Среда, 17.04.2024, 02:37 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Декабрь » 14 » НУХМАЛЪУЛЕСДАСА Г1АЙИБ Т1АСА УНАРО.
23:22
НУХМАЛЪУЛЕСДАСА Г1АЙИБ Т1АСА УНАРО.

Х1урматияй У. М. Мух1амадова! Ц1аланаха дур хъвай-хъваг1айги, г1езег1ан лъик1, бич1ч1уледухъ, мунго ц1унун хъван бугоан дуца гьеб Вай, рак1 бух1ана, рек1екълъана «Шотот1а школаги гьелъул директорги» абураб макъала т1убанго мух1канлъи гьеч1ого хъван борч1иялдаса. Х1акъикъаталдаги, гьелда жаниб дица хъвазе кколаан умумузул рахъалдасан дидаго аск1оре рач1араз дур х1алт1уе кьураб къиматги, рихьизарурал г1унгут1абиги.

Дуца хъвалеб буго дида Шотот1а школа бихьич1илан. Дица дуда бицун бук1анагури, х1урматияй, дун к1иго нухалъниги щванин нужер школалдеян. Гьеб мехалда дида гьениб батун бук1ана г1уц1а-к1ут1араб педагогикияб х1алт1и ва чанго учителас рецц-бакъалъулал раг1аби гьаруна гьеб къоялъ аск1оре рач1ун школалъул директор Нурмух1амадов Х1асание (мунагьал чураги). (Реге цересел соназул подшивкаби, дица дур школалдасан хъван бук1араб бихьизе бокьун батани). Дуе гьеб х1алалъ рек1ее г1еч1еб макъалаги дица хъван бук1ана к1иго кьуч1ав нуг1асул раг1абаздасан. Редакциялде яч1индал дуца абуна бищун зах1малъанин мун х1инкъанилан газеталда хъвай. Бат1аго т1ад вугев х1акимасукьа х1инкъи рогьо-нич гуро. «Т1ад вугев чиясе мут1иг1лъарав чи-дие мут1иг1лъана гьев. Бет1ерасде г1ассилъарав чи дида г1ассилъана гьев»- ян аварагасул (с. т. г1. в.) х1адисги бугелъул. Гьеб цо. К1иабизе абуни, дун ц1акъ йохана дир статья гьеб х1алалъ дуда «унтиялдаса». Гьеб сабаблъун гьанже екерахъдизе бегьула мун школалъул х1алт1и роц1инабизе. Т1асан пикрабиги кагъталги рач1унеб статья ккола журналистас х1алт1улаб бергьенлъилъун рик1к1ине бегьулеб хъвай-хъваг1ай. (Ц1але «Редакционная деятельносталъул») х1акъалъулъ. Дурго дандерижиялда дуца х1арпцин хъван гьеч1оан дир кабинеталда бицарабщиналъул (дица гьабсаг1ат гьеб макъалаялда хъваларо, биччанте гьеб дур ях1алда хут1изе).

Г1едег1ун йиго мун, У. М. Мух1амадова, дудаго цадахъ школалъул учительзаби «лъазеги». Дир макъалаялда школалъул учительзабазул ц1ар бахъараб бак1 гьеч1о. Гьениб дица хъван буго «аск1ор рук1арал цойгидаздаги» ян (гьеб раг1абазул бухьеналде гьоркьоре уна цадахъ рук1арал телевидениялъул х1алт1ухъабиги, дандч1варал росдал г1адамалги). Божула! Дур школалдаги жидерго х1алт1ул унго-унгоял махщалилалги, школалъе рух1ги-жанги кьун х1алт1улел Педагогалги рук1иналда.

Хъвалеб буго дуца нижерго кверал рух1ич1ого рук1ине, ниж «чияр (маг1на-дур) квенч1елалда рац1ц1ине» г1едег1аниланги. Х1урматияй, бералда бихьарабги, г1иналда раг1арабги хъванилан жеги лъицаниги щивниги х1алт1удаса вахъич1о, ч1ег1ераб жо хъах1абилан хъваялъ лъилниги г1унгут1абиги лъуг1ич1о. Нухмалъулесдаса г1айибги, киг1ан бицаниги, т1аса кколаро. Районалъул жаваб кьезе ккола районалъул бет1ерас, школалъул-гьелъул директорас, жинда цебе бугеб г1иял-гьелъул т1алаб т1адав вехьас. Дуда бугьтанал редакциялъул х1алт1ухъабаз лъеч1о, щивас дур школалъе пайда бук1иналъе г1оло хъван бук1ана материал. Нухмалъулесдаса т1алабин абуни, киниса бицаниги, бищун цебесеб ва кьварараб бук1уна. Дица рак1-рак1алъ гьарула дуе рокъоб парахалъи, гьабулеб х1алт1и дандебилълъин. Биччанте Шотот1а школалъе кумекги щвезе, гьебги т1егьазе, цо гьит1инабниги бут1а гьеб ишалъулъ нижецаго лъун бук1иналдаса нижги рохизе. Аллагьума амин.

Бугьтанал лъеялдаса, гьереси бициналдаса ва гьеб бицунездаса дунго ц1унеян Аллагьасда къойилго гьардолей Пат1имат Мух1амадова.      

Просмотров: 641 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz