Суббота, 20.04.2024, 15:14 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Сентябрь » 25 » НИЖЕР ГАРА-Ч1ВАРИ. ТОК БУХ1ИЗЕ БОКЬУН.
16:57
НИЖЕР ГАРА-Ч1ВАРИ. ТОК БУХ1ИЗЕ БОКЬУН.

Ахираб заманалда «Росдал зах1матчи» газеталъул редакциялде г1емерал г1арзал рач1унел руго Россиялъул энергосбыталъул Хунзахъ бугеб отделениялъул х1алт1удаса разилъи гьеч1олъи загьир гьабурал. Гьезул х1акъикъат лъазелъун жакъа нижер мухбир дандч1вана гьеб г1уц1иялъул начальник Мух1амадов Мух1амад Мах1ачевичгун. Гьесдаги нижедаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:

- Г1адамазул г1арзал руго токалъухъ г1арац босулелъул контролераз бук1ине кколелдаса ц1ик1к1ун босулеб бугилан. Щиб дуца гьелда хурхун абилеб?

-Ц1ик1к1унали щай гурин, кьезе кколебцин кьолеб гьеч1о г1адамаз. Щивав чиясда т1адаб буго жидер счетчикалда бугеб бихьизабиялда рекъон жиндир заманалда бух1араб токалъухъ г1арац кьезе. Амма бат1и-бат1иял багьанаби ратун кьолеб гьеч1о. Руго гьезда гьоркьор счетчикалде ток бач1ине биччач1ого бат1и-бат1иял х1иллаби гьарун бикъулелги. Ц1ик1к1ун г1арац босулев контролерасда счетчикалда бугелда рекъон гурого г1арац кьеларилан абеха. Дида рак1алде ккола гьел харбал г1адамаз ургъунго риччарал ратилилан.

Нижехъеги рач1уна г1емерал г1арзалгун г1адамал. Г1арзалчаг1азда нижеца гьикъула кинав контролерас кидал нужеда ц1ик1к1ун г1арац кьеян абурабилан. Ц1арги лъаларила, фамилияги лъаларила цо къокъав чи вук1анила, квитанцияги кьеч1ого г1арац босун анилан. Х1исаб гьабеха лъида гьаниб г1айиб бугебали. Г1арац кьолелъул квитанцияг1аги т1алаб гьабизе ккеларищ. Квитанциялда рекъон нижеда лъала кинав контролерас киг1анасеб къадар г1арцул босарабали ва гьезул жив-живасул код бук1унелъул щив чи гьев кколевали.

- Кколел руго счетчикалда ругел рихьизариялги жидер компьютералда ругелилан контролераз рач1аралги данде кколарел х1ужаби. Щайдай гьеб гьедин бугеб?

-Счетчикалда ругелги компьютералда ругелги рихьизариял дандеккунгут1иялъеги буго гьадинаб г1илла: г1арац кьеч1олъи, счетчикалъул рихьизариязул баян щвеч1ого заман гьоркьоб ани, компьютералъул программаялда рекъон абонентазда т1ад хъвала нормативалда рекъон рихьизариял. Гьеб расги х1инкъизе кколеб жо гуро, нужерго счетчикалда ругел рихьизариялги росун, суратги бахъун бухгалтериялде рит1ани ц1ик1к1ун хъварал баянал т1аса рахъула. Гьебгиха г1адамаз ток бикъулеб бук1иналъул х1асил. Жидер рокъоб отоплениеги бугел, кинал рокьаниги токалъул алаталги ругел г1адамалги ч1ола жидеца моц1ие ц1акъго дагьаб къадаралда гурого ток бух1уларилан. Отопление гьеч1оницин, г1иц1го чирахъал гурого рокъоб бакуларел г1адамазцин 100-200 гъурущ гурого, гьез бицанихъе, бух1ич1ого бук1унаро. Цох1о чирахъалги ракун токалъул алатал рокъоб х1алт1изарулел г1адамал нилъеда гьоркьор рати ц1акъго къанаг1атаб иш буго. Г1адамазул рокъоре жанире лъугьараб мехалда, токалъул чайникал рихьула столалда лъун. Цогидаб бакулеб алат гьеч1онигицин, гьелъги бух1ула ц1ик1к1араб къадаралда ток. Цо-цоял ч1ола жидеца хинлъизаризе токалъул алатал х1алт1изаруларин ц1улги лъун т1урччиги бан печал ракулилан. Балагьеха, пучдул ракараб мехалда чан рокъосан к1к1уй къват1ибе бач1унеб бук1унебали. Щибаб моц1ие кколеб 500 гъурущг1аги кьеларилан харж щун гьеч1ин абун багьнал ратун кьоларо г1арац. Цо-цоязда рак1алде ккола гьаб моц1ие кьеч1они, т1асияб моц1алде гьеб г1арац т1аса унеб г1адин, амма т1аде бач1ун гурого гьеб т1аса унаро. Гьединлъидал г1арац жиндир заманалда кьураб лъик1аб буго. Х1илла-рек1к1ги гьабун счетчикалъул рихьизариял дагь гьаруниги, лъиего балъголъи гуро, г1емерисел г1адамаз ток бикъулеб бук1ин. Щибаб моц1ие бух1аралъул бащадабг1аги къадар кьолеб бук1арабани, гьадиг1анго квешаб ах1вал-х1алалде ккелароан токалъул х1алт1и. Жакъа 25 миллион гъурущалде ток бух1араб мехалда 5 миллионцин г1арац бак1аризе к1олеб гьеч1о г1адамазухъа. Кинаб ц1ик1к1ун босиялъул хабар гьаниб бицине кколеб? Цо-цо минаялъул бет1ергьан хвараб бак1алда г1умру гьабун ругел гьесул лъимал токги бух1ун, г1арац кьеларилан ч1ола, гьеб жидеца бух1араб гурин. Ток бух1арав валагьизе хабзалалъе аян, гьенибехун килищги бит1ула. Гьезда рак1алде кколеб батани, гьедин жидеда т1аса г1арац унин абун. Гьеб мекъи буго. гьениб жаниб г1умру гьабун вугев чиясда правопреемник т1аса г1арац кибениги унаро. Гьеб кьеч1ого гьев ворч1изеги ворч1уларо.

Г1адамазе дагьал гурого харжалги щолел гьеч1ин, цоцада рич1ч1иялъул ах1вал-х1алалде рач1инилан, ц1акъго кьваризабич1ого, дагьабниги бичча-бихъан тей гьабуни, гьел дагьалги квешаллъун лъугьуна бич1ч1изеяли киса гурин гьезда гьеб бич1улеб.

-Бицуна нужер контролеразги жидеего дагьаб г1арац нахъе лъолилан. Лъаг1алил байбихьуда жигулиялда рек1ун вач1арав чи, гьелъул бакьулъиялда иномарка босун хьвадулилан.

-Эбелалъ гьабураб мехалда лъимерги г1иц1аб бук1уна. Дагь-дагьккун рет1ел рет1ун гьеб т1убанго бацизабула. Гьединго, щивав чиясги зах1маталъул г1умруялде лъугьаралдаса нахъе т1ок1 гьабулеб бук1уна машинаги, цоги х1ажатаб босизеги г1арац. Мухь щвеч1ого гурелъулха анибги г1адамал х1алт1улел, щай нужеца кинабго г1айиб контролеразде рехулеб?

-Дуда рак1 ч1ун абизе к1олищ нужер контролерал «рац1ц1адал» г1адамал ругилан.

-Щивав чиясулъ бук1ине ккола жиндирго ях1-намус. Нагагьлъун контролерги абонентги рекъон к1иязего бигьалъиялъе х1илла-рек1к1 гьабулеб батани, гьеб буго х1арамаб ва такъсирияб иш. Гьединаб иш ккани лъазабе нижеда. Гьединазе законалде данд рекъон кколеб тамих1 гьабизе буго.

- Счетчик хвани лъица лъезе кколеб?

- Хвараб счетчик гьелъул бет1ергьанчияс хисизе ккола, ай ц1ияб счетчикги босун абонентас ах1изе ккола электросбыталде гьеб лъезе рач1аян. Нижеца счетчик лъола, гьелъул номер хъвала ва гьеб, гьев абонентасда т1ад бухьинабула. Цо-цоязда рак1алде ккола жидеего бокьараб счетчик лъезе бегьулилан. Х1алхьезег1ан г1арац бух1араб счетчикги бахъун, ц1ияб лъун батула. Гьебги буго доб цебехун рехсараб счетчикалдаги, компьютералдаги ругел данде ккеч1олъиялъе цойги г1илла. Цойги нухалъ лъан бук1ине бицунеб буго. Регистрация гьабич1еб счетчик лъун батарав чиясда акт гьабула ва г1ак1а къот1ула.

Хвараб счетчик бугеб бак1алда, гьеб ц1ияб босизег1ан, рук1уна нормативал. Гьелги минаялъул площадалъухъ, рокъор х1алт1изарулел электроприборалъухъ ралагьун ч1езарула.

- Дагъистаналда руго г1емерал гидроэлектростанциялги, ТЭЦалги бегьуларищ токг1аги рекъараб багьаялда ч1езабизе?

- Токалъухъ кьолеб г1арац Дагъистаналда бищунго г1одобег1анаб буго. Гьабсаг1аталда нилъер аниб тариф 1 гъурущгин 69 капек батани, руго регионал, гьелъухъ 3-4 гъурущ босулелги.

Щаялиго нилъер г1адамал ц1акъ барахщула бух1араб токалъухъ кьолеб г1арцуда. 200 – 300 ва жеги ц1ик1к1унги кьун босула 5-10 минуталда жаниб гьекъон лъуг1улеб шиша, 100 гъурущалде росула цо къоялъецин рух1изе г1оларел сигаретал. Токалъухъин абуни, т1убараб моц1ие кьолеб 500 гъурущ, гьебгицин кьезе к1оларо, жидеца 100-200 гъурущ гурони т1ок1аб бух1уларин ч1ола. Нилъерго районалдаса контролерги вач1ун, гьесухъе 500 гъурущ кьезе к1оларев абонент, бат1ияб районалдаса хал гьабизе чи вач1араб мехалда гьесул чвантиниб 15 азарго гъурущ лъезе г1едег1ула. Нилъераз жидеего гьабулеб бигьалъи бич1изего бич1уларо.

Цебе ч1езабе цо саг1аталъ ток сваницин нилъеда бук1унеб ах1вал-х1ал. Гьанжесеб заманалда, щиб нилъехъа ток гьеч1ого гьабун бажарулеб? Цо-цо ккун рик1к1инч1ониги гьеб щивасда лъала.

Рач1а, щивав чияс бич1игун кьелин, жидеца бух1араб токалъухъ г1арац.

- Токалъухъ г1арац кьеч1ев чиясе кинаб тамих1 гьабулеб?

- 3 моц1алъ токалъухъ г1арац кьеч1ев чиясул рокъобе гьеб къот1инабула. Гьелдаса хадуб векерула гьев, киг1ан к1ваниги хехго г1арац кьезе.

- Контролеразухъе гурого бух1араб токалъухъ г1арац цойги бат1ияб бак1алде кьезе бегьулищ?

- Бух1араб токалъухъ г1арац босун рач1ине бегьула районалъул энергосбыталъул отделениялъул кассаялде, почалъул отделениялде, дагьабги бигьаго рокъоса къват1ирецин рахъинч1ого компьютералдасан щивав чиясул личный кабинеталдасан платежный кодги бихьизабун энергосбытовой компаниялъул htt PS://9Р-/С.ru/ сайталде.

Гьеб мехалда бук1ине гьеч1о кинаб бук1аниги х1илла-рек1к1, рич1ч1унгут1аби.

Компьютер лъаларев чиясе бигьалъи буго жидер рокъове вач1арав контролерасухъе майилан, цебе нилъеца бицухъе, г1арац кьезе.

Щивав чиясда т1адаб буго бищунго цебе живго рак1 бац1ц1адавлъун вук1ине, хадуб аск1ов вугесдасаги гьебго т1алаб гьабизе.

- Баркала гара-ч1вариялъухъ.

- Дуеги баркала нижер ах1вал-х1ал ц1ехезе яч1аралъухъ.

Ахиралдаги бокьун буго токалъухъ мух1канго г1арац кьолел рак1бац1ц1адал абонентазе рак1-рак1алъулаб баркала кьезеги.

 

 

Просмотров: 648 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz