Четверг, 25.04.2024, 09:20 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Июль » 9 » МОЧ1ОХЪ-ГЬИТ1ИНАБ «ШАЛИ»
17:18
МОЧ1ОХЪ-ГЬИТ1ИНАБ «ШАЛИ»

Районалъул централдаса 35 км. рикIад бугеб МочIохъ росдал рагIичIев чи къанагIатги ватиларо нилъеда гьоркьов. РагIизабуна гьеб такрарлъи гьечIеб тIабигIияб хIор аскIоб букIиналъги, Расул ХIамзатовас «Форелал лъедолеб мачIхъадерил хIорилан» хас гьабун хундерил гимналда хъваялъги, чанги лъикIал сахаватчагIигун гIалимзаби жанир рахъиналъги. Жакъа къоялда нусгогIан магIишат гурого жаниб гьечIеб гьеб росу бараб бакI буго мегъ бакьулъ, сверун гьарзаго лълъималги ругеб, беричал харибакIазги сверун ккураб. МочIохъе бухьараб сапаралъ бихьараб-таралъ сагьвил гьаюрай дида ракIалде ккана газета цIалулезулгунги рекIел асарал рикьизе. Жакъасеб мухбиралъул сапар-тIогьол расалъабазги, хехал лъаразги, гьалбал хириял гIадамазги гьайбат гьабураб, магIарулазул МочIохъ росулъе.

«Дагъистаналъул мустахIикъай мугIалим» Президентасул гранталъул лауреат, цIар бугей педагог Булул МухIумаевалъ дида бицанихъе, МочIохъ росдал цIар бачIун буго «МачIу» абураб рагIиялдасан. Жакъа къоялдаги мачIуялъул тIубарал сиртIал ратизе бегьулин гьанирилан бицана гьелъ дида.

ТIоцебе росу ккун буго ГIахьалчIиса вачIарав КIудияв ГIумардибирас, гьесда цадахъ гьенире рачIун руго гьесул ункъго васги.

Гьеб хъизамалъ тIоцебе кьучI лъун буго гьанже МочIохъ росдае. Гьезул рещтIен гьениб лъугьараб мехалъ ГIахьалчIиса гочун руго гьезул гIагарлъиялъул цойгидал хъизамалги, дагь-дагьккун кIодолъизе лъугьун буго росу. КIудияв ГIумардибирас гьеб росдае бегавуллъи гьабун буго кIикъого соналъ. Гьев живго гIараб гIелму кодосев чи вукIиналъ, гьес росулъ, росдал гIадамазул кумекалдалъун бан буго, гьабсагIатги чIаго гьабураб мажгит.

Гьаниб бицен гьабичIого гIоларо ГIумардибир МочIохъе гочиналъе гIиллаялъул. Гьеб букIун буго гьезул тухумалъ тIад квер лъураб ракь, гьединго МочIохъ гIадаб гьава-бакъ рекъараб бакI батизеги захIмат буго, гьаниб жаниб тIабигIаталда букIунеб кинабго буго: боцIуе кваназе гIалахги, бекьизе гьарзаяб ракьги, гьекъезе тIагIам лъикIал иццалги, цIакъго хIажат ккани, цебе балалъги нахъа балалъги рохьалги. Аби буго МочIохъ батараб: гьавураб къоялдаса жиндир гIумруялда жанив, жив хвезегIан сундениги хIажалъун МочIохъа чи къватIиве ине ккечIевилан. Цебе гьелда абулеб букIун буго гьитIинаб «Шали»-ян.

Шали чачаназул росдал цIар. Гьеб абиялъе гIиллаги букIун буго гьениб гьарзаяб бачIин кьолеб ракь букIиналъ. МочIохъе сверухъ ругел росабалъа гIадамал гIемер рачIунел рукIун руго тIощел ва кванил цойгидал нигIматал росизе. ХIисаб гьабураб мехалъ, МочIохъ росу бугеб бакI гьениб гIумру гьабулезе чорхое щулияб сахлъиялъеги ва гIумруялъул халалъиялъеги кьураб тIабигIаталъул гьайбатаб бакI бугилан, гьенире гIемер рачIунел рукIун руго батIи-батIиял махщалил гIадамал, гьез жигар бахъулеб букIун буго гьенибго гIумру гьабун чIезе. Гьелъие цойги гIиллаги букIун буго, мачIхъал гьалбал хириял, гьединго тIаде рачIарал лъикI къабул гьарулел гIадамал рукIин. МачIхъадерил ролъул чадил тIагIамги лъараб, богIол чIагIдал къвакIиги бихьараб мехалъ, гьалбадерица гьениб заман бахъулеб букIун буго. Абула МочIохъ росулъ 12 батIияб бакIалдасан рачIарал гIадамаз гIумру гьабулеб бугилан. КъватIиса рачIун чIарал ругониги, гьез вацлъиялда тIобитIулеб буго талихIаб гIумру.

МочIохъ росу кIодолъун, гIуцIун хадубги колхозал гьарилалде цебе, ГIахьалчIиса рачIаразе гурони, ихтияр кьолеб букIун гьечIо магIарде боцIи битIизе. Гьедин заман анагIан МочIохъ байбихьун буго гIараб гIелмуялъул машгьурал гIадамал рахъине. Гьале гIалимчи КIудияв XIасан, лъабго соналъ халваталда жанив чIун вуго гIелму щулалъиялъе. Абулеб букIун буго, гьесулъ кашпулъи бугиланги. ГIалимзабазе гIелмуялъе кьучI лъезе МочIохъе вачIун вуго шайих АхIмадил Бадай. Гьесие бараб шайихасул рокъов вукъун вуго гьев, гьесде зиярат гьабула мачIхъадерица ва къватIиса рачIарал зияратчагIаца. КIудияв гIалим вукIана СайгидулбатIал. Гьесул цIар тIоцересел гIалимзабазда гьоркьоб буго Дагъистаналъул музеялда. Музеялда гуребги, «Дагъистаналъул цIар рагIарал сонал абураб тIехьалдаги тIоцересел гIалимзабиян хъван руго ГIободаса ХIайдарил МахIамадилги СайгидулбатIалилги цIарал. Хадувго гIун вачIана МочIохъа Къадил МухIума, гьев гIемерал соназ хIалтIана ЦIадаса ХIамзатгун цадахъ Хунзахъ шаргIияб судалъул секретарьлъун. Хадувго гIалимчи вахъана живго жиндаго чIчIун гIараб гIелму лъазабурав, жинда Къуръаналъул, жузазул магIна лъалев вукIарав Исбагьиев Гъайирбег. Гьединго рукIана гIалимзаби Сиражудин-ХIажи, ХIасанил АхIмад, MуxIамадов Xlacaнxloceн (кIудияв).

МочIохъе дин щула гьабизе вачIарав ва МочIохъ дибирлъи гьабулев вукIарав Хьиндахъа Бугъадибирасул хоб буго шайих вукъараб хабалалъ гIалимзабазда гьоркьоб. ТIоцебе гIараб гIелму ва Къуръан цIализе малъизе Мадраса рагьун буго росдал мажгиталда жаниб, гьенир цIализарулел рукIун руго киналго росдал лъимал, гьелъ рес кьун буго тIаде гIолеб гIел гIелмуялда гъорлъе лъугьине ва дин-ислам щула гьабизе. Гьезда гъорлъаги рахъун руго шаргIияб гIелмуялда гIадамал куцаялъе гIалимзаби. Гьаниб гIелмуялъул бицунаго бихьизабизе ккола цебе гIелму кодосел гIалимзаби кигIан диналъеги шаргIалъеги ритIухъалги рацIадалги рукIаралали.

Гьеб букIине ккола XIX гIасру. Гъумекив вукIун вуго цIакъ бечедав хан. Гьес гьенире ахIун руго доб мехалъ Дагьистаналда рукIаралщинал гIалимзаби мавлидалде, гIемераб боцIиги хъвехъун. Гьениве ахIун вукIун вуго КIудияв ГIумардибирги. Мавлид лъугIун хадуб киналго мавлидалде ахIаразда гьикъун буго ханас, гьаб бечелъи, гьаб ракь, гьаб боцIи-панз дие хIалалаб бугищилан. Гьениб ханасе кIудияб рецц-бакъги гьабун, гьеб кинабго хIалалаб букIин загьир гьабун буго мавлидалде ахIараз. Амма ГIумардибир вуцIцIун чIун вуго кIалъачIого. Мавлидалде ахIарал нухда регIун хадуб, гьенивги чIезабун ханас ГIумардибирасда гьикъун буго дие рецц-бакъ гьабичIого мун щай вуцIцIун чIаравилан. ГIумардибирас гьесда абун буго: «Гьаб боцIи, ракь, бечелъи дур хIарамаб бугилан». Гьеб мехалъ ханас ГIумардибирасда абун буго, мун гурого мавлидалда рукIаразул цониги чи вахъинчIин гьедин абулевилан. Амма гьаб кинабго хIарамаб букIин дидаги лъалилан. Нуха регIулаго ханас ГIумардибирасе чуги меседил цIурал хулжалги кьун руго. Гьедин Гъумекиса вачIунаго гьев щун вуго гIехьелдерил иццухъе. Гьениб, чодаса гъоркьеги рещтIун, гIодов чIун вуго тIаде чи вачIинегIан. ВачIун вуго цо вас. Гьев вас аскIовеги ахIун витIун вуго росдал дибир ахIизе. ВачIун вуго дибир гьесда аскIове иццухъе, бицун буго ккаралъул ва дибирасухъе кьун руго месед жаниб бугеб хулжалги чуги. ГIумардибирас дибирасда абун буго: «Дуца гьаб месед бикье росулъ ругел мискинзабазе, бесдалазе, гьалде ккаразе, дица гьаб рокъобе босани, гьалда тIаса чIужуялъ месед босичIого толаро, гьеб буго дие хIакъ»-ян. КIудияв ГIумардибирасул гIелмуялъулги вацIцIалъиялъулги хъвараб тIехь букIун буго Kьохъa СултIанахIмад ХIажиясухъ. Гьев мунагьал чураяв ва баракат нилъее щваяв хвана, гьеб тIехьалде хал гьабизеги щвечIо.

ТIоцебе росу ккуразул ГIахьалчIиб гIагарлъи гIемераб буго, амма заман гIемер ун бугелъул батила, гьенире къварилъи ккараб мехалъ унел дагьлъун руго.

Цебе бетIергьанал ракьазда гIадамаз кулал гьарун бетIербахъи гьабулаан. Гьедин кулал гьарураб «Бугъади»-ян абулеб бакIалда букIана анцIила ичIгогIанасеб кули. Гьелъ бицунеб буго некIо гIадамаз гIумру гьабулеб букIараблъи жидее гIумру гьабизе бигьаяб, жалго бетIергьанаб ракьалда.

Жакъа къоялдаги, гьабурав чиясе гIезегIан магIишат гьабизе санагIатаб квегIенаб бакI буго МочIохъ: росдал цояб рахъалда чIегIер ракьул хурзал, цойгияб рахъалда-чабаххIалал ракьал-картошка, ламадур, гьарзаго бижулеб буго гьаниб лъагIел кинаб бачIаниги.

Диргун хабар ккарай байбихьул классазул учительница МутIалибова Сакинатица бицана араб соналъ 16 сотых ракьалда бекьараб ламадурил бачIин бичун 73 азарго гъурущ щванин жиндиеян. Узухъда, мукъсанабго школхаржиде тIаде гьеб кIудияб квербакъи ккола. Жалго бетIергьанал кIудиял хурзалги, хьихьараб боцIиги гьечIев чи МочIохъ гьечIо жакъа къоялдаги. Дойго Булул МухIумаевалъ бицана, мадугьалихъ росабалъ КТО лъазабидал рещтIарал гIорхъалаби цIунулезул аскарияз г1ажаиблъун мачIхъадериде абун бугин «Сордо-къо цIехечIого, свак лъачIого моцIрол канлъухъецин хIалтIулел рукIунин гьал чагIи» ян (рагIи-хер къазе прессалде ирга къад щоларелъул, къаси-къаси гьабулеб букIун гьаз гьеб хIалтIи-авт). Узухъда, кидаго бигьаяб яшавалда рукIанин мачIхъалан дица абиларо. Лъабго магIишаталда гьоркьоб цо-цо гьокоги кьун, гIицIго гьелда лъураб къайи-цIагун Чачаналъе гочинарун рукIун руго МочIохъ росдал гIадамал 1944 соналъул кьварараб кьиндал гIужалъ. ХIакъикъаталдаги, щибха захIматаб букIинеб рижараб росу-ракь, яшав тун, херал-беццал батIа гьаричIого, чияр ракьалде рахъине ккеялдаса?! ГIицIго 1957 соналъ нахъруссине риччан руго мачIхъал гIагараб росулъе. ДандчIварал захIмалъабаз къвакIарал магIарулал къуркьизаричIолъиялъе нугIлъи гьабула цIи гьабураб росуялъги, гьанир гIуцIарал шартIазги, захIматчагIазул хIалтIулал бергьенлъабазги. Росдал маг1ишаталъул ас бугел соназ 200-210 ч1ег1ерх1айван (гьездасан 100-110 беч1ч1улеб г1ака) жаниб хIебтIун, лъаг1алие 190 тонна рахьдал, 10 тонна гьанал кьолеб бук1араб фермаялдеги щвана дун гьеб къоялъ МочIохъ. БитIахъе, ракI бахиллъилел бокьал, дояркабазул рукъ, бачазул ферма чIунталиде сверун ругоан жакъа къоялде. Киналго магIишатазе хасиятаб гьеб сураталъ гьоркьоб тун гьечIо, рас тIуни нах кIанцIилеб гIадаб боцIи хьихьизе кIолел керчал харибакIал ругеб, МочIохъ СПКги.

МочIохъеги щун, хIорихъе щвечIони дун цIалдолезда мекъи йичIчIилаан. Аллагьас майилан кьураб сайгъатлъун бихьана дида цо къоялъ зодил кьераб, цойги къоялъ гIурччин харил кьергун жубан бакъуде данде паркъолеб гьаб лъадал «матIу». 1963 соналъ мегIерги ччукIун бачIун лъугьун буго 40-45 га гIатIилъиялда мачIхъадерил хIор. Риидалил заманалъ гьаниб хIухьбахъи гьабизе рачIунел руго цо Дагъистаналдаса гурел, мадугьалихъ республикабаздасаго гIадамал. Амма, пашманлъизе ккараб хIужжа-гьелщинал соназда жаниб хIукуматалъ гьаб тIабигIияб памятник сверун гIуцIун гьечIо хIухьбахъиялъе кинал рукIаниги шартIал. Советсоюзалъул заманалда гьаниб ккунагIан форель, сазан, толстолобик тайпабазул ччугIби, тIад рекIине цIулал русби рукIарал ратани, гьанже хутIун буго гIицIаб хIор. Форельгицин нагагь-надир гурого лъедолеб гьечIо гьаниб. ГIезабизе бегьуларищ-я? ЦIакъ бегьула. ХIоринибе биччазеги жидеего хайиралъе бича-хисизеги букIинеян ччугIа гIезабизе лъикIаб къасд бижараб гIолохъанаб хъизамгунги ккана дир гьудуллъи МочIохъ. Гьудулзаби Муслимил ва Гъайирбегил жидерго хъизамалгун цадахъ буго икра, гIисинаб ччугIа (малек) босун гьеб гIезабулеб магIишат. ГIезегIан тIад жидерго гIарцулал сурсаталги хвезарун гIуцIараб буго гьезул магIишат. Хьул букIун буго рос-лъадул росдал магIишаталъул грантниги щун «хIатIазда рахъун чIезе». Амма гранталги, квегIал-кваранал гIарцал щолелги республикаялда батIиял ратула. ГIезабулеб ччугIил тIинчIалъул бащадалдаса ц1ик1к1ун къадар хваниги, гьабулелдаса ракIбуссин гьечIин жидеран бицана Муслимица. Гьелъул гIаксалда-аскIобго балеб буго жанир чIезе мина, къачIалеб буго сверухълъи. ЧчугIихъабазул «чIинкIиллъиялдаса» гьороца росун рачIунел ххунеб гIатIалги хьоналъулги тIагIамал махIаз дир балагьи кIкIалал рагIалдехун буссинабуна. Нусгоялдасаги цIикIкIун сон жиндир бугеб умумузулго батараб-лъеда гьобо (лъетIагьоян абула хундерица гьелде гьакIкIараб кIалалъ) хIалтIизабулеб буго 90 ялдасаги жиндир гIумрудул сонал арав ГIабдулмуъминица. Цебе гьединаб гьобо лъабго букIанила росулъ, гьанже киналго механизированияб къагIидаялде, бигьаяб яшавалде ран, гьезде хIажалъи гьечIила. ГIодоркъоял гьечIониги магъилъ наял киниги хIалтIулел мачIхъал рихьидал, библиотекаялъул МочIохъ филиалалъул заведующая Халилбегова Ирайсатида дица гьикъана хIухьбахъи, эркенаб заман тIобитIиго букIунарищ нужеран. 6 азаргогIанасеб тIахьазул фонд, казият-журналазде г1езег1ан подписка бугеб «тIахьазул рокъоре» 100-150 цIалдолевги хьвадулин, байрамкъоязде вечералгун-гIодорчIеялги гIуцIулин клубгун цадахъ жидецаян бицана Ирайсатицаги.

Кьерханкъояз гьенирегIаги руссинчIого, ракIги свакги сундеха чучилеб росдал захIматчагIаз?

КIикъогогIан соналъ анищ букIун буго гIолохъанал хъизамазул росулъ ясли-ах рагьизе. Ва гьале, рохел! 27 июналъ 17 гьитIичазе пайда босизе кьуна хIалеб площадкаялдалъун, богорукъалъул къайи-цIаялдалъун хьезабураб «Колосок» ясли-ах. Живго Пачалихъияб Думаялъул депутат ГI. Магърамов гIахьаллъана гьеб рагьиялъул тадбиралдаги, гьебги кодоб сайгъат-къед цIураб телевизоргун. Баракатаб батаги, хадур гIемерлъаги росдал гIадамазе хIажатал объекталгун сахаватал сайгъатал. Амин. Аллагьас кьураб тIабигIияб бечелъи гуребги, росуцоязул баракат камунги хутIулел гьечIо рикIкIадаб росдал гIадамал. Районалда кIиго-лъабго росулъ гурого гьечIеб тIабигIияб газ МочIохъ щибаб рокъоб буго. Гьеб бачине сахаватлъиялъул квер бегьун буго Россиялъул Оборонаялъул министерствалда чанго соналъ хIалтIарав «Бизнес инжиниринг» компаниялъул директор, сахаватчи МухIамадрасул Юсуповас. Жидерго бажарарал ракьцоязда бугеб чIухIи загьир гьабун лъугIуларого рукIана гIадатал гIадамал гьеб къоялъ. Лъидаха рагIичIеб, гьанжегIагар сахлъи цIуниялъул министр В.Скворцовалъул гъулбасалда гъоркь «Призвание» абураб миллияб премиялдалъун кIодо гьавурав, Сириялда госпиталалъул заведующийлъун хIалтIун гIемерал гIадамал хвасар гьарурав рагъулав врач, капитан Сулиманов Исламил цIар?!

«ХIамил бетIергIанаб» росулъа вахъана «Дагъистаналъул мустахIикъав бакIал ралев» Халилбегов Пазлудин, «Республикаялъул мустахIикъав тохтур» МухIамадов ХIусен, Аллагьасдасанго тIокIборчIараб учительлъиялъул гьунар жиндие кьурай МухIумаева Булул ва гьел гурел цойгидалги жалго хIалтIулел, цIалулел бакIазда къадруялда росдал цIар цIунарал гIадамал.

РакI гъолеб, парахатаб бакI буго МочIохъ росу. Гьанир гохIал-щобал, «даруял хурдузул гъамас» тIад сокIкIарал гIурдаллъаби мерхьунаго, дида кIочон тана гьаб сапар гIадаб чIагояб гуреб, гIатIгояб данделъиялде ретIарал рорхатал эгъебекеназ унтизарулел ругел хIатIазулги, ккун бугеб тIобитIун кIалалъулги, рокъое нахъюссине цебе бугеб сагIатгун бащадалъул нухлулги. Хадубккунги, рокъобго аппаратги, къаламги, диктофонги тун, свинабун телефонгун хIорил рагIалда кIусун хIухьбахъизе, пикрабазул гIадлу гьабизе МочIохъе щвезе щулияб нигатгун мухбиралъул хъвай-хъвагIаязул блокнот къана дица.

ФатIима МухIамадова

 

 

 

Просмотров: 489 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz