Рохалил хабар бач1ана гьал къоязда Волгодонск шагьарлдаса – 4-12 сентябралъ гьениб т1обит1араб руччабазда гьоркьоб боксалъул рахъалъ РРоссиялъул чемпионаталда
Нилъер ракьцояй Т1анусиса Саг1адат Г1апбдулаева яхъана лъабабилеб нухалъ Россиялъул чемпионкалъун. Гьеб бергьенлъиялъул х1асилалда Саг1адатие рес щвана исана ноябрь моц1алъул байбихьуда Болгариялда т1обит1изе бугеб Европаялъул чемпионаталда г1ахьаллъизеги.
Т1олалго районцоязул рахъалдасан баркула нижецаги Саг1адатида гьелъие щвараб бергьенлъи, гьарула щулияб сахлъи ва жеги ч1ах1иял бергьенлъаби. Болгариялдасаги меседил медальгун юссунеб къо лъик1 бихьаги, ракьцояй, дур!
Гьал къоязда Ханты-Мансийск автономияб округалъул Пойковский поселокалда т1обит1ана эркенаб гугариялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб турнир. Гьеб турнир санайил т1обит1ула Нефтеюганск районалъул бет1ер Владимир Семеновасул призазе г1оло. Исана гьелда г1ахьаллъи гьабуна Россиялъул бат1и-бат1иял регионаздаса гурелги, Азербайджаналдаса, Армениялдаса, Венгриялдаса, Казахстаналдаса, Тунисалдаса, Франциялдаса ва Украинаялдаса гугарухъабазги.
61 кг. ц1айиялда ургуялде вахъарав нилоъер ракьцояв Г1алиев Х1ажимурад, финалалда Ах1мадов Г1абдулаги къезавун турниралъул чемпионлъун вахъана. Кинабниги бат1и-бат1ияб даражаялъул сиях1алда Дагъистаналъул командаялъ босана т1оцебесеб бак1.
|