Четверг, 28.03.2024, 13:27 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Октябрь » 8 » МЕСЕДИЛАБ ХАСАЛИХЪЛЪИ.
16:25
МЕСЕДИЛАБ ХАСАЛИХЪЛЪИ.

Сентябрь – октябрь моц1азда лъималазе тарбия лъай кьолел г1уц1абазда т1обит1ула берцинаб, лъималазеги ч1ах1иязеги бокьулеб, интересаб – бач1ин бак1ариялъул байрам. Гьал къоязда гьеб байрам г1уц1ун бук1ана лъималазул творчествалъул рукъалъул х1алт1ухъабаз. Цояздаса цоял беричал, ч1ах1иял пихъал-овощаздалъун гьарзаял столазги, т1угьдузал гьабураб къадада балеб т1ансаялъги, хъаслихълъиялъул г1емер рахъазулаб берцинлъи загьир гьабун г1уц1араб къач1аялъги бат1ияб нур базабун бук1ана азбаралда. Берци-берцинал формабиги рет1ун къач1ан жидерго формаялдаса рохун рук1ана гьенире хьвадулел ц1алдохъабиги. Байрам г1уц1ун бук1ана къец х1исабалда, гьединлъидал гьелда г1ахьаллъулеб бук1ана лъабго командаги. Байрам г1уц1арай ва гьеб нухда бачарай Саг1идова Шуг1айнатица лъималазе х1адурун ругоан бат1и-бат1иял кополал, интересал къецал.

Бищун берциналлъун рук1ана хаслихълъиялъул форма ц1униялъул, караваязул (чадазул) къецалги ва гьединго ц1акъго интерес бук1ана лъималазул бералги рухьун  гьезул к1алдиб тарбияч1ужуялъ лъолеб бук1араб ниг1маталъул ц1ар бицине кколеб бук1ана конкурсалъулги. Киналго балагьаразул рак1азе к1удияб рохалилаб асар гьабуна лъималаз гъираялда  бихьизабураб эбелгун хурире ун лъималаз т1орщел бак1ариялъул ва квераздалъун х1араб х1апароялъул кукольный театралъ. Интересаб бук1ана кружокалъул нухмалъулезда гьоркьоб т1обит1араб къецги. Гьай-гьай, лъималаз рихьизаруна музыкалиял номералги: ах1ана хаслихълъиялъул х1акъалъулъ куч1дул, гьаруна кьурдабиги.байрамалъул ахиралда, конкурсалъе къимат кьезе г1уц1араб професионалияб жюриялъул х1асилалда рекъон, т1оцебесеб бак1 щвана «Солнечная кладовая» командаялъе к1иабилеб бак1- «Колокольчики» командаялъе, лъабабилеб бак1 – «Листопад» командаялъе.

Гьаниб бак1 ккун бук1аго абизе ккола исана лъималазул творческияб рукъалъул х1алт1ухъабаз т1обит1араб бач1ин бак1ариялъул къо данде ккун бук1ана учителасул къоялдеги. Гьединлъидал гьенир г1ахьаллъарал учительзабазда байрам баркизе ва лъималазул цере рахъиналъе къимат кьезе яч1арай районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальникасул заместитель Х1ашт1ихова Раисатица, районалъул лъай кьеялъул пагьму-гьунар бугел лъималазул отделалъул начальникасул заместитель Мух1амадова Умайгьанатица, лъималазул творчесствоялъул рукъалъул методист Г1аликулова Раисатица учительзабазда баркана т1аде щвараб гьезул  профессионалияб байрам. Гьединго бач1ин бак1ариялъул байрамалда г1ахьаллъараз лъималазе насих1ат гьабуна бач1ин г1езабиялда сверухъ гьарулел х1алт1абиги к1очене теч1ого щивав ц1алдохъанасда гьит1инго лъазе ккеялъул

Нахъалъаг1ан районалъул творческияб рукъалъул азбаралдаса лъималазул бач1ин бак1ариялъул рохалилаб ах1и-х1уралъул гьаракь т1аг1инч1о.

У. Къурамух1амадова.

 

Просмотров: 1500 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz