Г1ун бач1унеб г1елалда нилъер районалъул тарих, г1адамазул г1умру-яшав, нилъер бах1арзал лъазариялде к1вар бугеблъун ккола зама-заманалдасан тарихиял бак1азде экскурсиял гьари, машгьурал г1адамазулгун дандч1ваял т1орит1и, гара-ч1вариязул кьуч1алда, гьезул г1умру, г1адатал, пикраби, хьулал, цере ч1арал масъалаби лъазари. Гьединаблъун бук1ана гьал къоязда Ц1ада росдал Мух1амад Юсуповасул ц1аралда бугеб ясли-ахалъул х1алт1ухъабаз районалъул центрлъун кколеб Хунзахъ росулъе гьабураб сапар. Т1оцебе гьел щвана росулъ ахирияб заманалда бараб Х1ажимурадил паркалде. Гьениб гьез лъай-хъвай гьабуна районалъул шагьидзабилъун хварал мюридзабазулгун, лъазабуна бищунго аслияб, исана нилъеца гьавуралдаса 200 сон т1убай к1одо гьабизе бугев Х1ажимурадил бах1арчияб нух ва гьесул гьунарал. Ана гьел культураялъул к1алг1аялдеги. Гьениб гьалбал къабул гьарулеб рокъоб гьезда бихьана нилъер умумузул рук1а-рахъин бихьизабулел кверзул алатал, умумузул гъансито, гьезул партал-кун, рет1а-къай.
Хадуб лъимал щвана Зах1маталъул Бах1арзазул паркалде. Гьенибги гьит1ичазда рицана паркалда суратал ч1варал Бах1арзал кинал рук1аралали, щал гьел кколелали. Бах1арзаллъун рахъине ккани кинаб хьвада-ч1вади гьабизе кколебали.
Гьенисан лъимал ана цогиги лъималазе гьабураб паркалде. Гьеб гьезие бищунго бокьизеги бокьана, щайгурелъул гьениб лъималазе гьабураб бугелъул кинабго. Паркалда расандун, кеп босун хадуб лъимал ана районалъул тарихияб музеялде. Гьениб музеялъул х1алт1ухъан Х1асанова Саг1адатица лъимал рачана нилъер районалъул тарих, рук1а-рахъин бихьизабулел чанго залалде, бицана гьезул щибалъул х1акъалъулъ.
Дир гара-ч1вари ккана ясли-ахалъул заведующая Багичулгун ва ц1ехана сапаралъул х1акъалъулъ. Гьелъ дие бицана гьадин:
-Дида рак1алде ккола лъималазда нилъер бах1арзалги, умумулги кинал рук1аралали гьит1инго бич1изабуни, гьез жигар бахъилин умумузул нухдасан церехун ине. Рак1алде кколеб бук1ана гьит1ичазе гьелъул интересго бук1инарилан. Амма бук1унеб бук1ун буго. Гьел ц1акъ разиго хут1ана жидее гьабураб сапаралдаса. Тарбиячаг1аз лъималазе бицана исана районалда к1одо гьаризе ругел юбилеязулги. Лъималаз раг1и кьуна исана нилъеца к1одо гьавизе вугев Бакьагьеч1иса поэт Тажудин Ч1анк1ал 200 сон т1убаялъул ва маг1арулазул машгьурай поэтесса Залму Батировалъул 75 сон т1убаялъул юбилеяздеги лъик1аб г1адлу-низамги бихьизабун, гьеб к1одо гьабизе жидерго лъик1ал церерахъиналгун рач1ине.
Н. Г1алиева.
|