Четверг, 25.04.2024, 03:52 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Август » 14 » НИЖЕР ГАРА-Ч1ВАРИ. СИДИКЪ МУХ1АМАДОВ: ГЬАРИЗЕ Х1АЛТ1АБИ ЖЕГИ Г1ЕМЕРАЛ РУГО.
17:59
НИЖЕР ГАРА-Ч1ВАРИ. СИДИКЪ МУХ1АМАДОВ: ГЬАРИЗЕ Х1АЛТ1АБИ ЖЕГИ Г1ЕМЕРАЛ РУГО.

2010 соналъул 25 октябралдаса нахъе Г1обода сельсоветалъе нухмалъи гьабулеб буго Мух1амадов Сидикъица. Советалде гьоркьобе уна 1 клуб, 2 ФАП, 1 СРП,  байбихьул  классазул 2 школа, 2 библиотека ва 1 гьоркьохъеб школа. Советалде гъорлъе унеб лъабго росулъ ва к1иго гъутаналда  г1умру гьабун буго 1421 чияс. Нахъа тараб заманалда жаниб гьабураб ва гьабизе рак1алда бугеб х1алт1улги  росулъ бугеб ах1вал-х1алалъулги ц1ехон, дун дандч1вана Мух1амадов Сидикъгун.

- Сидикъ кинал х1алт1аби гьарурал росулъ мун бегавуллъун вугеб 6 соналда жаниб?

- Г1езег1ан х1алт1аби гьарун рорч1ана гьеб заманалда. Рехселин гьезул бищунго аслиял. Г1обода капиталияб ремонт гьабун къач1ана ФАП, школалда хисана гордал ва нуц1би, 500 метралъул манзилалда росулъ жанисан т1уна хъил, бачана  токалъул к1иго ц1ияб мухъ, къват1ахъ бана 38 чирахъ. Росуцояв Билалов Х1ажил кумекалдалъун Г1араниса Г1ободе рач1унеб нухде т1ун бук1ана хъил, гьесго бана росулъ мадраса ва  школалъе спортзал. Вацал Зиявудин ва Мух1амад Мух1амадоваз бана киналго рахъазул шарт1алги жанир ругеб ясли-ах. К1удияб г1унгут1и бук1унаан хасало росу лъедалъун хьезабиялъул. Цебе росулъе лъим бач1унаан араб г1асруялъул 60 абилел соназдаго лъун рук1арал лъел  трубабаздасан, гьел басралъиялъ зама-заманалдасан къач1азе кколаан. Гьелъ, 10 километралъул манзилалда маг1ардаса бачана  росулъе лъим ва нухал рикьулел бак1азда лъуна 80 люк, гьединго  иххазул лъим чвахизе 380 метралъул манзилалда лъуна рог1ралги. Г1адамазухъа г1арацги бак1арун Г1араниса росулъе рач1унеб нухлул раг1алдасан ч1ана 500 гъвет1.

Гъоркьколо  бана байбихьул классазул школа ва ФАП, бачана токалъул ц1ияб мухъ, къват1ахъ бана 12 чирахъ.

Гозолоколо къват1ахъ бана 5 чирахъ. Нуси хъутаналда хисана трансформатор, Артезианалдаса 900 метралъул манзилалда бачана лъим. Квани  хъутаналда къват1ахъ бана 5 чирахъ ва гьебго Артезианалдаса 900 метралъул манзилалда бачана лъим.

- Кинаб даражаялда бугеб росдал маг1ишат? Хур-хер гьабулел ва г1и-боц1и хьихьулел г1адамал рук1унищ?

- Квешаб х1ал гьеч1ин абизе бегьула, г1емерисез рекьула хурзал, аслияб къаг1идаялъ бекьула картошка ва ламадур, рецула харибак1ал, хьихьула г1и-боц1и. Росулъ буго 250 ч1ег1ерх1айван ва 4000-5000 бет1ер г1иял. Вехь теялъулги щибго къварилъи бук1унаро, г1унгут1и бук1уна магъилъ тезе г1ел щунгут1иялъул.

-Г1олилал сунде руссун рук1унел?

-Абизе ккола росулъ ц1акъ дагьал гурони г1олилал хут1ун гьеч1илан. Росулъ х1алт1изе бак1ал гьеч1олъиялъ гьезул г1емерисел унел руго шагьаразде х1алт1изе ва гьенирго ч1олелги руго. Росулъ ругел лъималазегун г1олилазе буго чвердезе х1ор ва спортзал. Рак1алда буго Гъоркьколо ва Гозолоколо басриял рукъзалги къач1ан, гьениб г1олилазе тренажеразул зал г1адаб бак1 гьабизеги. Г1олилазе росабалъ кьола рукъзал разе ракьул участкаби-планал, кинабниги кьуна 38 чиясе план. Нижер къот1и-къаялда рекъон, участок кьуралдаса лъабго соналда жаниб гьениб мина базе байбихьич1они, бет1ергьабазухъа гьеб нахъе босула. Цо-цо гьединал х1ужжабиги ккана.

-Ток, лъим, нухал-гьеле жакъа росабалъ дандч1валел аслиял г1узрабаздасан цо-цоял. Г1обода советалдаги камун ратиларо гьединал г1унгут1аби?

-Аслиял г1унгут1аби рук1уна хасало токалъул ва лъик1аб х1алалда гьеч1ел нухазул. Цересел соназ чабахх баччун нухал къач1алаан, амма гьанже бюджет т1аса къунц1иялда бан гьеб х1алт1и гьабизегицин кинго рес г1олеб гьеч1о. Квалквал буго Гозолоколоса Г1ободе школлъимал раччизе транспорт гьеч1олъиялъулги. Риида санаг1ат бахъун бук1уна магъил хъаравул щунгут1иялъулги. Нуси хъутаналда х1ажат буго медпункт ва байбихьул классазул школа базеги.

-Дуца рехсолел х1алт1аби аслияб куцалъ советалъул мукъсанабго бюджеталдасан гьабураб квербагъари ккола. Гьеч1ищ г1агараб росдае квербакъулел сахаватчаг1иго?

-Рук1уна. Росабалъ гьарулел х1алт1абазе г1арцудалъун кумек гьабула Билалов Х1ажица, Рах1матулаев Мух1амадица, Шуг1айбова Парханисайица, Х1амзатов Майиндурица. Кидаго х1алае ратула депутатал Мух1амадх1ажиев Батал, Мух1амадов Мух1амадкамил, Дибирдадаев Мух1амадх1ажи ва Х1айбулаева Ах1сарат. Росулъ т1орит1улел субботниказдаги ва цогидал х1алт1абазулъги жигараб г1ахьаллъи гьабула Г1обода ясли-ахалъул, школалъул, клубалъул  ва медпунктазул коллективазги. Бокьун буго гьел киназего газета гьоркьоб ккун рак1-рак1алъулаб баркала кьезеги дуе.

-Кинал ругел г1агараб заманалда гьаризе рак1алда ругел х1алт1аби?

-Рак1алда буго Г1обода басриялъул бак1алда ц1ияб школа базе, ц1акъго хварал бак1аздасан нухал къач1азе ва газ бачине.

Баркала Сидикъ гара-ч1вариялъухъ. Хадубккунги росдае х1алт1изе Аллагьас къуватги ресги кьеги.

Гара-ч1вари гьабуна И. Мух1амадовас.

  

Просмотров: 467 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz