Четверг, 28.03.2024, 23:05 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Декабрь » 16 » НИЛЪЕР Г1АДАМАЛ «МИЧУРИНИХЪ» ГЬОБОЛЛЪУХЪ.
22:05
НИЛЪЕР Г1АДАМАЛ «МИЧУРИНИХЪ» ГЬОБОЛЛЪУХЪ.

Хунзахъ районалъул КIудияб ГьоцIалъ росулъ жиндирго хъизан Рукъигатгун цадахъ гIумру гьабулеб буго хIикматав инсан, гIарцул тIагIелазул устар, ахихъан, найихъан…, гIагараб ракьалъухъ рокьи ккарав Абумуслим Шамиловас. - Дуе бокьун букIанагури гIажаибал гIадамазулгун лъай-хъвай гьабизе,- ян абуна дир гьобол Ирайгьанатица. - Гьев щив? - Дудаго вихьиларищха… - Радал чамалда рилълъинел? - Хехго яхъани, лъикIаб букIина. Анлъгоялда тIаде яхъаниги, кватIун батана. - Мун, гIолохъанчIужу, кватIизегIанищ кьижун йикIуней? Дунин абуни, радалго, ункъоялдаса нахъего, духъ валагьун чIун вукIана,- ян абуна дида дандчIвазе жиндирго минаялъул кIалтIе вачIарав кIудица. - Гьалеха доб, росдал гIумру: анлъгоялда рахъанигицин, кIватIун букIунеб буго гьаниб,- ан ракIалдеккана дида. Шамилов Абумуслимил буго 83 сон. ГIолохъанаб заманалда гьев вукIана гIарцул ва меседил тIагIелал гьарулев устар. ХIалхьиялде ун хадуб гьабуна ахихъанлъиги. Гьединлъидалин росуцояз гьесда Мичуринилан тIокIцIарги лъураб. - Йилълъа, йилълъа. Дица дуда ах бихьизабила. Амма цин халгьабе гIинтIидулги чIабтIиялъулги дица гьабураб чIагояб чолол. Абумуслим чIинкьа-гIинкьун цевецеве унев вукIана, гьесда хадуй гъезеян, гIедегIун йилълъуней дунги йикIана. Ахир-къадги ниж ахикье щвана ва тIадхъелалъур гIодор чIана. - Дун гьабсагIаталда вачIина, мун гьаний гIодой чIун йикIа,- ян дидаги абун, гьев басриябго «ЗИЛ» холодильникалде аскIове ана. Дица хIалбихьана гьелда хъван бугеб жо цIализе. ГIайиб гурищха - дида щибго жо бичIчIичIо, хъвайхъвагIай букIана магIарул мацIалда (макъалаялъул автор тумай-ред.). - Херлъун вуго, дир яс, дун. РакIалда чIолеб гьечIо киб щиб чIун, бекьун бугебали. Гьединлъидал хъвазе кколеб буго гьале гьаб «учеталъул журналалда». Ва гьес ахIунго ахIун цIализе байбихьана: микьир, кокон, багIли, гIеч, хурма, жага, гIодокари, гIинтIи, багIаргьоло, хъабахъ, цIоросаролъ, цIибил, ахбазан, чIабтIи, малина, смородина, крыжовник, помидор, мучари, гIурччинлъи… Гьев жеги цIалулев вукIана, дунин абуни, пикрабазда йикIана: - Бихьулищха гьитIинабго ракьул кесекалда бекьун бугебщинаб жо. Кин ункъо сотыхалда гьабгощинаб жо бекьулеб ва бижулеб!? Гьайгьай, гьеб буго гIантаб хабар. КигIан кIудиябги, масала, футболалъул майдангIанасеб ракьги чIобого хутIула, гьелъие хъулухъ гьабичIони, щибго бекьичIони ва чIечIони. Унго-унголъунги гьаниб буго алжаналъул ах. Барщулеб бугеб мокьрол махIги, гьединабго сверухълъиялдего гьоцIо тIинкIулеб ахбазанги. Цо гъотIода - гьелъул чанго батIияб тайпа масала, хонобах ва ихдалхан. Доб цояб гъотIода - хеккобарщ ва шалах. - Гьание ялагьея, гьаб буго гIадатияб гуреб гIечугъветI,- ан абуна кIудица, сихIирго гьимулаго. ЦохIо гъотIода лъабго батIияб тайпа: флорена, голден ва семеренко. Гьазул щибаб барщула батIи-батIияб заманалда. ТIубараб лъагIелалъго букIуна гIечги. КIалгIаялда къирал кинниги, жиндирго ахикьги сверулаго, гьес абуна: - Мун гурого дихъе ячIинчIиланищ дуда ракIалдекколеб. Дихъе чанго журналист вачIана. Телевидениялдасагицин рачIун рукIана, - ян. Щибаб гъотIолги хъархъилги хIакъалъулъ гьес бицунеб букIана гIажаибго хIикматаб рокьигун, цинги щурун абуна йилълъайила, жинца цоги жо бихьизабилилан. Гьединги абун, гьес дун ячана ахил доб рахъалде. Гьениб, санагIатаб бакIалда, цIолбоцаги хьухьун, бан бугоан хъош. Столалда тIад ругоан дурнаби. Дун дурнабаздасан ялагьана: дагьабго добегIан бихьула - хъитI. Цодагьабги добегIан, магIарда - росуцоязул рукъзал. - Свак чучизе дун гьаниве вачIуна, дурнабаздасан валагьула росулъе, халшал гьабула гьениб кколеб-бахъунелъул. ХIухьбахъулелъул, цо-цо кучIдулги хъвала. БитIун бицани, хъван рахъиналде, кIочонги тола. Гьаб сверухъ бугеб берцинлъиялъ пана гьавурав дихъе кучIдул жалго рачIуна. - ГIела, Абумуслим, гьобол сваказаюге. Дур харбица гьей гIорцIиларо. РачIая чай гьекъезе,- ян ахIдана гьесул хъизан Рукъигат. - ГIемерай гъулгъудулей йикIинчIого, мунго гьание ячIа, - ян данде ахIана Абумуслимица. - Дуда рихьуларищ - накIкIал гIемерлъулел руго, гьабсагIат чвахунцIад базе буго. Рукъигатил рагIаби тасдикъ гьарураб гIадин, цIад базе лъугьана. ГIагардегIан бугеб тIадхъелалъухъе щвелалде, ниж цIалтун риччана. - ЯчIа гIодой чIезе, гьоцIогун чайги кьела, унтичIого йикIине, - ян абуна Рукъигатица. - Дуца гьалда щай бицунареб нилъерго найил тIулбухъа гьоцIо бугин гьабилан. - Рихьулищ дуда, - ян дидехун кIалъана гьев. Доба буго 19 найил тIала. Гьенирго руго дир наялги. - Гьанже лъицадай ав чIезавилев. ГIела веццардарав. Те гьобол чай гьекъезе. ГIенеккуге, дир яс, гьесухъ, гIенеккуге. Гурони, гьес сагIтаз бицине буго жиндирго наязул хIакъалъулъ. Цоцо ракIалдецин ккола дидасаги гьесие наял рокьулел ратилилан. - Дуца бицунеб жогIаги щиб? Дица гурищ дуе гьадигIан берцинаб столги гьабураб, гьудулзабазда, мадугьалзабазда цадахъ аваданго чай гьекъолей мун йикIине? – ян квеш букIараб ххвел гьабуна кIудица. - Гьебали битIараб буго,- ян разилъана Рукъигат - дун ккола ХIариколоса. РакIалде кколаан киндай гьаб росулъ дун къабул гьайизе йигейилан. Амма росдал гIадамал цIакъго лъикIал ратана. Нижер цо гьадинаб, киназдаго берцинбихьулеб рекIелгъеялъе гIадатги буго - апрелалда нижеца «сезон» рагьула - тIадхъелалде цIараб чIологи къотIун, байрамалъулаб тIутI байбихьула. - Лъугьа-бахъунелда хадуб дица халги ккола,- ян диде ишан гьабуна Абумуслимица. КIарчамаб гьезул дагIба-къецалъухъги гIенеккун, дунги диего гьимулей йикIана. ГIажаибаб асаралъ асир гьаюлей йикIана дун. РакIалдещвеяз дун инсул росулъе ячана. Цебе бачIунеб букIана инсул мина…

Сабина ИСРАПИЛОВА

Просмотров: 540 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz