14 апрелалда нилъер районалде вач1ун вук1ана Дагъистан республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, халкъияб собраниялъул бак1алъулаб нухмалъиялъул комитеталъул председатель Багьудур Г1абасов. Районалде гьесул сапаралъул мурад бук1ана г1адатияб халкъалъул г1олел-г1оларел рахъал лъазарун, гьезие бажарараб кумек гьаби. «Единая Россия» партиялъул районалда бугеб отделениялъул секретарь Саг1ид Юсуповгун цадахъ Багьадур Х1адисовичас т1аде къабул гьаруна г1адамал. Г1адамазул аслиял суалал рук1ана г1олилал х1алт1удалъун хьезариялда, рук1а-рахъиналъул шарт1ал лъик1лъизариялда, ресукъал хъизамазе кумек гьабиялда хурхарал. Багьадур Х1ажиевичас т1адерач1арал г1адамазул суалазе ч1ванкъот1арал жавабал кьуна. Т1уразе рес бугел бак1алдаго т1урана. Ц1акъго к1вар ц1ик1к1арал т1аде кколел идарабазда дандги ран, къокъаб заманалда жиндасан бажарараб кумек гьабизе раг1иги кьуна. Дандч1ваялъул ахиралда рохалилаб ах1вал-х1алалда, Саг1ид Камиловичасгун цадахъ Багьудур Г1исаевас партиялде росарал г1олилазе кьуна партиялъул билеталгун значокалги. Партиялде росарал ц1иял г1олилал, г1иц1го жал партиялда ругин абун ч1еч1ого, партия цебет1еялъе х1алт1илин хьул бугилан абуна Саг1ид Юсуповас.
Дандч1вай ана пайдаяб ах1вал-х1алалда.
|