Мух1амадов Нуридин гьавуна 1931 соналъ Сивухъ росулъ векьарухъанасул хъизаналда. Гьит1инго лъай босиялде гъира ц1ик1к1арав гьев, Сивухъ росдал анкьго сонил ва Г1араниб гьоркьохъеб школалги лъуг1изарун, 1951 соналъ ц1ализе лъугьана Москваялъулаб росдал маг1ишаталъул Тимирязевасул ц1аралда бугеб академиялде ва гьелъул агрономиялъулаб факультетги бергьенлъиялда лъуг1изабун, г1елмияв агрономасул дипломги босун, 1956 соналъ вач1ана г1агараб росдал «Ц1ияб г1умру» колхозалъул агрономасул хъулухъалде х1алт1изе. Гьенив х1алт1улаго гьесул лъай ва бажари бук1ин бихьарал колхозниказ гьев 1960 соналъ жидерго колхозалъул председательлъунги вищула. Къого соналъ гьеб колхозалъе нухмалъи гьабурав гьесда к1вана колхозчаг1азул, хасго жавабиял ишазда рук1арал г1адамазул жигараб х1алт1ул х1асилалда, районалда гуребги, Дагъистаналдаго ругел церет1урал колхозазул кьерде маг1ишат бачине ва гьеб колхоз бук1ана экономикияб рахъалъ цебет1ураб, хурул бач1ин, г1и боц1ул ниг1матал рахъи ц1ик1к1араб, х1алт1улев чиясе разияб мухьги щолеб, пачалихъалда цебе жиндир налъиги гьеч1еб, мисалияб маг1ишатлъун.
Гьелдаса хадув т1амуна Хунзахъ районалъул росдал маг1ишаталъул управлениялъул начальниклъун. Гьениб х1алт1араб микьго соналда Нуридин Мух1амадовас х1аракат бахъана, лъаялдаса ва х1албихьиялдаса пайдаги босун, т1олабго районалъул экономика цебет1езабизе. Доб заманалда киналго маг1ишатал х1алт1улел рук1ана лъик1аб даражаялда ва районалъ щулаго ц1унун рук1ана улкаялъул бищунго т1адег1анал идарабаз ц1акъго церет1уразе кьолел шапакъатал-хьвадулел Баг1арал байрахъал.
Гьелдаса хадуб, бажари бугев специалист х1исабалда, Нуридин партиялъ вит1ана Г1орот1а росдал Димитровасул ц1аралда бугеб, экономикияб рахъалъ нахъе ккараб, колхозалде. Щуго соналъ гьенивги председательлъунги х1алт1ун, Нуридиница рак1бац1ц1адго т1убазабуна жинде гьабураб божилъи ва гьелъул х1асилалда г1арадерил г1аммаб маг1ишат г1арцул доходазул рахъалъ районалдаго бищун лъик1ал колхозазул кьерде бач1ана.
Кинаб хъулухъалде кканиги, т1адаб иш мух1канго, унго-унгояб жавабчилъиялда гьабулаан Нуридиница. Гьелъги батила, 1994 соналда гьев вищана районалъул Собраниялъул т1оцевесев председательлъун. Гьеб х1алт1иги гьес цебе бачана Уставалда рекъон. Рак1-рак1алъго т1уразарулаан жамг1иял «хъулухъалги». Лъеберго соналъ т1ат1ала Сивухъ, Г1орот1а, Коло-Хьиндахъ росабазул избирателаз гьев вищана районалъул Советалде ва Собраниялде депутатлъун. Гьес х1аракат бахъулаан халкъалъул мурадалги т1адкъаялги т1уразаризе. Нахъа тарал 52 х1алт1ул соназ росарал ч1ах1иял бергьенлъабазе г1оло гьев мустах1икълъана 13 пачалихъалъул шапакъатазе. Гьезда гьоркьоб буго Октябралъулаб Революциялъул ва Зах1маталъул Баг1араб Байрахъ орденал, Зах1маталъул т1ок1лъиялъе г1оло медаль, Дагъистан Республикаялъул Верховнияб Советалъул Президиумалъул Х1урматалъулал к1иго грамотаби, гьединго гьесие кьун бук1ана «Дагъистан Республикаялъул росдал маг1ишаталъул мустах1икъав х1алт1ухъан» абураб ц1ар. Рагъул ва зах1маталъул ветеран, Мух1амадов Нуридин вук1ана зах1мат бокьулев, бажарарав г1уц1арухъан, жамг1ияв х1аракатчи, лъик1ав эмен ва г1адатияв инсан. Гьединавлъун хут1ила гьев нилъер рак1азулъги.
Районалъул администрация
Райсобрание
Росдал маг1ишаталъул отдел
Цадахъ х1алт1арал, росуцоял.
|