Суббота, 20.04.2024, 03:48 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Октябрь » 23 » НУХАЛ: ЖАКЪАСЕБ АХ1ВАЛ-Х1АЛ.
17:03
НУХАЛ: ЖАКЪАСЕБ АХ1ВАЛ-Х1АЛ.

Рак1алда гьеч1ого бараб г1азуца ч1езаруна районалъул чанго бак1азда гьарулел рук1арал нухал къач1аялъул х1алт1аби. Г1азу балалде цебесеб къоялъгицин Макьасда Мостоотрядалъул х1алт1ухъаби раг1а-ракьанде щун, ц1вак-ц1вакизабун нухда хъил т1олел рук1ана. Мостоотрядалъулаз ва нилъерго нухазул участкаялъул дорожниказ цебеги районалда къач1арал нухазул х1акъалъулъ дица газеталда хъван бук1ана. Гьал ахирал моц1аз районалда къач1арал нухазул ва хасалоде гьабураб х1адурлъиялъул дие бицана районалъул нухазул участкаялъул начальник Сайгидов Мух1амадица. Бак1-бак1азде щун дидагоги бихьана гьезул х1аракатчилъи.

Гьал ахирал къоязда Мостоотрядалъул х1алт1ухъабаз цебеккун жидецаго къач1ан бук1араб Х1ариколо росулъе рач1унеб нух бикьудасан Ч1алде щвезег1ан бугеб 6 километр нухда асфальталъул к1иабилеб гъат лъолеб бук1ана.

Араб соналъ гьез г1ат1ид гьабун бук1ана Г1араниса Макьасде нух. Макьасдасан байбихьун буго Мостоотрядалъулаз нух къач1азе. Чабах баччун, гъоркь гьаризе кколел киналго х1алт1абиги гьарун, асфальт т1ун лъабго километр нухлул къач1анин жидецаян бицана дида х1алт1ухъабаз. Риидалил моц1аз 40-г1анасев чи х1алт1улев вук1ун вуго нухда, гьанже г1иц1го микьгоял хут1ун ругоан гьенир. Х1алт1ухъабазул интернационалияб бригада бугоан. Т1асияб соналъ, дунял хинлъигун, ц1идасан х1алт1уде байбихьизе рак1алда буго дорожниказда (П. Г.).

Гьезго асфальт лъун буго Шотот1а росулъе рач1унеб нухдаги. М. Сайгидовас бицана гьеб нух цин «Салам» ООО г1уц1иялъ къач1анилан.

Хунзахъ росулъ жанир нухал къач1аялдаса кутакалда разилъана г1адамал. Гьеб гуребги, асфальт т1уна казначействалъул минаялда цебе ва полициялъул азбаралде.

Илълъаре унеб нухде т1олеб бук1араб асфальт ч1езе тезе ккана. Гьалдаса хадуб дунял хинлъани гьеб раг1алде бахъинабизе рак1алда буго дорожниказда. Харахьи, Г1орут1а ва Г1урк1ач1и росабалъе унел нухал чабах баччун къач1ан руго. Исана планалда буго Заг1ибе нух ямочный ремонт гьабун къач1азеги. Гьединал ремонтал дорожниказ г1езег1ан гьаруна нухазда.

Хасел щвелалде, нухазда х1инкъи гьеч1олъи бук1инабизелъун, лъик1аб х1адурлъиялда руго дорожниялъул х1алт1ухъаби. Нухазде базелъун, 500-600 куб салул, ц1амул баччун буго жакъа къоялде г1уц1иялде. Гьелде т1адеги жеги баччизе буго 1000 куб салул ва ц1амул. Къвариг1араб мехалъ нухде рахъине х1адур руго х1алт1ухъабиги техникаги.

Хасало бищун х1инкъи ц1ик1к1арал участкаби ккола Макьас ва Г1урк1ач1и, Моч1охъ, Г1оч1ло росабалъе унел нухал. 

Жакъа къоялде щвезег1ан, х1исаб гьабидал г1езег1ан х1алт1аби гьарун руго дорожниказ. Араб хаселалъги балеб г1азукьги нухал рац1ц1ад гьаруна гьез. Т1аде щвараб хаселалъги гъеж гурун х1алт1изе рак1алда буго гьезда.

П. Гунашева.

Просмотров: 583 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz