Пятница, 29.03.2024, 10:12 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Январь » 23 » НИЛЪЕР Г1АДАМАЛ.
23:27
НИЛЪЕР Г1АДАМАЛ.

Руго г1адамал жидеда сверухъ хинлъи, рак1 разилъи, гьуинлъи, гъорлъ журай лъугьун бач1унел. Гьединал г1адамазде гъорлъе ккей, гьезулгун лъай-хъвай гьабизе щвей, гьезул г1умрудул х1албихьи лъазаби – гьеб ккола к1удияб рохеллъун.  Жакъа дие бокьун буго бицине Хунзахъ  росулъе зах1маталъул ветеран Мух1амадов Т1алх1ат Мух1амадовичасул х1акъалъулъ.

Мадугьалихъ г1умру гьабун вук1индал, дида Т1алх1ат Мух1амадович лъалаан т1екълъиялда  рекъоларев,  мадугьалзабазда гъорлъ гьуинав, щибго жо гьабизе х1ажалъиниги : г1ащт1и чархида кквезе  х1ажалъани, гьеб кквезеги, гозода г1оркь ч1вазе ккани гьеб ч1вазеги, лъималазул бут1рул к1к1вазе къвариг1ани, гьел к1к1вазеги,  нахъе кьезег1ан шагьи-гьара босизе бокьани, гьеб  кьеян гьаризе г1адамал аск1оре унев чи вук1араблъи.

Дида лъалаан Т1алх1ат Хунзахъ росдал Советалъул  председательлъун вук1араб заманги.

Хунзахъилан абуниги, гьеб  советалде гьоркьобе унел 8 росдал г1адамазе нухмалъи гьабизеги, гьезул т1алаб-агъазалда дове-гьаниве векерахъдизеги, гьезул г1умру гьабиялъул шарт1ал  лъик1лъизариялъе къасилъи-къадлъи гьеч1ого х1алт1изеги ккани, гьеб бигьаяб х1алт1и гуро.

Амма т1алх1атида свак лъалароан. Гьес нухмалъи гьабуна росабалъ нухал къач1аялъеги, лъим бачиналъеги, гьоркьоса къот1ич1ого  иццазда лъим ч1езабиялъеги гьарулел х1алт1абазе. Гьев х1алт1ана хабзал сверун къаялдаги магъил г1адлу-низам  бук1инабиялдаги, школал, медпунктал къач1аялдаги сверухъ  гьабулеб щинаб х1алт1улъги. Г1адамал гьесдаса разиги рук1унаан.

Росдал бегавуллъидал, бат1и-бат1ияб ах1вал-х1алалде ккараб мехалда, вихьулаан гьев кьварун к1алъалевги, ккаралъуб берцинго бич1ч1изабулевги, даг1ба-раг1иялде ккаразе маслиг1ат гьабулевги. Росдал кинаб иш т1убазабулеб бук1аниги, гьев гьоркьоса камураб бак1 бук1унароан.

Амма дида лъалароан, Т1алх1ат Мух1амадович «Росдал зах1матчи» газеталъул  редакциялда х1алт1улев вук1араблъи. Гьеб нижеда лъана араб соналда газеталъ к1одо гьабизе кколеб бук1араб 90 сонилаб юбилеялде х1адурлъулелъул, редакциялда т1оцебе х1алт1улел рук1арал  х1алт1ухъаби рак1алде  щвезарулелъул.  Дир пикру ккана К1удияб Ват1анияб рагъул заманалдаго ва гьелда хадусел соназ  редакциялда  жавабияв секретарьлъун х1алт1улев вук1арав Т1алх1ат Мух1амадовичгун дандч1вазе ва гьесда редакциялда х1алт1улев вук1араб  заманалъул х1акъалъулъ бицеян гьаризе.  Дидаги Т1алх1ат Мух1амадовичасдаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:

- Дол рук1ана нилъер  улкаялде т1аде фашистияб  Германия к1анц1араб, К1удияб Ват1анияб рагъул зах1матал сонал. Пачалихъияб хьезабиялъул управлениялда к1удияв инспекторлъун х1алт1улев вук1арав дун КПССалъул Хунзахъ райкомалъ вит1ана «Маг1арул колхозчи» газеталъул редакциялде х1алт1изе. Гьеб бук1ана 1944 соналъул байбихьи.  Гьеб заманалда газеталъул редакторлъун х1алт1улев вук1ана Хунзахъа Локалов  Муртаза.

Рагъул заман, ракъи-къеч, къварилъи, къойилго г1адин рахъулел маг1аби. К1вар бук1ана газеталда хъвараб щибаб раг1ул, щибаб макъалаялъул. Бигьаго бук1инч1о гьединаб ах1вал-х1алалда газеталда х1алт1изе.  Рук1инч1о гьанже г1адинал ресал газеталъе макъала хъвазеги, хъвараб  печаталда бахъизеги. Редакциялда х1алт1улел  рук1ана хъвадарухъабаздасан редакторги, жавабияв секретарьлъун дунги, хъвараб бищизе 2  наборщицаги 1  печатникги. Анкьида жаниб 1 нухалда къват1ибе унаан газета. Гьелда бук1унаан  редакторасул колонка, ТАССалъул материал, суратал. Газеталъ аслияб к1вар  буссинабун бук1унаан Ват1ан ц1унулаго халкъалъ бихьизабулеб бугеб къо х1ехьеялде, бихьинчилъиялде, нилъер г1олохъабазул бах1арчилъиялде гьезул Ват1аналъе рит1ухълъиялде. Гьелда бицунаан нилъер халкъалъул тушманасде бугеб  ццималъул ва рокьукълъиялъул. Хассаб бак1 ккун бук1унаан Ват1ан ц1унизе унел г1олохъабазе гьарулел насих1атаз. Г1агараб Ват1ан ц1унизе ине г1олохъабазул бугеб гъираялъул, рокьиялъул, бокьун г1арзаги кьун фронталде унел  рук1аразул х1акъалъулъ. Бергьенлъи босун т1ад руссине г1олохъабазул бугеб анищалъул бицунел макъалабаз, «Кинабго фронталъе,  кинабго бергьенлъиялъе г1оло» абураб ах1иялда гъоркь  нилъер районалъул зах1матчаг1аз фронталъе гьабулеб кумекалъул бицунел лъазабияз. ТАССалъул материалал росулаан  батарейкабиги жаниб лъолел радиоприемникалдасан ц1алун г1урус мац1алда. Гьелдасан рекъезабун маг1арул мац1алдеги буссинабун газеталъе хъвалаан дица.  Рук1унаан  почалдасан газеталде рит1ун рач1унел  Сталинил, Молотовасул, Воронцовасул ва цогидалги политбюроялъул членазул Ват1аналда лъугьун бугеб ах1вал-х1алалъул бицунел суратал ва баянал.

Зах1малъи бук1ана хъвазе кагъат щоларогоги. Чол гьокоги бачун Буйнакскиялде  унаан кагътил рулонал росизе. Бук1инч1о хъвараб материал печаталда кьабулеб сахаб машинаги. Т1оцебе бук1ана  соляркаги т1ун г1аршил  кумекалдалъун мотор х1алт1изабулеб  машина. Гьелда нахъа х1алт1улей йик1ана г1урус миллаталъул ч1ужуг1адан. Хадуб гьелда х1алт1улел рук1ана  Хъайитмаз Гьит1инамух1амадов, гьес тун хадуб Вах1идов Къурбанг1али.

Редакциялда рук1унаан жиб-жиб х1арп жаниб лъурал кассаби. Гьенисан квералъ х1арпалги  рищун г1уц1улаан предложениял. Х1арпазда т1ад бахунеб щакъиги бук1унаан.

Гьоркьоб заман индал бач1ун бук1ана цо-цо мухъ ккун х1арпал риун т1олеб машинаги.

Рагъдаса хадусеб заманалда «Маг1арул колхозчи» газеталъул гьурмазда рахъулаан  ч1унтарал росаби, ахал, хурзал ч1аголъизариялъул макъалаби. Колхозал, совхозал  г1уц1ун хадуб росдал маг1ишаталъул, церет1урал г1ухьбузул, дояркабазул. Щибаб эбелаб чахъуялда хадуб т1инч1 ц1уни, квас къунц1и, ихдал рекьи гьаби, хьонал х1адур гьари, бач1ин бак1ари – кинабго гьоркьоса биччач1ого хъвалаан газеталда.

Дагь-дагь ккун лъик1лъана газеталъул материалиябгин-техникияб база, ц1ик1к1инаруна газеталда х1алт1ухъабазул штаталги. Газета г1адамаз гъираялда ц1алулеблъун  лъугьинабиялъе, гьеб ч1амуч1аблъун, ц1ализе  бокьулареблъун  лъугьинч1ого бук1иналъе, гьелъул мухбирзаби рук1унаан кинабго районалда лъугьа-бахъунелъул бакьулъ. Гьелъие г1оло редакциялда гьарулаан лъаг1алие, щибаб кварталалъе, щибаб моц1ие  планал ва гьезда рекъон  г1уц1улаан х1алт1иги.

Кинаб х1алт1уде т1амуниги, Т1алх1ат Мух1амадовичасул бугеб г1уц1арухъанлъиялъулаб бажариги, х1алт1уде бугеб рокьиги, махщелги бихьун, гьев цоялдаса цояб жавабияб х1алт1уде вачунев вук1уна. Редакциялдаса нахъе ун хадувги, Т1алх1ат Мух1амадович х1алт1ула  райисполкомалъул  г1аммаб отделалъул заведующийлъун, Ленинилаб комсомолалъул  статистикаялъул ва учеталъул  отделалъул заведующийлъун, Хизроевасул ц1аралда бугеб  колхозалъул комсомол организациялъул  ва парткомалъул секретарьлъун, кадрабазул отделалъул заведующийлъун, цадахъго вук1уна колхозалъул  правлениялъул членлъунги.

Колхозалда х1алт1улелъулги, х1албихьи бугев хъвадарухъан х1исабалда, Т1алх1ат Мух1амадовичас къват1ибе биччалаан колхозалъул, «колхозчи» газетаги. Гьелдаги гьес к1вар кьун  бихьизабулаан халкъияб маг1ишат цебет1езабиялъул х1алт1ул рахъи буголъи, дандч1валел зах1малъаби, г1унгут1аби, гьел загьир ва т1иг1инариялъе нухал, х1алт1ул  церехъабазул х1албихьи ва ц1арал. Гьелъ колхозчаг1азул гъира базабулаан ц1иял церет1еязде, ц1иял  ишазде церехун ине.

Х1укуматалъ къимат кьеч1ого теч1о Т1алх1ат Мух1амадовичасул зах1маталъе. Гьесие кьуна «Зах1маталъул Баг1араб Байрахъ» орден, «Зах1маталъулаб х1аракатчилъиялъе г1оло» медаль. Гьев ккола т1оцебесеб щуго сонил  ударниклъунги.

Т1алх1атил буго районалдаго ва росулъ къадру-къимат бугеб хъизан. Гьес  лъик1аб лъай ва тарбия кьун  г1езаруна  жиндирго 2 лъимал. Яс Пат1имат х1алт1улей йиго Хунзахъ № 1 школалда ингилис мац1алъул учительницалъун. Мух1амад  политехническияб институтги лъуг1изабун х1алт1улев вуго УОСалда.

Лъималазул лъималазулги буго т1адег1анаб лъай ва киналго х1алт1улел руго мисалияб къиг1идаялда жидецаго т1аса бищараб махщалида рекъон данде кколеб хъулухъ ишалда.

Жиндирго г1умруялъул х1акъалъулъ бицунаго Т1алх1атица абула к1удияб х1акимлъиялдеги вахинч1ила жив, гьанибги дун щай х1алт1улеван  ккараб къоги бич1инч1ила. Жив кидаго «меседилаб» бакьулъиялда  вук1анилан.

Гьабсаг1аталда гьев вуго мустах1икъаб х1алхьиялдеги ун, ясалъул хъизан-лъималазда аск1ов.

Т1алх1атихъе гьоболлъухъе рач1арал ч1ах1иял гьес г1ажаиблъизарула, ригь арав чи вук1аниги, жиндаго рак1алда ч1ун бугебщинаб районалъул росдал тарихалъул, г1адатазул, г1акъилал харбазул, ц1одорал пикрабазул бицун, г1исиналин абуни, расанк1аби, бицанк1аби т1амун, абундачал, рик1к1еналгун аби-биценазул бицун, киналго данделъараб бак1алда, гьуинаб, берцинаб хабар-к1алалдаса хадуб, хъван пандургун кеч1 ах1изе, кьурдизе лъималги т1амун, аваданлъи, кеп-ихтилат гьабиялдалъун, махсаро-хоч1 гьабиялдалъун.

Гьеле, гьединаб г1адлуялъулги, г1аданлъиялъулги, зах1мат бокьиялъулги рахъалъ цогидазеги мисаллъун кколеб берцинаб г1умру гьабуна Т1алх1ат Мух1амадовичас.

Ваччанте, Т1адег1анав Аллагьас гьев хъизан-лъималги рохизарун, гьезул  мугъч1валеб бак1лъун, сахаб г1умруялда, талих1-рохалида, жиндиего бокьухъе жеги чанго соналъ хут1изе.

Н. Г1алиева

Просмотров: 576 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz