Среда, 24.04.2024, 14:51 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Декабрь » 11 » НИЖЕДА ФАЗУ К1ОЧЕНЕ ГЬЕЧ1О.
14:12
НИЖЕДА ФАЗУ К1ОЧЕНЕ ГЬЕЧ1О.

Нилъер гьайбатаб ракь раг1араб буго унго-унгояб берцинаб т1абиг1аталъул рорхатал муг1руздалъунги, г1ат1идал лъараздалъунги гуребги, ц1ар раг1арал шаг1ирзабаздалъунги. Гьезда гьоркьой йиго дунялалда ц1ар раг1арай, жиндир поэзия хвел гьеч1еб реццалъеги, ц1аралъеги мустах1икълъарай Дагъистаналъул халкъияй поэтесса жиндир мунагьал чураяй Фазу Г1алиева.

«Дие бокьилаан даим г1умруялъ, нужеда йихьизе дилъ дой маг1арул яс»-абураб темаялда Фазу Г1алиева гьаюраб къоялда хурхун Х1ариколо культураялъул ва библиотекаялъул х1алт1ухъабаз г1исинал классазул лъималазе т1обит1ана тематикияб вечер. Гьеб вечер рагьана ва лъуг1изег1ан нухда бачана культураялъул рукъалъул директор Г1абдурах1манова Хадижатица. Гьелъ цин лъималазе бицана Фазул биография. Гьелдаго цадахъ Хадижатица лъималазда бицана кинаб хурхен Фазулги х1арисезулги бук1арабали. Фазул эмен Г1алиги, Х1ариколоса Набиги рук1ана лъик1ал гьудулзаби. Гьедин Фазул эмен хваравго, Набица т1аде босула гьесул хъизан лъималазе кумек гьабизе. Наби-даци вук1ана ц1аларав, кутакалда иман-иях1 бугев чи, гьес гьезул хъизаналъе жиндасан бач1арабщинаб кумекги гьабулаан. Риидалил каникулал кьуралго гьит1ичай Фазуги гьес Х1ариколое ячунаан. Гьедин жинда бихьаралъулги бицун, пикруги загьир гьабун хъвараб буго Фазул нилъет1е гьабураб «Х1ариколо»-абураб кеч1ги. Гьеб кеч1 ц1алидал лъималазул кутакаб интерес ккана гьелъул поэзиялде ва гьезда бич1ч1ана Фазул т1оцересел, жеги школалда ц1алулел соназго хъварал куч1дузулъ гьеб бук1ин.

Фазуца к1удияб х1алт1и гьабуна рекъел ц1униялъулъги, руччаби квер г1унт1уларел борхалъиялде рахинариялъулъги, г1адамазе жиндасан бач1араб бажарараб кумек, квербакъи гьабиялъеги. Фазул асараз халкъалъул рак1азулъе лъугьинабула г1ажаибаб хинлъи цо кинабалиго канлъи. Гьелъ жиндирго асаразулъ загьир гьабулаан Ват1аналде бугеб г1орхъи гьеч1еб рокьи, г1агараб росдаде бугеб урхъи, миллаталде бугеб хинлъи. Фазул бицине ккани нилъее г1емераб заман х1ажалъилаанилан абуна Хадижатица жиндирго к1алъаялъул ахиралда.

Фазу нилъее кидаго хирияй йик1ана, гьелъул адаб-х1урматги гьабулаан. Лъик1аб рахъалъ гурони нижеда гьей кидаго рак1алдего щоларо ва рек1елъаги унароян абулеб бук1ана гьенире рак1арараз.

Фазу кидаго хут1ила районцоязул рак1азухъ ч1аго йигей г1адин. К1оченаро нилъеда гьелъул поэзиялъул борхалъи, гьелъ нахъа тараб гьайбатаб г1умруялъул нух, лъалк1 ва г1агараб район цебет1еялъе гьелъ лъураб кьуч1.

Ахиралдаги абизе ккола вечер анин ц1алдохъабазе ва гьенире рач1аразе пайдаяб ах1вал-х1алалдаян.

У. Къурамух1амадова. 

Просмотров: 457 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz