30 январалда Шахрудин Шамхаловасул ц1аралда бугеб х1ухьбахъи гьабиялъул централда т1обит1ана районалъул школазул директорзаби, муг1алимал, ч1ах1иял классазул ц1алдохъаби, гьезул умумул г1ахьаллъараб умумузул собрание. Гьеб нухда бачана районалъул лъай кьеялъул отделалъул начальник Залимхан Г1умаровас ва гьеб отделалъул специалистаз.
Собраниялда г1ахьаллъи гьабуна райадминистрациялъул бет1ер Саг1ид Камиловичас ва республикаялъул информациялъулаб централъул специалист Мух1амадова Заираца.
Данделъиги рагьун лъай кьеялъул отделалъул начальник Залимхан Г1умаровас г1одорч1аразе бицана районалъул школазда цогояб пачалихъияб экзамен (ЕГЭ) кьезе ц1алдохъабазул бук1ине кколеб мух1канаб х1адурлъиялъул, унеб ц1алул соналда гьеб экзамен кьолелъул цересел соназде дандеккунги гьаризе ругел ц1илъабазул.
Залимхан Х1асановичас баркана дагьал церег1ан къоязда «РФялъул лъай кьеялъул х1урматияв х1алт1ухъан» абураб ц1ар щварал муг1алимазда гьезие щварал х1урматиял ц1арал ва жив-живасухъе удостоверениялги кьолаго, гьарана гьезие х1алт1улъ ч1ах1иял бергьенлъаби, чорхое щулияб сахлъи. Дагьал церег1ан къоязда чанго регионалиял ва республикаялъулал олимпиадабазда бергьарай Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Г1усманова Хъандулай дандч1ван йиго Дагъистаналъул бет1ерасул ишал т1уралев Владимир Васильевгун, РФялъул лъай кьеялъул ва г1елмуялъул министрасул заместитель Сергей Кравцовгун ва ДРялъул лъай кьеялъул министр У. Г1умаровагун Мах1ачхъалаялда бугеб «Россия-дир тарих» абураб тарихияб паркалда. С. Кравцовас баркала кьуна олимпиадабазда бергьенлъи босарал ц1алдохъабазе. Гьединго районалъул лъай кьеялъул отделалъул начальник З. Г1умаровасги баркала кьуна нилъер районалдаса Хъ. Г1усмановалъе ва гьей ц1аларай школалъул директор Г1. Г1абдурах1мановасе.
К1алъазе яхъарай З. Р. Мух1амадовалъ мух1канго бицана 2017-18 ц1алул соназда ЕГЭ кьолелъул кинал шарт1ал г1уц1изе кколелали, кинал хиса-басиял рук1ине ругелали.
Экзамен кьун бахъарабго цебе г1адин гьелъул х1асилалги росун гьанже Мах1ачхъалаялде ине кколаро. Гьелъул х1асилал рач1инахъего рит1улел руго Москваялъул Федералияб централде ч1ван печатьгун, бит1ахъего гьеб кьолеб бук1араб аудиториялдасан. Рук1ана, гьел гурелги г1емерал пайдаял лъазабиял.
Жиде-жидер пикраби рицун гьенир цере рахъана школазул нухмалъулел, ц1алдохъаби, лъай кьеялъул отделалъул специалистал.
Умумузул собрание ана к1иябго рахъалъе пайдаяб х1алалда.
Н. Г1алиева.
|