Пятница, 29.03.2024, 12:09 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Май » 7 » НАЛЪУЕ РИТ1УХЪАВ.
17:36
НАЛЪУЕ РИТ1УХЪАВ.

Буйнакскиялда аваразул педтехнукимги лъуг1изабун, жеги 17 сон т1убач1ев Хунзахъ росулъа Зубаиров Мух1амадица учительлъиялъул х1алт1уде байбихьана, хадув т1амуна Хунзахъ районалъул методкабинеталъул заведующийлъун. Мух1амадие сундулъго – ц1алулъги, х1алт1улъги, г1умруялъулъги – бит1 кколеб бук1ана. Гьабуна хъизан, хеккого гьев вахъине кколаан эменлъун.

Доб 1939 соналда гьесул бук1ана г1ицго 20 сон. Рак1алдаго гьеч1ого Мух1амад ДАССРалъул наркомпросалде ах1ана ва Гъуниб районалъул халкъияб лъай кьеялъул отделалъул заведующийлъун вит1ана.

Кодоб ц1ияб хъулухъалде т1амиялъул бюрухъгун гьев цин Хунзахъе т1ад вуссана. Амма гьениб кьерилазухъ армиялде ах1ун кагътал рач1ун ратана. Гьесги х1укму гьабуна цин Ват1аналда цебе жиндирго налъи т1убазабизе ине.

Мух1амадие рагъулаб хъулухъ бач1инахъего рек1ее г1уна, гьесие бокьана армиялъул кьварараб г1адлу-низам. Армиялде ун ункъго моц1 т1убалелдего гьесул эбел-инсухъе полкалъул командованиялъул баркалаялъул кагъат бач1ана партиялъул ишазе г1орхъи гьеч1ого рит1ухълъиялъул, х1асратго Ват1ан бокьиялъул рух1алда тарбия-лъай кьун вас г1езавуралъухъ.

Зубаиров Мух1амадица хъулухъ гьабулеб 638 абилеб кьвагьдохъабазул полк 1940 соналъул хаслихъе Ленинградалде аск1обе бачана ва хъах1ал финазулгун рагъде лъугьине кколаан.

Т1оцебе гьес рагъулъ г1ахьаллъи гьабуна ротаялъул политрукасул хъулухъалда.

Политрукал, комиссарал. Гьел рук1унаан нилъер Яргъилал Къуватазул рак1аллъун. Гьенже гьай-гьай, зах1мат буго чан нухалда гьес рагъухъаби гьужумалде рахъинаруралали мух1канго абизе. Т1адежоялъеги, рагъда гьединаб х1исаб лъицаго гьабулароан. Дида цере руго 1942 соналда бахъараб армиялъул газеталъул заманаялъ т1огьиллъизарурал т1амчал. «Таваккалал гьужумал» абураб макъалаялда гьаниб хъвалеб буго: «Тушманас лъелал аскаразул ва танкабазул к1удияб къуват данде бак1арун бук1ана И. росулъе гьужум гьабизелъун. Х1ажатаб бук1ана тохлъукьего таваккалаб гьужумалдалъун немцал А. росулъа рачахъизе. Гьеб иш т1убазабизе т1ад къана Кузнецовасул подразделениялда.

Цо чи г1адин киналго солдатал гьужумалъ церехун ана . Цере-цере унел рук1арал лебалал командирал Назаров, лейтенант Басов,политрукал Зубаиров, Янишин, политрукасул заместитель Губочкин. Немцазда нилъер т1адецуй х1ехьезе к1веч1о, гьел низамго ц1унич1ого нахъе т1урана. Росдада цебе бук1араб борхалъиялда нилъераз кверщел гьабуна. Нахъеги к1иго таваккалаб гьужум ва нилъер подразделение росулъе лъугьана».

Зубаировасул т1олабго бах1арчияб рагъулаб нухалъул бицунел кагътал ва цогидалги документал, киг1ан нилъее бокьич1ониги нахъе ц1унун хут1ун гьеч1о. Амма нахъе ц1унун хут1ун батараб яцалъухъе бит1араб кагътаздасан баянго бихьулеб буго гьесул г1амал - - хасият, рек1ел пикраби. Гьеб хъван буго кутакалда зах1матаб 1942 соналъул августалъул ахиралда. Гьелда абулеб буго: «Фронт нужехъе г1агарлъулеб буго, сундухъниги балагьич1ого тушманас къасд гьабулеб буго цевехун ворч1изе. Кавказалда кверщел гьабизе. Фашистал- гьел г1адамал гуро, гьел руго г1алхул жанаварал, гьез ч1вала, зулму-х1ал ва талавур гьарула,лъиданиги- хераздаги, руччабаздаги, лъималаздаги- гурх1ел гьабуларо. Амма гьезул мурадал т1уразе гьеч1о. Баг1араб Армиялъ гьел ч1езарила ва щущахъ рихизарила. Нагагьлъун фашистал церехун рач1ани, партизаналлъун ине ва мугъзада нахъасан тушманасда кьаби щвезабизе х1адурго рук1а…».

Зубаиров хъулухъалъ хехго цевехун унев вук1ана. 1942 соналда гьев вук1ана батальоналъул  комиссарлъун, цинги полкалъул парторглъун, гьебго соналъул ахиралда хасаб т1адкъай т1убазабулеб жибго жиндаго ч1араб батальоналъул комиссарлъун.

Бергьенлъиялдаса ч1ух1изе ва вохизе гьесие рес ккеч1о. 1943 соналъул авалалда хиянатаб гуллица гьесул бах1арчияб рагъулаб нух гьаркьоб къот1изабуна. Рагъулал гьалмагъзабаз гьесул эбел-инсуда зигара бан ва гьезул васасул гьунаразул бицун г1емерал кагътал рач1ана, амма гьезул цояб гурони нахъе ц1унун гьеч1о. Гьеб буго Николай Федорович Павловасул кагъат. Гьадин хъвалеб буго гьес: «Ворч1ами хирияв Мух1амадов Зубаир! Духъе хъвалеб буго дур вас Мух1амадил гьудулас. Фронталда ругел мехалда нижеца цоцахъе адресал кьун рук1ана нагагьлъун цоявниги лъукъани ялъуни ч1вани г1агаразда лъазабизе лъун. Ва гьале гьесул гьалмагъ х1исабалда дун х1ажатавлъун кколев вуго нужеда пашманаб хабар лъазабизе- гьайбатаб Ленинград ц1унулаго 1943 соналъул февралалда нужер вас М. Зубаиров бах1арчиялда хвана.

Рак1-рак1алъго нужер х1урмат гьабулев Павлов. Авлахъалъул почта 418, рагъулаб часть 30».

1944 соналъул ахиралда Мух1амадил эмен – Мух1амадов Зубаир Хунзахъ рагъулаб комиссариаталде ах1ана. Х1урматияб ах1вал-х1алалда рагъулав комиссарас ц1алана СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Председатель М.И. Калининица Мух1амадов Зубаирихъе бит1ун бач1араб кагъат. Михаил Ивановичас гьелда хъвалеб бук1ана:

«Москва- Кремль. 1944 соналъул 24 март.

Мух1амадов Зубаирихъе.

Х1урматияв гьалмагъ Мух1амадов!

Рагъулаб командованиялъул лъазабиялда рекъон дур вас капитан Зубаиров Мух1амад Зубаирович Советияб Ват1аналъе г1оло рагъазда бах1арчилъиялда хвана.

Немцазул талавурчаг1азде данде рагъазулъ Дур вас Зубаиров Мух1амадица бихьизабураб гьунаралъе г1оло гьесие наградаялъе кьола т1оцебесеб даражаялъул Ват1анияб рагъул орден.

Ват1анияб Рагъул орденалъул статусалъул 10 статьялда рекъон т1оцебесеб даражаялъул Ват1анияб Рагъул орден ва орденалъул книжка нилъер халкъалда киданиги к1очене гьеч1еб гьунар гьабурав вас рак1алде щвезавизелъун нахъе ц1унизе нужехъе рит1улел руго.

СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Председатель

М.Калинин».

Рагъулав комиссарас даимго ц1унизе инсухъе кьуна васасул орден ва гьединго ц1алана капитан Зубаировасул рагъул гьунаразул ва гьев хвараб куцалъул бицунеб гьес хъулухъ гьабулеб бук1араб дивизиялъул командованиялъул кагъат. Кагъхаталда абулеб бук1ана гьесул бах1арчилъи ункъо орденалдалъун ва чанго медалалдалъун к1одо гьабун бук1анилан. Киг1анго бокьич1ониги, гьеб кагъатги нахъе ц1унун гьеч1о.

Амма дир рек1ее кинго рах1ат толеб бук1инч1о дида лъик1го лъалеб хъизаналъул вас Мух1амадил рагъулаб нух ва ахирисеб къисмат жеги мух1канго лъазабич1ого. Г1емераб жо баян гьабизе к1велаан вас хвеялъул х1акъалъулъ Зубаирихъе кагъат хъварав Н.Ф. Павловасда, амма живго Павловасулги кинаб къисмат ккарабали жеги лъазабизе к1веч1о.

Пикру ккана нилъер бах1арчияв ракьцоясул наградаялъул т1амач бит1еян гьарун СССРалъул оборонаялъул министерствалъул архивалде кагъат хъвазе. Гьенисан хеккого гьари т1убазабун бач1ана. Гьелдасан баянлъана Зубаировас 80-абилеб кьвагьдохъабазул дивизиялда хъулухъ гьабулеб бук1араблъи ва 1943 соналъул февралалда Синявиноялъе г1оло кьварарал рагъазда хваравлъи. Гьел рук1ана 1942 – 1943  соназда Ленинградалда аск1ор бищунго х1алуцарал рагъал ккарал бак1ал.

Наградаялъул т1амачалда абулеб бук1ана  Зубаировас т1оцересел къояздасанго к1удияб Ват1анияб рагъулъ г1ахьаллъи гьабулеб бук1анилан ва живго х1инкъи гьеч1ев лебалав ва Ват1аналъе рит1ухъав васлъун вихьизавунилан, щуго нухалда лъукъун вук1анилан. 1943 соналъул 2 февралалда Синявиноялда батальон гьужумалъ бачанилан, рагъухъабазда гьес х1инкъи гьеч1олъиялъул мисал бихьизабулеб бук1анилан. Гъорлъ журараб рагъда гьес харж гьарун руго танчил киналго патронал ва нус тункун ч1ван вуго к1иго гитлерилав. Гьениб лебалав маг1аруласда хвалилаб ругъун щун буго.

Г1емерал ц1ех-рехаздаса хадуб лъана 80 абилеб кьвагьдохъабазул дивизиялъул ветераназул советалъул председательлъун, рагъ байбихьаралдаса гьеб лъуг1изег1ан гьеб дивизиялъул цо полкалъул командирасул заместительлъун  х1алт1арав, Лернид Васильевич Попов вук1ин (гьанже гьев х1алт1улев вуго Лениздаталъул директорлъун). Гьенибго абун тезин, гьел баянал щвезе дие к1удияб кумек гьабуна бах1арчияв рагъухъан, Кавказалъул тарих лъазабиялъе г1емераб х1алт1и гьабулев тарихиял г1елмабазул доктор Л. И. Лавровас.

Л. И. Лавровасул г1акълуялда рекъон дица Ленинградалде Л. В. Поповасухъе кагъат  хъвана. Г1емераб заман иналде бач1ана гьадинаб жаваб:

«Леонид Васильевич Поповасухъе хъвараб дур кагъат гьоркьоб лъун дандбана 80 абилеб кьвагьдохъабазул дивизиялъул ветераназул  советалда.

Ветераназул советалъ нижеда т1адкъана капитан Зубаировасул  гьунаразул х1акъалъулъ Духъе жаваб хъвазе.

Нижеда лъик1го лъалаан капитан Зубаиров ва х1укуматалъул шапакъаталъе гьев вихьизавун вук1ана нижеца. Капитан Зубаиров вук1ана дивизиялъул лебалав ва бажари бугев политх1алт1ухъан. Дивизиялда гьев вук1ана бат1и-бат1иял хъулухъазда, 153 абилеб кьвагьдохъабазул полкалда гьев вук1ана  минометчаг1азул батальоналъул комиссарлъун. Ленинградалъул горсвери т1езабилалде цебе, 1942 соналъул декабралда, нижеца г1уц1ана лыжабазда хъешт1олезул батальон ва гьелъул комиссарлъун т1амуна дивизиялъул бищунго лъик1ав политх1алт1ухъан гь. Зубаиров.

Капитан Зубаировасул нухмалъиялда гъоркь бажарана къокъаб заманалда гьеб батальон гъункизабизе ва ругьун гьабизе. Гьеб х1адур гьабулеб бук1ана гьужумалъулал рагъазе, тушманасул т1оцересел кьерал т1езарураб мехалда, хехаб куцалда церехун ине рес  бугеб къуват х1исабалда, гьужумазулъ г1ахьаллъи гьабизе.

Горсвери т1езабиялъе рагъал байбихьана 1943 соналъул 12 январалда. Гьел рук1ана ц1акъ зах1матал ва кьварарал рагъал, гьел халат рахъана Ленинградалъул горсвери  т1езабун бажарараб 13 январалде щвезег1ан.  Гьеб къоялда дандч1вана к1иго фронталъул – Ленинградалъул ва  Волховалъул фронтазул – аскарал.

Тушманас ц1иял къуватал ц1алел ва нилъер аскаразул бергьенлъабазе квалквал  гьабизе жигар бахъулеб бук1ана. Байбихьана Синявиноялъул рорхалъабазда х1алуцарал рагъазде. Нижер дивизиялъул рагъухъабаз къоялда жаниб тушманасул 30- ялде г1агарун гьужум нахъч1вазе кколаан. 1943 соналъул т1оцебесеб февралалде лъугьараб ах1вал-х1алалъ дивизиялъул командование т1амуна жиндирго ахирисеб резерв-лыжабазда хъешт1олезул батальон – рагъде бит1изе.

Командаялъул пункталде рач1ана Ставкаялъул вакил Совет Союзалъул маршал К. Е. Ворошилов, ВКП (б)ялъул Ленинград шагьаралъул комитеталъул секретарь ва к1иабилеб ударнияб армиялъул рагъулаб советалъул член А. А. Кузнецов. Зах1матаб х1алалъулгун мух1канаб лъай-хъвайги  гьабун гьез т1адкъана дивизиялъул т1олалго къуватал ва резерваби тушманасул гьужумал нахъч1ваялъе ва  Синявиноялъул рорхалъаби ц1иниялъе рехизе. Гьеб масъала бергьенлъиялда т1убазабуна  дивизиялъул киналго частаз ва аслияб  куцалда х1ажатабщиналдалъун хьезабураб ва лъик1го ругьун гьабураб лыжабазда хъещт1олезул батальоналъ.

К1иабилеб февралалда къаси батальоналъ Синявиноялъул рорхалъабазд жиндиего санаг1атаб бак1 ккуна ва рогьалил канлъи загьирлъарабго рагъде лъугьана. Гьез нахъч1вана тушманасул анц1гоялдасаги ц1ик1к1араб гьужум ва цо-цо заманалда х1ажатаблъун кколаан гъорлъ журарал рагъазде лъугьине.

Гьеле цо гьединаб гъорлъ журараб рагъулъ г1ахьаллъана капитан Зубаиров. Немцазе ч1ах1иял камиял ккана ва нилъераз рорхалъиби ц1унана.

Лыжабазда хъешт1олезул батальоналъ к1удияб бут1а лъуна тушманасде данде гьарулел гьужумазулъ.

Живго капитан Зубаиров немцазул офицергун гъорлъ журараб рагъде лъугьана ва гьеб рагъда бах1арчилъиялда хвана.

Гьесие кьуна т1оцебесеб даражаялъул  Ват1анияб Рагъул орден (гьев хун хадуб). Гьелде щвезег1анги гьесие кьун бук1ана «Баг1араб ц1ва» орден. Гьев чанго нухалда х1укуматалъул шапакъатаздалъун к1одо гьавуна ва лъукъун вук1ана.

Гьес нухмалъулел рук1арал лыжниказул гьунар ва гьесул жиндирго бах1арчилъи кидаго рек1елъ ц1унизе мустах1икъаб буго

Ц1акъ рецц гьабизе ккараб жолъун рик1к1уна ракьцоязда гьев к1очон толев гьеч1олъи.

Рак1-рак1алъго нужер х1урмат гьабулел Кутузовасул орден щвараб Любаналъул 80 абилеб кьвагьдохъабазул дивизиялъул ветераназул советалъул председатель

Л. Попов.

80 абилеб кьвагьдохъабазул дивизиялъул вук1арав комиссар ва политотделалъул начальник полковник Л. Бердичевский».

Гьеле гьединаб бук1ана  баг1арав партизанасул васасул, Ват1аналъул рит1ухъав вас Хунзахъа лебалав маг1аруласул г1умруялъул ва рагъулаб нух.

М. Х1ажимурадов, К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи.

 

 

Просмотров: 562 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz