Пятница, 26.04.2024, 01:14 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Февраль » 11 » НИЛЪЕР КОМПОЗИТОРАЛ.. БИЧЧАНТЕ, МУХ1АМАД, ЦО ЩОБИЛ БАКЪАН.
20:41
НИЛЪЕР КОМПОЗИТОРАЛ.. БИЧЧАНТЕ, МУХ1АМАД, ЦО ЩОБИЛ БАКЪАН.

«Биччанте, МухIамад, цо щобил бакъан»- щибаб аваданаб горсверулъ ахIулеб машгьураб кечI, магIарул халкъалъе къабулаб бакъан.. Исанасеб февралалъ гIумруялъул 80 сон тIубалаан магIарулазул бакъназул устар, Майиндур ТIалхIатов гьавуралдаса. Лъабго сон буго гьев Аллагьасул къадаралде щваралдаса. Ккана 12 соналъ цебе гьабураб гара-чIвари цIидасанги магIарулазе бикьани лъикIин ккана нижеда. КучIдузда куркьбал гъезе бакънал рукIинчIелани дуниялго гIинкъаб букIинаан. Цогидал гьунаразда дандеккун бакъназул устарлъи цIакъго хIикматаблъунги бихьула. КечI-бакъан бокьулел магIарулазул гIемерал гьечIо гьеб махщалил устарзаби. Консерваториязда цIалун хасаб лъай щвечIониги, жидер гьунаралъ маданият бечед гьабуразул цояв вуго Дагъистаналъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан ва искусствоялъул мустахIикъав хIаракатчи Майиндур ТIалхIатов. Цо-цо гьединал къиматал г1адамазда гьоболлъи бала маг1арул мухбирзабаз. Бакъназул, кучIдузул, гьел ахIулезул бицун гьадинаб гара-чIвари ккана нижер Майиндур ТIалхIатовасулгун.

-Кин бижулеб бакъан? Бегьиларищ гьелъул балъголъи рагьизе?

-Щибго балъголъи гьечIо. Бакънал хъвайги Аллагьас инсанасе кьурал гьунаразул цояб батила. Дие кидаго бокьулаан нилъерго шагIирзабазул кучIдул цIализе, гьанжеги цIалула. Цо асар гьабулел, рекIелъе рортарал рагIаби ратидал бижула бакъанги. Гьелги цере лъун бачуна мандолина. ГIемерисеб мехалъ бакъан рекIелъе бачIуна радал. Макьилъ бихьунцин бахъун букIана цо бакъан. Радал вахъарабго бачана мандолинаялда. Гьеб цебеккун бахъаралда релъараб гIадаб батун къватIибе кьечIого тана.

-Нотабаздаги хъвалареб мехалъ, кингIаги цIи-цIиял бакънал ракIалда чIолел?

-РакIалда чIезегIан хъвалев ахIулев вукIуна. Хъизаналъги кумек гьабула.

Цо-цо бакъан, кIиго-лъабго къоялъ кIочонги тун, хадуб жибго бачIуна ракIалде.

-Майиндур, кида тIатараб дулъ бакънал ургъизе бугеб гьунар?

-Мунагьал чураяв нижер эмен вукIана Гъизилюрталъул колхозалда завхозлъун хIалтIулев. Цо нухалъ инсуца дун гъутаналде арав хъаравуласул бакIалда гьеб сордоялъ бачIараб цIулал кIиго вагон цIунизе витIана. Гьеб букIана 1958 сон, дир гIумруялъул букIана 20 сон. Киве унев вугониги мандолина кодоса камулароан дир. Гьеб сордоялъ гьалмагълъун босараб гьелъул чIвабзазда кIутIулев, кIутIулевги вукIун бижун бачIана дидаго лъалареб бакъан. Гьелдаса нахъе шавкъалда тIаделъана бакънал рахъизе. Гъизилюрталъул культураялъул рокъой хIалтIулей йикIана Сакинат ГIумарова абулей гIадан. Гьелъухъе векерулаан кIочон телелде цIи-цIияб дирго бакъан малъун ахIизе гьей тIамизе. Гьейгун концертазда гIахьаллъулаан ниж. Амма дица дирго бакъан бугин абун сценаялдаса лъазабизе толароан.

-Щай?

-Доб мехалъ цIакъ машгьурав композитор вукIана АхIмад ЦIурмилов. Гьединав устарасдаса хадув, гьавги щив бакънал хъвалев чийин гIадамаз абилин, намуслъун вукIунаан. КигIан халкъалъ лъикI къабул гьабулеб бугониги, лъагIелгун хадуб заманалъ бахчана дирго гьунар.

-Майиндур, кигIан хIикматаб, къиматаб гьунар бугониги, гьаб заманаялъ миллаталъул хасият, гIамал бихьизабулел бакънал хъвалезул гIемер къимат гьабулеб гьечIин ккола, дудаго кин бихьулеб гьеб?

-ЦIакъ битIараб рагIиха! Къимат хвезабулеб буго гьал, гьанже рахъарал кочIохъабаз. МагIарул букIине кколеб, нилъер махI, хасият бугев кечI ахIизе бокьулев чи цIакъ къанагIат вуго гьезда гьоркьов. ГIезегIан кочIохъаби рачIуна дихъеги бакъан хъвайилан. Киназулго букIуна цого гьари-лезгинкаялда данде кколеб бакъан хъвайила жидей. Дица абула, дун банкетазеги, бертабазеги бакънал хъвалев чи гурилан. Гьалейин, гьаб магIна бугеб, нилъеда данде кколеб бакъан бугин, ахIеян бихьизабула дица. Гьединал бакънал берталъ къабул гьаруларинги абун, гьел разилъуларо. Гьедин холеб, хун лъугIулеб буго магIарул бакъназулги кучIдузулги къимат. Дир гIелалъ ва щуго-анцIго соналъ гIисиназ къабул гьаруни гурони, цогидал магIарул бакъназул интерес гьечIо. ГIун бачIунеб гIелалъул, цогидаб миллиябщиналъулго гIадин, цебесеб кечI-бакъаналъул бичIчIи гьечIо.

-Дур ракI рекъолеб хIалалъ, щвалде щун дуца хъварал ва цогидал магIарул бакънал ахIулел кочIохъаби щал ругел гьабсагIат сценаялда?

-Руго гьединалги, Хадижат Жамалудиновалъ ахIула рагIа-ракьанде щун. Гьединго асар гьабуледухъ ахIула М-ТI. Синдикъовас, ГI. Тажудиновалъ, ГI. МухIамадмирзоевас, М. ГIабасовас, «МагIарулал» квартеталъ, ХIамзалас… дихъе рачIарал кочIохъабазда цин бакъан малъула дица, хадуб ахIизе тIамула. Дир ракI рекъолеб хIалалъ ахIани гурони гьезухъе кьоларо бакъан.

-Дол цересел кочIол устарзабазулгун гIаммаб мацI бигьаго батулеб букIун батила?

-Доб батIияб замана букIана, гьунарги дозул хIакъикъияб букIана. МагIарулазул киналго машгьурал кочIохъабаз ахIана дир бакънал. Гьел кучIдуз батIияб, гъваридаб асарги гьабула (Манаша, Муи, Дакку, Марижат ва цогидал).

-Миллияб кечI-бакъанги, жакъа гьелъул бугеб ахIвал-хIалги бичIчIулев чи вуго мун. Щиб къисматдай букIина нилъер бакъназул?

-Лъаларо, гьабго хIалалда биччан тани миллияб кочIол искусствоялъул щиб хутIилебали… Гьал цIиял кочIохъабаз ахIулелъулъ цIакъ дагьаб гурони гьечIо магIарул яхIги махIги. Цогидал миллатазулги гьединго батила. Жакъа гIенеккун, метер кIочон толеб жо букIине бегьуларо бакъан. Гьеб такрарлъун рекIелъ хутIизе ккола. Дида гIемераз абула щайила чIун вугев бакънал хъвачIогоян. Хъвалел руго дица цIи-цIиял бакънал, гьел ахIулелги руго. Амма лъицаниги, кибниги рехсоларо пуланаб бакъан гьав чиясул бугин композиторасул цIар. Кин лъалел халкъалда гьел бакънал лъилали?

-Майиндур, дуцаго хъванщинал бакъназул хIисаб лъалищ дуда?

-КIинусгоялдасаги цIикIкIун бакъан буго дир. Гьединго руго авартеатралъ лъураб ункъго спектаклялъе хъваралги. («Айдемир ва Умайгьанат», «Дурцал», «Вехьасул намус», «Эбелалъул ракI»). Бищунго дие бокьулеблъун лъугьана «Эбелалъул ракI» спектаклялъе хъвараб бакъан.

-Дуца абухъего, гIемерисел магIарул бакъназул автор лъаларо гIадамазда. Дагъистаналда машгьурал, халкъалъ такрар гьарулел бакънал кинал ругел дур?

-ТIоцебе рехсезе бегьила магIарул кечI бокьулезе гимнлъун лъугьараб «Биччанте, МухIамад, цо щобил бакъан», гьединго «Щва мун магIарухъе», «Чанахъан».

-Цебего хъвараб, дурго рекIелъ такрарлъулеб, бокьулеб бакъан бугищ дур?

-Кидаго ахIизе бокьула «Биччанте, МухIамад», Дакуца ахIулаан цоги «ТалихIалъул кечI». Гьебго цIаралда гъоркь дирго хIакъалъулъ хъвараб тIехьги бачIине буго кватIичIого къватIибе. РекIелъ хутIулел, халкъалъ такрар гьарулел ва миллаталъе кIвар бугел кучIдулги бакъналги нагагьги гьечIо гьанже. Кин бугониги, кочIохъаби руго халкъалъ борхалъуда лъун, щибго кочIол бичIчIи гьечIониги, Дагъистаналъул нухмалъулез кьолел руго гьезие «МустахIикъал», «Халкъиял» цIаралги.

-Гвангъараб гIумру, бечедаб яшав бугониги нилъер гьаб заман буго пашманлъи гIемераб, ритIухълъи дагьаб. Гьединаб асаралъ рижизарурал бакънал ругищ дур?

-БачIуна гьединаб пашманаб бакъан, дица нахъе бачахъула. Дица бицен гьабурал спектаклязе хъван рукIана гьединал бакънал. 90-абилел соназда рукIарал пашманал лъугьа-бахъиназдаса хадуб дица Расулида абуна цо аваданаб кечI хъвайилан. Гьес хъван битIун бачIана гьаб кечI:

КIиго гIаркьел буго дир рокьиялъул:

Цояб тIегьанани, цояб бечIалеб.

КIиго кваркьи буго дир рокьиялъул:

Цояб борханани, цояб биччалеб.

Ячарай лъадиги хирияй йиго,

ХутIаралги дие къваригIун руго.

Рукъалъулги дица къимат гьабула,

КъватIибги гIезегIан ракIгъун букIуна…

Дица хъвана гьелъие бакъан, амма гьеб ахIизе лъихъего кьечIо.

 

Просмотров: 1104 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz