Четверг, 25.04.2024, 07:33 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Октябрь » 31 » МУХ1АМАД МУХ1АМАДОВ: «ЦЕБЕ Ц1ИЛЪИЛЪУН БУК1УН БАТАНИ, ГЬАНЖЕ ДИН Г1УМРУДУЛ НУХЛЪУН ЛЪУГЬУН БУГО»
20:51
МУХ1АМАД МУХ1АМАДОВ: «ЦЕБЕ Ц1ИЛЪИЛЪУН БУК1УН БАТАНИ, ГЬАНЖЕ ДИН Г1УМРУДУЛ НУХЛЪУН ЛЪУГЬУН БУГО»

К1иабилеб сон сверулеб буго Хунзахъ росдал дибирлъун Мух1амад-х1ажи Мух1амадов т1амуралдаса. Гьеб заманалда г1езег1ан хиса-баси ккана росдал динияб г1умруялда. Мух1амадил дибирлъиялъул соназде ккана жинда сверухъ г1адамазул г1емераб ах1и-х1ур бахъараб Динияб идараялъул хвел-хобалда хурхараб х1укму росулъ билълъанхъизабиги. Гьелъулги цогидал динияб г1умруялда хурхарал суалазулги бицине нижер редакциялде вач1ун вук1ана гьев. Рак1алде ккола Дагъистаналда ислам т1ибит1изабиялъул цевехъан, жиндир шапаг1ат нилъее щваяв Абулмуслим щайхасул хоб жаниб бугеб росдал динияб х1аракатчилъи цогидал жамаг1атазеги  пайдаяб бук1инилан. Гьеб гуребги Мух1амад-х1ажи ккола цох1о Хунзахъ гуревги, росабалъги х1атта республикаялъул  Динияб управлениялъул  ц1ар бугев динияв х1аракатчи. Гьеб мурадалда бахъулеб буго газеталда гьаб материалги.  Гьале нижедаги Мух1амад-х1ажидаги гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.

-Мух1амад-х1ажи, кинаб ах1вал-х1алалда бугеб росдал динияб г1умру?

-Абизе ккола цебеялде данде г1езег1ан лъик1 бугин. Дин биччанги 25 г1ан сон унеб бугеблъидал, гьабгощинаб бицунебги хъвалебги бугеб мехалъ гьелъ х1асил кьеч1ого бук1унаро. Т1оцебе г1адамазе ц1ияб жолъун бук1араб дин гьанже г1адатияблъун лъугьун буго. Амма гьелдаго цадахъ гьабизе х1алт1иги г1езег1ан буго.

-Кинаб пикру бугеб дур росдал г1ун бач1унеб г1елалда хурхун? Ругищ гьел диналдаги нилъер умумузул Ях1-намусалдаги данде кколеб даражаялда?

-Г1ун бач1унеб г1ел гьединаб даражаялда куцазе бищун цебе рокъосан эбел-инсуца байбихьизе ккола. Дица абила цебеялде дандеккун г1емер лъик1лъанин г1олилалилан. Гьезул г1емерисел какдеги рач1уна, исламиял мажлисазулъги жигараб г1ахьаллъи гьабула, зияратаздеги хьвадула. Узухъда руго гьезда гьоркьорги цо бут1а жеги мекъаб нухда ругел, амма иншаАллагь гьелги кант1илел ратила.

-Кинаб гьоркьоблъи бук1унеб росдал ва районалъул нухмалъиялъулгун?

-Лъик1аб, т1ей гьеч1еб гьоркьоблъи бук1уна. Кинаб гьаригун аниги, гьез жеги ниж нахъ ч1вач1о. «Х1укумат бат1аго, дин бат1аго» абураб лозунгги лъуг1изабун цадахъ х1алт1ани гурони, т1ок1аб бат1ияб нух гьеч1о.

-Росулъ дин т1ибит1изе аслияб квалквал сундул бугеб?

-Квалквал гьабулеб жояли щибниги гьеч1оан. Лъик1аб бук1инаан мажлисаздеги какдеги кинабго жамаг1ат цадахъ бач1унебани. Гьеб мехалъ жеги ц1ик1к1ун цебет1елаан росдал г1адамазул рух1ияб рахъ.

-Г1езег1ан заман балеб буго Хунзахъ мадраса рагьаралдаса. Амма росулъа гьенир ц1алулезул къадар ц1акъ дагьаб буго. Гьезда гъорлъги руго х1алица школа лъуг1арал, мукъсанабго лъаялъул лъимал. Гьанже суал бач1уна гьединаб гурони ц1ализе пагьму-гьунар гьеч1ел лъималазул хадубккун исламалъе кинаб пайда бук1унебан?

-Школалда ц1ализе киг1ан квешав вук1арав ватаниги бокьарав чи диналъе г1езег1ан пайда бугевлъун вук1ине бегьула. Мисалалъе, Дагъистаналдаго ц1ар раг1арав г1алимчи вук1ана Бакълъухъа Г1абдулгъафурил Мух1амад (рах1имагьулагь), школалда ц1ализе лъик1ав вук1ун гьеч1ониги гьесие сунцаго квалквал гьабич1о къадру-къимат бугев бергьарав г1алимчи вахъине. Гьедин исламалъ чиясул къадру борхизабула, гьесие бет1ергьанас дунялги ахиратги кьун бук1уна. Ц1ализе пагьму-гьунар бугел лъимал мадрасалде рит1ани гьел киг1анха церет1елел, гьунар гьеч1ел гьединаб т1адег1анаб даражаялде рахунел ругони. К1иго вас вугони гьезул цоявг1аги мадрасаялде вит1ейилан абула муг1алимас, дицаги абилаан к1иявго мадрасаялде вит1ейилан. Нахъеги абила, рит1е мадрасаялде ц1ализе лъимал. Тухумалдаса цо чиг1аги гьениве вит1ани, гьес т1убараб тухумалдасаго хвел-хобалъул, къулгьу-алх1амалъул ишг1аги т1аса босилаан. Жакъа чара гьеч1ого х1ажат руго диниял кадраби. Цоги рахъалъ босани, жакъа г1емераб г1арацги т1ад хвезабун, ришваталги кьун ц1ализабула лъималазда дунявияб г1елму. Амма гьезул г1емерисезда малъараб жоялъул 30-40% лъаларо, лъалеб бук1арабани жакъа медицинаги, росдал маг1ишатги, цогидал рахъалги г1емер церет1ун рук1инаан.

-Мадрасалда ц1алулезда цох1о динияб гурониги, дагьабниги дунявияб г1елмуги лъазе кколарищ?

-Узухъда ккола. Цох1о динияб г1елмуги лъан бусурбанчи т1уваларо. Гьесда лъазе ккола улкаялда ва дунялалда лъугьунеб бугеб ах1вал-х1алги, гьеб заманалъул технологиялги, ай гьев вук1ине ккола сундаго хадув гъуравлъун, кидаго вук1ине бегьуларо лъавукъавлъун ва г1умруялдаса нахъе ккаравлъун.

-Школаги лъуг1ун шагьаразде ц1ализе рит1ула г1емерисел лъимал. Росдада дандеккун шагьар буго эбел-инсул берзукьаги рорч1ун лъималазе мунагь ва пасалъи гьабизе ресал ц1ик1к1араб бак1. Гьединаб мунагь-хат1абалдаса лъимер ц1унизе бегьула г1иц1го рек1елъ бугеб щулияб иманалъги, Аллагьасукьа х1инкъиялъги ва ях1-намусалъги. Гьелъие к1удияб квербакъи бук1инаан школазда исламияб дарс гьабулебани, хасго законалъ нек1ого ихтиярги кьун бугелъул.

-Бит1араб буго, жакъа школазда исламияб дарс чара гьеч1ого х1ажат буго. Нижеца чанго нухалда борхараб суалги буго гьеб, цо заманалда Хунзахъ т1оцебесеб школалда гьабулебги бук1ана гьеб. Амма гьединаб дарс гьибазе ккани цо-к1иго чиясул рак1 унтараб г1оларо, эбел-инсуцаги учительзабазги рахъ кквезе ккола гьелъул. Жакъа дандч1вала школазда ингилис яги г1араб мац1ищ малъилебан гьикъидал, г1араб мац1 къвариг1унеб жо гуринги абун ингилис мац1 т1аса бищулел эбел-эмен. Гьединаб гурони бич1ч1и эбел-инсул гьеч1они, кинха школазда исламияб дарс гьабилеб. Гьеб суалгун ниж школазде щванщинахъе, гьелъие хасаб программа къвариг1унин, гьабин-добин абун багьанаби ралагьула. Киналго эбел-инсуца х1аракат бахъулебани школазда исламияб дарс гьабизе, гьеб нек1ого гьабун лъугьинаан, х1укуматалъулги т1ахьал ч1езарун, цогидаб к1вараб кумек гьабун гурони гьелда дандеч1ей бук1инароан. Амма абизе ккола киг1ан гьедин бук1аниги моц1ида жаниб цо-цо нухалъг1аги, ниж школаздеги районалъул цогидал г1уц1абаздеги ваг1за-хабаргун щолилан.

-Кидаго бук1ана нилъер г1адамазул диниял церехъаби какулеб г1адат. Гьелъие г1илла щибдай?

-Х1алт1и гьабулев чи кидаго какула халкъалъ. Амма киг1ан каканиги диниял церехъабазда г1айиб бук1унаро, щайгурелъул гьел г1айиб т1ад ч1оледухъ х1алт1уларо, гьел руго Аллагьасул нух ц1унун х1алт1улел чаг1и. Мисалалъе, дун гьаб дибирлъиги халкъалъул гьабгощинаб к1ал-хъатги т1аде босизе къвариг1арав чи вук1инч1о, дида т1ад вугев районалъул имамасул т1адкъай т1убай гурони. Гьедин цо-цо г1адамазда ккола будун-дибирлъиялдасан гурони маг1ишат гьабун бажаруларин ц1аларал чаг1аздаян. Ц1аларал чаг1иг1адал г1адамал ккола гьедин гаргадулелги, г1иц1го нижер къисмат Аллагьасул нухде халкъ ах1изе ккун бук1ин гурони. Дагьабниги лъик1аб машинаялда рек1арав ц1аларав чи вихьани гьесдасан гаргадула киса гьесие гьеб щварабан, бикъун батилилан. Чанги сахаватчаг1и рук1уна жидеца диниял церехъабазе росун машинабиги цогидаб къвариг1арабги кьолел. Гьебмехалъги абизе бегьила гьединал сахаватчаг1аз жидееги щай кьоларебан. Дибирзабаз гьабулебг1адаб х1алт1и исламалъе гьабуни гьезиеги кьела. Цоги рахъалъ дибирзаби какиялда жаниб г1ажаиблъи гьабизе ккараб жоги гьеч1о, гьел гурелги устарзабиги аварагги какана, х1атта Аллагьасда данде рахъунелцин рук1ана.

-Рук1уна чанги ч1ух1арал машинабаздаги рек1арал, к1удиял гьундузухъ г1умру гьабунги ругел диниял церехъаби. Бегьуларищ гьедин гъибат-бугьтан гьабизе г1адамалги т1амич1ого дагьаб г1адатго рук1ине?

-Гьебги бит1араб буго. Амма, мисалалъе цо к1удияв х1акимасул бугеб ч1ух1араб машинаги цогидаб маг1ишатги бихьун, гьесдаса г1одовег1ан вук1ине бокьиларин жиндие ц1аларав чиянги абун цониги сахаватчияс босун машина сайгъат гьабидал, гьесда квеш бихьич1ого бук1ине босани  гурони, диниял церехъаби гьел машинабиги цогидаб дунялалъул боц1иги къвариг1арал, гьелда хадурги лъугьарал чаг1и рук1унаро. Гьел рук1уна Аллагьасул дин цебет1езабулел г1адамал, гьединлъидал Аллагьасги бат1и-бат1иял сабабалги ратун гьел рехун толаро. Мисалалъе, цо бокьарав ресалда вугев чи т1амула гьезие машина бугониги цогидаб къвариг1араб жо бугониги кьезе. Жакъа мисалалъе, нилъеда динги малъулев, нилъер рух1ияб рахъ цебет1езе к1вараб х1алт1иги гьабулев Дагъистаналъул муфтий шайих Ах1мад-х1ажи дуца абухъе цо г1адатаб машинаялда рек1ун вихьиялдаса дагьаб лъик1аб машинаялда вихьизе бокьиларищ.

-Мух1амад-х1ажи, дуца абухъе гьаб заманаялъул бечедал чаг1аз кьураб, гъозиеги кисан щварабали лъалареб боц1и, гьелъул х1алаллъи-х1арамлъиги ц1ехеч1ого босизе бегьулищ Аллагьасул нухда ругел чаг1аз?

-Х1арамаб бак1алдаса щвараб батаниги хадубги цоги х1арамаб бак1алде хвезабиялдаса лъик1аб рахъалде буссинабуни гьесие жиндиего лъик1 бук1инарищха. Масала, цо пивбаралде яги дискотекаялде кьеялдаса мажгит мадрасалде кьуни лъик1аб бук1инарищха.

-Нилъеда бихьулеб бугоха жакъа дунялалда бусурбабазда бугеб зах1матаб х1ал, рагъ-кьалалъулъги, ракъун-къечонги, зах1матал шарт1азда г1умру гьабунги руго гьел. Гьединго жакъа дунялалда гьеч1о цог1аги къуватаб политикиябгун экономикияб исламияб пачалихъ. Гьеб киналъулго х1икмат щибдай?

-Ислам баккаралдаса нахъе лъуг1ич1о бусурбабазда т1ад гьабулеб зулмуги гьезде гьабулеб гьужумги. Аллагьасе бищун хирияв, жиндие г1оло т1олабго дунял-г1алам бижарав нилъер Аварагасдацин (с.т.г1.в.) г1емераб г1азаб-г1акъуба бихьана  ислам т1ибит1изабулаго. Гьит1инго бесдалги хут1ана гьев, ракъиялъ чехьалда къоно банги вук1ана, чанго нухалда  ч1вазехъинги вук1ана, х1атта как балаго суждаялда вук1аго т1аде х1айваналъул ургьимес ч1ехьеялде  г1унт1унгицин, жакъа нилъехъе х1акъикъияб ислам щвезелъун гьес баччич1еб инжитлъи хут1ич1о. К1к1арадул кваркьидул  багьаяб жо дунял бук1арабани жинца капурчиясе гьекъезе лъимцин кьелароанин абун бугелъул Аллагьасги. Дунял буго т1аса унеб жо, х1акъикъаталда муъминчияс т1алаб гьабизе кколеб жо  ахиратлъидалха бугеб, гьединлъидал дагьабг1аги зах1матги  бихьич1ого т1ад зулмуги гьеч1ого, анивги  доваги лъик1 муъминчи телищха. Дунялалда г1акъубаялда вук1арав муъминчиясе ахираталдаг1аги талих1 кьела иншаАллагь. Бусурбаби цолъун хадуб гьезул къуватги бихьун, гьел къезаризе к1унгут1иги бич1ч1ун исламалъул тушбабаз байбихьана шиг1иял абун, вагьабиял абун бусурбабазда гьоркьоб рикьалаби ккезаризе. Наркотикал, гьекъел-мехтел ва хъах1балъиги т1ибит1изабуна гьезда гьоркьоб. Гьединлъидал, гьабин абун ц1ар лъезе лъач1ониги батила гьелда жанибги нилъер г1акълу нахъ г1унт1улареб х1икмат. Бокьараб жо бицинеги абизеги бегьулеб заманги гьеч1елъул, Аллагьасухъе кьун тани гурони, т1ок1аб нилъеда гьелда гьабизе к1олеб жо гьеч1о.

-Щайдайха гьез исламалъулгун тушманлъи гьабулеб?

- Щайгурелъул гьезда лъалеб бук1ун ахир къадги имам Магьди  вахъунеблъиги ва гьесул бет1ерлъиялда гъоркь дунялалда  киналго бусурбаби цолъизе рук1инги.

- Г1емерисел г1адамаз рик1к1уна дин  гьукъараб бук1аниги СССРалъул заманалда г1адамазул ях1-намусги, гьудулъи – вацлъиги  гьанжеялде данде ккун г1езег1ан т1адег1анаб  даражаялда бук1анин. Мун гьелда рази вугищ, ватани гьелъие г1илла щиб?

- Дир лъимерлъи гурони ккеч1о СССРалъул заманалде. Диналъул рахъ босани, гьаб заман лъик1аб буго. Щайгурелъул  жакъа диналъе киналго нухал рагьун руго. Амма рак1-рак1алъ дин гьабулев чияс гьеб СССРалъул заманалдаги рехун теч1о. Гьоро-бокьахъ  рахчунги гьабуна гьез дин. Жакъа дин лъугьун буго цо-цояз модаг1адин ц1аруе  г1оло гьабулеб яги цойгидаз г1айиб ч1ваялдаса х1инкъун гьабулеб жолъун. Гьанже нилъер г1адал шарт1ал  рук1инч1ониги нилъер умумуз доб т1ад х1инкъи бугеб заманалда жакъа нилъецаялдаса бац1ц1адго дин ц1унана.

Ях1-намусалъул, г1аданлъиялъул ва адаб-х1урматалъул рахъалъ доб заман лъик1аб  бук1ун батилин ккола дидаги. Амма гьебги  х1инкъизарун  зулмуялдалъун гьабураб г1адлу бук1ана. Гуребани доб заманалда рук1арал чаг1аз жакъа жидерго лъимал щай ругьун гьаруларел додинабго ях1-намусалде ва адаб-хъатиралде?  Къокъго абуни СССРалъул заманалдаги рук1ун ратила гьаб заманалдаго  г1адин лъик1алги квешалги рахъал. Гьединго доб заманалъул лъик1ал рахъазда гьоркьоб рехсезе бегьила цо  х1алалда ч1езарурал багьабиги, ч1ара-хьараб г1умруги, г1адамазда гьоркьоб гьуинлъи-вацлъиги. Лъик1абги квешабги къадар Аллагьасдасан бугелъул, гьединлъидал къадаралда разилъун ч1ани лъик1аб бук1инин ккола дида.

- Дуда рак1алде кколаребищ доб заманаялъ г1адин кьварараб  г1адлуялдалъун  х1инкъизаруни гурони т1ок1аб бат1ияб къаг1идаялъ г1адлу лъугьинарин?

- Гьеб бит1араб буго. Амма зулмуялдалъун гьабураб жо г1емераб мехалъ  хут1уларин тола дица, гьединлъидал исламалъул къаг1ида буго ваг1за-хабаралдалъун ва берцинаб раг1удалъун лъик1алде ах1улеб.

- СССР биххидал улкаялда  лъугьанщинаб г1ала-гъважа г1емерисез дин биччаялда хурхинабула. Дур кинаб пикру бугеб гьелда хурхун?

- Дир пикруялда гьеб гъалмагъир лъугьиналъе аслияб г1илла ккана демократия г1уц1улебинги абун, диналда цадахъ  кинабго жо биччантей. Цох1о динги биччан хут1арабщинаб додинго тун бук1арабани гьедин ккеч1ого хут1изеги бегьилаан.

- Щиб абилеб дуца жакъа Бакъбаккуда г1уц1ун бугеб «Исламияб х1укумат» абураб г1уц1иялъул х1акъалъулъ?

- Исламиябин абун ц1ар бук1ин гурони т1ок1аб щибниги исламалъулгун г1ахьалаб жо гьениб гьеч1о. Нилъеда бихьулеб буго гьез ч1валел ругел г1адамалги, халкъалда гьабулеб бугеб зулмуги. Гьел руго ислам суризабизе х1алт1улел  г1адамал. Цо-цо лъавукъал г1олилал гьез бет1ерги сверизабун жидедаго гъорлъе ц1аниги кинаб бук1аниги х1акъикъияб исламалда хурхараб жо гьезул щибниги гьеч1о. Гъазаватинги  абун бат1алъи гьеч1ого г1адамал ч1вай,  гъазават кколаро. Жакъа бищун к1удияб гъазават ккола лъик1аб кквезе, квешаб тезе ах1и, ай  к1алзул гъазават.

- Нилъер районалъе х1инкъи бугищ ИГИЛалъул? Батани кинаб х1алт1и гьабулеб бугеб гьелда хурхун?

- Узухъда буго нилъееги х1инкъи. Бокьарав г1олилав интернеталдасан бет1ерги сверизабун ине бегьула гьез жидехъего ц1ан. Х1алт1ийин абун ваг1за-хабар гьабун гурони т1ок1аб бат1ияб нижеда гьабизе к1олеб жо бук1унаро. Цох1о нижеца гьабун гьебги лъугьунаро, эбел-эменгун жамг1иятгун цадахъ гьабуни гурони.

- Г1ажаиблъи гьабизе бач1уна  жакъа г1адинаб диналъе киналго нухал рагьараб заманалда гьединал гъазаватчаг1и раккиялда. Щайдай гьединал сункьаго ва лъикьаго х1инкъич1ого Аллагьасул нух ц1унизе х1адурал чаг1и, доб х1акъикъаталда дин ц1унизе кколеб, г1алимзабиги устарзабиги т1аг1инарулеб советияб заманалда рахъинч1ел гъазават гьабизе?

- Щайгурелъул к1олеб бук1инч1огоха, гьанжеги к1олароан х1укуматалда жаниб дагьаб кьварараб г1адлу бук1арабани. Гьел руго дагьабниги г1адлу чучаб бак1алда жалго  рихьизаризелъун къват1ире рахъунел  г1адамал.

- Жакъа росулъ г1олохъабазе аслияб  г1унгут1илъун буго ригьт1а ригьин гьабизе рес гьеч1олъи. Гьанже заманалда рекъараб  минаги базе ккани, бах1аралъе бриллианталги рит1изе ккани, лъицаниги г1айиб  ч1валаредухъ росуго бахилаб бертинги гьабизе ккани дагьа-макъаб г1арац г1олеб  гьеч1о. Гьединлъидал чанги г1олилал, х1атта лъеберилъе сонал рахинег1ангицин ригьин гьабич1ого хут1улел руго, гьелъ гьезул г1емерисел х1арамаб нухде унелги  руго.  Гьединабго ах1вал-х1ал буго хвел-хобалда хурхунги. Кинго рес гьеч1ищ гьеб к1иябго к1вар ц1ик1к1араб суал цо мохъде бачине?

- Динияб идараялъул гьеб х1укму къват1ибе бач1аралдаса лъаг1елгун бащдаб ине буго. Х1акъикъаталдаги гьеб буго г1адатияб  халкъалда гурх1ун гьезие г1умру  бигьалъизелъун г1уц1араб х1укму. Байбихьилин цин хвел-хобалдасан. Нилъер росдал г1адамазда кколеб буго гьединаб х1укму цох1о нилъер гьаниб гурони гьеч1еб жойилан. Росулъ гьеб къабул гьабуралги руго, жидедасайиш  гьеб байбихьизе кколебан  абулелги руго, к1алги гьикъун  жидее бокьараб гьабиларищин ч1аралги камич1о. Нилъер халкъ буго г1адатазул лагъзаллъун лъугьарал, г1езег1ан ч1ух1арал ва пахруял г1адамал. Гьединлъидал гьеб к1иябго суал дагь-дагьккун г1умруялде бахъинабуни гурони, цадахъ цо лах1заталда т1убан бажариларо. Бит1араб буго, дуца абухъе жакъа ригьин  гьабизе  г1езег1ан зах1мат буго. Амма гьеб буго нилъецаго т1аде ц1араб зах1малъи. Цебе нилъер умумуз васасе ч1ужу ячунелъул цо рукъ къач1ач1ого толеб бук1ун буго, ригьин гьабун хадуб бах1арал цониги къвариг1ел гьеч1еб ишалде руссинч1ого, жидерго рукъалдеги маг1ишаталдеги руссине рук1ине. Гьанжейин абуни эбел-инсуца кинабго х1адурунги кьун, ригьин гьабун хадуб руссине жо гьеч1олъиялъ цо гьит1инаб жо сабаблъун даг1баги ккун данделъун рахъиналде г1олохъанал рос-лъади рат1алъулел руго. Гьанжесел эбел-инсуца кинабго жидецаго гьабунги кьун лъималазда дагьабниги къо бихьизе толеб гьеч1о, гьелъ гьанжесеб г1ун бач1унеб г1елги к1вах1алаб ва ч1аголъи гьеч1еб лъугьун бугеб. Чанго росабалъ руго ригьин гьабулаго харж гьабулеб г1арцул къадар ч1езабулеб г1орхъи, амма нилъер росулъ гьединаб г1адлу билълъанхъизабизе ц1акъ зах1мат бук1инин ккола дида. Гьединаб г1орхъи ч1езабиялъул аслияб маг1на буго ригьин гьабулелъул цо хасаб бихьизабураб къадар г1арцулги ч1езабун, хадуб рокъое ячиндал бокьани меседилъан яккизайизе бегьилин бах1арайин абураб.

-Мух1амад, баркала дуе заманги батун нижехъе вач1аралъухъ. Росдае пайдаялъе х1алт1изе Аллагьас дуе къуватги тавфикъги кьеги.

Гара-ч1вари гьабуна И. Мух1амадовас.

       

Просмотров: 824 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz