Четверг, 25.04.2024, 16:50 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Февраль » 3 » НУПАЙСАТИЦА Г1УНГУТ1АБИ РАХЧИЧ1О.
14:24
НУПАЙСАТИЦА Г1УНГУТ1АБИ РАХЧИЧ1О.

Какун ч1алг1унареб Дагъистаналъул медицинаги районалъул врачалги реццун хъвазе мухбирасе расги бигьаго бук1унаро. Амма врачазда гьоркьорги рук1уна какизе кколелги, реццизе мустах1икъалги. Дицаги какана гьел, реццунги хъвана. Амма какизе ккола рагьун, нилъеца г1адин щурун «вореха дир ц1ар рехсезе гурин макъалаялдаян» гуреб, ах1ун, сункьаниги х1инкъич1ого, къач1ого. Гьеб бук1ана цебераг1и.

   Районалъул больницаялъул инфекционнияб отделениялъул х1алт1ухъабазул хъвазе дида риидаго рак1алда бук1ана. Хъвазе рак1алда бук1ана бет1ералда отделениялъул заведующая Нупайсат Магаевагун гьелъул х1алт1ухъабаз моц1алъ ч1обого, харж-мухь гьеч1ого, отделениялда гьабураб ремонталъулаб х1алт1и. Гьелдаса хадур данделъана гьеб отделениялъул заведующаялъул ва гьелъул х1алт1ухъабазул х1алт1уе лъик1аб къимат кьолел г1адамал. Нупайсатил х1акъалъулъ лъик1ал раг1аби абуна дирго редакторалъги. Лъик1 батаралъе рецц-бакъ гьабун хъвазеги, квешаб какизе къасдгун щвана дун инфекционнияб отделениялде. 

   Отделениялъе 1973 соналдаса байбихьун, нухмалъи гьабулеб буго «Дагъистаналъул мустах1икъай врач» абураб х1урматияй ц1ар щварай, т1адег1анаб категориялъул врач Н. Магаевалъ. Гьит1инго тохтурлъиялде рокьи бижун т1аса бищун буго Нупайсатица врачасул махщел. Ясик1абигицин тохтурлъи гьабизе т1амулаанила жинцаян махсаро гьабуна Нупайсатица. 1968 соналдаса нахъе х1алт1улей йиго гьей районалъул ЦБеялда. Щуго соналдасан гьелде божилъи гьабуна отделениялъул заведующийлъи. Жакъа къоялде щвезег1анги, хисич1о38 соналъ, нухмалъи гьабулеб буго Нупайсатица отделениялъе.

   Гьелъ нухмалъи гьабулеб 12 койкаялъулаб отделениялда х1алт1улев вуго 10 чи: цо врач (жийго Нупайсат) 5 сестра, 4 санитарка. Буго 3 палата, 3 бокс. Отделение жаниб бугеб гьит1инабго мина инфекционнияб отделалъе хас гьабун бараб типовая мина гуро. Отделениялъе рекъезабураб бук1иналъ цо-цо зах1малъаби дандч1валел руо.

   Гьел баяназдаса хадуб Нупайсатилгун ва унтаразулгун бук1араб гара-ч1вариялъул къокъаб х1асил г1ахьал гьабулеб буго газета ц1алулезе.

   Бет1ергьаби гьеч1ого хут1араб бак1алда релълъун бук1араб отделение гьенир х1алт1улезул, гьайгьай. т1оцебесеб иргаялда Нупайсатил, х1аракаталдалъун гьаб больница бугин абизе нечолареб х1алалде бачун буго: полал, гордал, нуц1би бахараб краскаялъ ц1иял г1адин гьарун руго. Отделениялъул палатабахъ ва цогидал рукъзабахъ г1ураб хинлъи ч1езабун буго.

   Дарабазул, постелалъул къайидул мукъсанлъи гьеч1ила. Унтуда данде кколеб квенги кьолила отделениялда.

P. S. Макъалаялда бицен гьарурал инфекционнияб отделениялъул ругел зах1малъабазул бицун дун щвана бет1ерав врач М. Мусаевасухъе. Н. Мусаевасда гьел лъалел ругоан ва гьесул къасд буго, ресал ралагьун, гьел дагь-дагьккун лъуг1изаризе.

Гьаб гара-ч1вариялда цо г1ажаибаб жо т1атана дие: 

   Гара-ч1вариялда, г1емерисез х1аракат бахъула г1унгут1аби, т1аде ракь бачун, рахчизе, сурукъаб- «лак бахун» къач1а-к1ат1азе. Нупайсатица ругел г1унгут1аби, х1инкъич1ого гьурщана, къват1ире рехана. Гьедин гьабула г1унгут1аби лъуг1изаризе къасд бугев, таваккалав, жигарав, т1адчиясе х1елун т1епарилев вук1унарев нухмалъулес. Гьанже бицинин Нупайсатил рах1ат хвезарурал г1оларел рахъазулги. Бусадул къайи г1ураб къадаралда бугониги, унтараз рет1ине кьезе рет1ел-хьит гьеч1ила отделениялда. Киг1ан гьукъараб жо бугониги, жалго бет1ергьанаб рет1ел рет1ине изну кьезе кколеб бугила. Анц1-анц1 къоялдасан унтарал чвердезаризе кколел ругониги, гьелъие отделениялъул рес гьеч1ила. Дида рак1алде щвана рагъдаса хадусел, кинабго мукъсанал, ресукъал дун т1оцеве больницаялда вегарал сонал (1948 с. бук1анин ккола). Доб соналъ больницаялда нухмалъи гьабулеб бук1ана республикаялдаго машгьурлъарав врач-хирург М. Х1ажиевас. Трусиказде г1унт1ун, больницаялъул рет1ел бук1ана нижет1а. Щватабицин больницаялъул рук1анин ккола. Вегизавуна цин чвердезеги гьавун. Рак1алда буго анкьидаса-анкьиде жиб-жиб палата ккун чвердезе рачунел рук1инги, чвердараб къоялъ бусен, рет1ел хисулеб бук1инги. Жий х1алт1изе яч1арал соназги гьединго бук1анин бицана Нупайсатицаги.

   Ц1акъго гьукъараб жо бугониги, дезкамера гьеч1олъиялъ унтарас х1алт1изабураб бусадул къайиялъе дезинфекция гьабун бажарулеб гьеч1ила. Гьелъ г1иц1го чуризеги чурун, кьезе кколеб бугила т1аде вач1арасухъе гъоркь вук1арав рахунел унтабаз унтарас х1алт1изабураб бусадул къайи. Цебе больницаялда дезкамера к1игониги бук1ун буго. Больницаялъул бусен-рет1елалъе гуребги, росабалъе ун, передвижная безкамераялъ унтарасул рокъобги гьабулеб бук1ун буго дезинфекция. Киг1ан гьукъараб жо бук1аниги, гьанже чурун тезе кколеб бугила. Замана буго гьукъарабги гьабураб, гьабу-гьабурабги бегьараб. 

«Гьеч1о», «гьеч1о»…, г1емерлъулеб бугониги, бегьуларо дагьалги «гьеч1оязул» хъвач1ого. Поликлиникаялдаса унтарал ине кколел руго унтиялъул история ц1езе (история болезни)километралде г1агарараб манзилалъ ц1ияб больницаялде, приемный покоялде. Гьебго манзилалъ инфекционнияб отделениялда вегизе т1адвуссунги вач1ине кколев вуго. Гьебго нух бокъинабизе кколеб буго отделениялда УЗИялде, рентгеналде, врачазухъе консультациялъе рит1улезги. Сахазего кин бугониги, унтаразе гьеб бигьаго бук1унеб гьеч1о. Гьелъул г1арз бахъана отделениялъул унтаразги.

   Дун гара-ч1вариялде щвараб къоялъ отделениялда сах гьавулев вугоан 8 унтарав. Дида лъалаан гьезда гьоркьов х1акъикъаталъе критикияб къимат кьолев, бугелда бугеб абизе к1олев г1адинав Г1ободаса Х1асанх1усенов Мухтар (ветврач) вук1ин. Гьес рагьилин отделениялъул х1алт1ухъабазул г1унгут1абиян хьул бук1ана дир-дун ана гара-ч1вариялъе унтаразухъе. Лъимер унтарай Хунзахъа Х. Г1алибеговалъ отделениялъул х1алт1ухъабазул адресалда рецц-бакъалъул раг1аби абуна. Унтаразул бугеб лъик1аб т1алаб-агъазалъулги, х1еренаб каламалъулги бицана Уздалросулъа С. Г1алибеговас, Байикьа М. Макъсудовас. Т1адехун рехсарав Г1ободаса Мухтарица ц1ияб больницаялда живго гьанивехун вит1илалде вегун вук1араб отделениялъул х1алт1ухъабазеялдаса къимат лъик1аб инфекционнияб отделениялъул х1алт1ухъабазе кьуна. М. Макъсудовас ва Мухтар Х1асанх1усейновас ц1ияб больница рик1к1ад бук1иналъул унтаразе бугеб зах1маталъул бицун г1айиб-гъвел гьабуна больницаялъул нухмалъиялде. 

   Мухь-харж х1алт1ухъабазе, рахунел унтабазул х1инкъи бугеб отделение бугониги, дагьаб буго. Масала мустах1икъай врачлъиялъул ц1арги т1адег1анаб категорияги бугей Н. Магаевалъе моц1рое 9 азарго гъ. буго. 6-7 азарго гъурущ щолеб буго сестрабазе. Ришватал, сайигъат-салам бак1ариялъул гьаб отделениялъул х1алт1ухъабазул х1акъалъулъ (цогидазул х1акъалъулъ г1адин) абулеб жо дида раг1ич1о. Гьелда щаклъиги бижич1о. Инфекционнияб отделениялъул х1алт1ухъабазе г1умруялда талих1-рохелги, чорхое сахлъиги гьарун Г1иса Г1исаев.    

     

Просмотров: 723 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz