1-ч1ет1 бухьунел росабиги рук1ун руго.

Горо-ц1ералдаса хур-хер ц1унизе, щаг1ил хъаба гъурарал кескал магъилъ ракьулъ рукъулел, ч1ег1ераб г1иялъажоялда мегъ сверизабулеб бук1ун буго. Ц1адаса Х1амзатица гьеб г1адаталда раг1абазул ч1орал реч1ч1ун руго:

Нагагьал балагьал т1аде щвелалде,

Шаг1ил хъаба бекун кин букъулареб?

Т1ощалил гороялъ габур ч1валелде

Ч1ег1ераб жо сверун садакъаде кье.

Буц1улдерица бац1ил к1ал бухьине бажариялда божулел ругониги, къасиялде г1и-боц1и рукъалде буссинабизе г1амал гьабула. Гьвел к1ал бухьине лъалезеги гьведе т1аде ине бокьуларо. Цо буц1расес рахсида бугеб гьведегицин гамач1 реч1ч1улеб бук1ун буго, борч1ун бач1ани, жинда гьвел к1ал бухьине лъаларинги абун.

Рекьабазе болъоница ц1акъ зарал гьабулел дагьал церег1ан саназ цо дагьа-макъабго ц1айи бугев буц1расес лъазабун буго нуж рокъор кьижун рук1ине бегьулин, жинца болъоназул к1алал рухьун ругилан. Лъаларо, чан чи хур ц1унизе инч1ого, рокъорго ч1аралали. Амма лъала гьесул жиндирго картошкадул хур болъоназ гьеб сордоялъ гьобогьун бан бати.

Къверкъ къварид гьабуни, хьандон, гьелъ нилъее зарал гьабулин рик1к1уна. Гьединго зарал гьабизе бегьулареблъун рик1к1уна кетоги. Борохь карт1иниса бахъунги ч1вач1ого тезе бегьулареб тушманлъун рик1к1унеб бугониги, ригьни бук1унин рик1к1унеб кьоч1оборхьие зарал гьабуни, рукъалдаса баракат бахъулин, хъизан биххулин, балагьал рач1унилан рик1к1уна. Х1асил, кьоч1оборохь хъизан квешлъабаздаса ц1унулеб, зарал гьабизе бегьулареб рух1ч1аголъилъун рик1к1уна.

Кьоч1оборохьго г1адин ригьни бук1унеб рух1ач1аголъилъун рик1к1уна хъег1елоги. Амма гьеб чиясе заралалъе бижун буго. Кьижарав чи хъег1елоялъ, т1ад бегун, вагъаризе виччаларин, х1охьел къот1изабун, гъанкъизе вахъинавулин рик1к1уна.

Хъег1елоялда 99 квер бук1унила, 100 бук1арабани хъег1елоялда гъоркьа рорч1изе к1олароанила. Маг1арзухъе 1 гурого карат1ги бук1унарила, к1иябго бук1арабани, хъег1елоялъ нилъ гъанкъизарулаанила. Хъег1елоялъ жибго бихьизе толареб т1агъур къанил карт1иниб бахчулила. (Къанил карат1-рукъ рахазе умумуз ургъун бук1араб санаг1алъи). Гьелъул т1агъур бикъизе щвани, мажгиталде лъутизе кколила. Гьеб т1оргъол бет1ергьанлъун вахъаравги вихьуларевлъун лъугьунила.

Буц1ра вук1ун вуго хъег1елоялъ толарев Сулейман абулев чи. Хъег1елоялъул лъуг1и гьеч1ел махсараби ч1алг1арав Сулейманица х1укму гьабун буго хъег1ело гуккизе. Колот1а Сулейман вегулев вук1ун вуго гьогьмуда рукъалда цебе бугеб т1окъодул т1охда. Гьеб сордоялъ Сулейманица жиндирго босноб михир бегизабун буго. «Сулеймандай, михирдаян» бачунаго, бач1ун буго хъег1ело. Хадуб ккаралъул бицен раг1ич1о. Живго Сулейман х1акъикъияв чи вук1аниги, мохролги хъег1елоялъул ккараб-тараб х1акъикъиябин абун дун къацандизе лъугьинаро, щай гурелъул мохролги хъег1елоялъулги гьелго лъугьа-бахъинал Буц1ра гурелги кканилан бицунеб раг1идал.

Хъег1елоялдаго г1адин маг1арулал божулеб жо буго бог1ологи. «Кьижа, эбелхвад, кьижа, нилъго бог1олоялъ хъамулин»,- ян абула эбелалъ лъимералда. Щибха кколеб бог1оло? Лъалев чи ватич1о. Бог1олоялъ хъамурал лъималги ч1ах1иялги раг1ич1о Буц1ра. Щиб лъалеб, т1адчаг1аз нилъ гуккизе ургъараб гьезего гьеч1еб демократия г1адаб г1исинлъимал гуккизе ургъараб жо батизе бегьула гурищ бог1ологи.

Бог1оло г1адин гуреб щайт1аби рихьарал, гьелгун гьоркьорлъабазда рук1арал г1адамал г1емер дандч1вала. Г1адамазулазда релъарал г1емерал хасиятал руго гьезул: г1умру гьабула жамаг1атазда, бук1уна г1умру гьабулеб бак1 (г1емерисеб к1к1ал-хъит1), лъади ячуна, лъимал гьарула. Дида гьит1инго лъана щайт1абазул гурулъе ккун, гьезул сух1мат-кепалъулъ рогьинег1ан кьурдизеги гьавун, радакь хъах1аб чодаги рек1инавурав нижер гьобол. Г1адамазулалда релъараб г1емераб жо бугониги, гьеб гьезул г1аксалда бук1уна: нилъер хасел-дозие рии, нилъер г1арац-месед-дозул х1амик1уч1ал, дозул к1ал т1аса гъоркье ва гь.ц. Щайт1абазулги борхьилги биценазе Азаралда цо сордоялдаса маргьабазег1анги ахир бук1унарелъул гьезул бицен гьаб бак1алда къокъ гьабилин.

Жидер бицен г1емерал, амма рихьарав чи дандч1вач1ел жал руго будалаалги. Гьезул ч1ей бук1унеб раг1ула муг1рузда, чундул рук1унеб бак1алда. Чундузул т1алаб-агъазалдаги рук1унила гьел будалаалги, нилъго г1адин, квана-гьекъолелги раг1ула. Амма гьез хъунин абун, чундузе ками кколарила. Будалааз гьан т1аса квараб ракьа камизе теч1ого, хъураб чанидаса бахъараб ц1акида жанибе балеб буго, чан ч1аголъун, жиндирго рехъалъе унеб буго. Нух къот1ун муг1рузда хут1арал нухлулазе, чанахъабазе будалаал кумекалъе рач1унила. Гьез гьоболлъухъ вачарав цо чанахъанас жинцаго квараб ц1ц1ел мах1у бахчарабила. Ц1ц1е ч1аголъун буго, амма мах1у камураб бук1ун буго.

Буц1улдерил Г1алъада буго «Будалаазул бак1ан» ц1ар бугеб цо кинабалиго т1абиг1ияб балагьалъ цоцаздаса бат1а гьабураб к1иго кьуру. Гьениве вахарав чи будалааз кьурса гъоркье рехулила. Бицен буго цо буц1расес, ц1улал кьо г1адаб т1асан рилълъине санаг1алъиги гьабун, кьурт1е кваназе рахинарурал бурт1ал, хьуризарун гъоркьеги ран, ч1варалилан.

***   ***   ***

Дандерижиялъул ах1иялъе жаваб кьун, «Ия!»-ян ах1арав чи холила, «Жужах1алъул ц1а!»-ян ах1изе кколила.

Бац1ида цадахъ къинлъи ккарай ч1ужуялъ анкьго соналъ лъимер гьабуларебила.

Рокъоса къват1иве унев чиясда хадуб рукъ лъухьизе бегьуларебила-нух бит1уларила.

Бичараб х1айваналда, г1ала-хьваниялда цадахъ гьеб бухьун бук1араб квар, ч1олохъжо, кьили кьезе бегьуларо-баракат бахъула.

Кьунсрул рукарани, вокьулев чи вихьула.

Огъохъат букарани, г1арац щолила.

Бертадул къоялъ бах1аралда хадуб рохъдол хъаба ч1ехьани, ригьин хехго биххулебила.

Ч1обогояб кини к1ибик1ани, лъимадул бет1ер унтулебила.

Хабалъе ц1ад т1инк1ани, кьерхен халалъулебила.

Рокъобехун балагьун х1елеко г1ег1едани, гьобол вач1унила.

Т1ад рет1ухъе гордида маргъал балеб бугони, к1алдиб кун кквезе кколила.

Мадугьалалъухъе кьолеб ц1алк1уялда жанибе т1орччол г1ерекъ рехизе лъик1аб бугила, рокъоса ц1алк1угун цадахъ баракатги инч1ого бук1ине.

Сапаралде унев чиясда данде ч1обогояб г1ерет1гун ч1ужуг1адан дандеккани, нух бит1уларила, ц1ураб г1ерет1гун ккани, нух бит1улила.

Сапаралде унев чиясда кивеян абизе бегьуларила Бичас биччаниян абизе кколила.

Г1иса Г1исаев.   

  

Просмотров: 1696 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz