Четверг, 18.04.2024, 16:02 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Октябрь » 3 » МУФТИЯСУЛ Х1УРМАТАЛДА.
14:56
МУФТИЯСУЛ Х1УРМАТАЛДА.

Ахираб заманалда районалъул г1умруялда ккарал к1вар бугел лъугьа-бахъиназда сон цояб бук1ана араб анкьалда Г1алаг1арт майданалда Дагъистаналъул муфтий, щайх Ах1мад-АпандиГ1абдулаевасул х1урматалда т1обит1араб чуял риччаялъул байрам. Республикаялъул к1варалъул гьеб тадбиралда г1ахьаллъана ДРялъул х1укуматалъул, муфтияталъул вакилзаби, Халкъияб Собраниялъул депутатал, жаг1иял х1аракатчаг1и, ц1ар арал спортсменал, цо-цо районазул нухмалъулел. Тадбир байбихьилалде гьалбадерил цо-цоял Хунзахъ Абулмуслим щайхасул зияраталде паркалде щвана, паркалде щвана, цогидал Хунзахъ т1алъиялде рахунаго цебе батулеб гинчадерида нахъа бугеб гох1да Шамил имам рак1алде щвеялъе балеб мемориалияб комплексалъул кьоч1окь т1оцебесеб гамач1 лъеялъулъ г1ахьаллъана. 9 маялъул байрамалдаго г1адаб къач1а-к1ат1айги г1уц1а-к1ут1иги бук1ана гьеб къоялъ Г1алаг1арталда. Цо-цо росабазул культураялъул х1аракатчаг1аз жиде-жидее хасиятаб г1адат-г1амал бихьизабулел, г1адатияб квен-т1ех цебе лъурал майданал г1уц1ун рук1ана гьенир. Бича-хисиялъе гьоц1дерил г1арцул т1аг1алабиги бархъалисезул щег1ги, маг1арул ражи-ц1амалъул мах1 бахъарал хинк1алгун гьанги, пурщабазде г1унт1унги бук1ана кваназе бокьарасеги. Хунздерил руччабигинахъе ккеч1о гьеб къоялъ. Жамаг1ат хьагахъ мугьги бан, гьелъул садакъа щвеч1евги къанаг1атги хут1ун ватиларо. Байрамалда г1ахьаллъарал гьалбадерида, чуяхъ балагьизе рач1арал районцоязда цере рахъана Г1амирханов Расулил г1исинал акробаталги. Районцояв дунялалдаго ц1ар т1ибит1арав спортсмен Г1умар Ханапиевасги жиндирго иргадулаб 58 абилеб рекорд Ах1мад-Апандиясе сайгъат гьабуна. 115 килограмм бак1лъи бугеб маххул рельс цабзазги ккун 60 метраялъ босана гьес. Нилъер г1ат1идаб улкаялъул чанго бат1ияб регионалде ах1ун вук1анила жакъа, амма г1агараб районалда т1обит1улеб гьаб дандеруссин гьезухъ кьоларила жиндицаян абуна Г1умарица. Данделъараздехун баркиялъулал к1алъаял гьаруна районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас, х1укуматалъул вакилзабаз, диниял церехъабаз.

Рек1ее асар гьабулел церерахъинал рук1ана республикаялъул «Молодость Дагестана» кьурдухъабазул ансамблялъул. Чуял риччалалде цебе Г1алаг1арт майданалда х1урматалъул свери бахъана «Ночные волки» мотоклубалъул байкеразги. 3,3, 5,5, ва 7,7 километраялъул сверут1а лъабго заезд бук1ана чуял риччаялъул. К1иго заездалда бергьенлъи босана Чачан республикаялдаса чуяз. Цо заездалда ч1ч1алде бач1ана Гумбет районалъул бекерухъан.

К1удияб бук1ана чуял риччаялъул призалъул фонд. Райадминистрациялъги «Хунзахъ» гурх1ел-рах1муялъул обществалъги данде рехараб гьелъул къадар 500 азарго гъурущалдасаги ц1ик1к1араб бук1ана. Щибаб заездалда 1-2-3 к1ал ккурал чуязул бет1ергьабазегун чот1ахъабазе сайгъатал кьуна районалъул нухмалъулес, Халкъияб Собраниялъул депутатаз, диниял церехъабаз. Динияб идараялъул вакилзабаз муфтиясул сайгъатаздалъун к1одо гьаруна районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповги имам Бац1алов Мух1амадги. Хунзахъ районалъул х1урматияв гражданин абураб ц1ар кьуна муфтиясул вас Дагъистаналъул исламияб институталъул ректор Мух1амад Г1абдулаевасе ва «За заслуги перед районом» медалалдалъун к1одо гьаруна Г1умар Х1анапиевасул спортивиял церет1еял. Гьедин г1уц1адго ана Дагъистаналъул муфтий к1одо гьавураб баракатаб дандеруссин нилъер районалда.

Просмотров: 623 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz