Пятница, 29.03.2024, 12:14 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Август » 26 » МАКЬАСДА КЛАСТЕР-ЛЪИК1ИЩ ЯГИ КВЕШИЩ?
21:41
МАКЬАСДА КЛАСТЕР-ЛЪИК1ИЩ ЯГИ КВЕШИЩ?

  - МухӀамад, магӀу биялдаса хириял магӀарулазе гӀагараб ракь хазиналъун букӀуна. Лыжабазда хъещтӀолеб,туризмалъул,хӀухьбахъиялъулаб база балеб ракь Хунзахъ тӀалъиялъул ункъо росдал бетӀергьанлъиялда бугеб бакӀ кколин ва гьел росабазул жамагӀатаздаги цӀехечӀого, гьезул изнуги гьечӀого ракь ккунилан, гьенир бакӀал ранилан«ХӀакъикъаталъул»редакциялде вачӀун вукӀана Сивухъ росулъа Н. МухӀамадов. Гьеб суалалда тӀасан щиб дуца абилеб?

   - 200Ӏ соналда Хунзахъ районалъул избирателаз дун гьеб районалъул бетӀерлъун вищана. Гьелдаса нахъе дун «Макьасда» бакӀалъухъ вала-гъалагьана, гьава-бакъалъулал, ракьулал, гъветӀ-хералъул шартӀал тӀуранго лъазаруна, кигӀан заманалъ гӀазу биинчӀого букӀунебалицин балагьана. Къокъго абуни, «Макьасда» бакӀалъухъ дир рокьи ккана ва гьенир бакӀал раялде дун машгъуллъана. Гьеб ишалъулъ дие кумек гьабуна Москваялда ругел гьудул-гьалмагъзабаз. Гьенир хӀалтӀаби байбихьилелде дица лъазабуна гьеб ракь лъил бетӀергьанлъиялда бугебалиги. «Макьасда» буго къваригӀараб мехалъ батизе тараб ракьул 90 га нахъраталил федералияб фонд. Гьелъул 39,5 гаялда базе буго база. ГӀарзачиясухъа бажарун гьечӀо РФялъул ракьул кодексцин лъазабизе. База базе бугеб ракьалъул суал тӀубан буго ва гьелда тӀасан ругел бахӀсалги лъугӀизе заман щвана.

  - Россиялъул югалда туризмалъул кластерал разе Федералияб централъ кида хӀукму гьабураб? РФялъул ХӀукуматалъ гьел раялъе гӀарцулал сурсатал риччазе   божилъи кьолеб, жавабчилъи жиндаго тӀаде босулеб бугищ?

- Северияб Кавказалъул федералияб округалъул лъабго республикаялда ва Краснодар краялда, Адыгеялда туризмалъул кластерал раялъул хасаб №833 хӀукму Россиялъул ХӀукуматалъ къабул гьабуна 20Ӏ0 соналъул Ӏ4 октябралда Дагъистаналда «Макьасда»,Карачай-Черкесиялда«Архызалда», Северияб Осетиялда «Мамисоналда», Краснодар краялда, Адыгеялда щуго база базе РФялъул ХӀукуматалъ би-ччалеб буго 56 миллиард гъурущ ва инвестораз гьел бакӀал разе биччараб гӀарац битӀккечӀого, цогидал гӀиллабазда бан базаби рачӀого хутӀани кинабгоялде гӀунтӀун жавабчилъиги жиндаго тӀаде босулеб буго. Щибго хӀинкъичӀого рехсарал базаби раялъе гӀарцулал сурсатал риччазе тӀаде босулеб буго Россиялъул Сбербанкалъ, ВТВялъ. ГӀарац бугев, бокьарав бечедав чиясулги рес буго гьеб ишалъулъ гӀахьаллъизе, гӀарац бегун течӀого хӀалтӀизабизе ва гьелдаса хайир босизе.

  - ГьабсагӀаталда «Макьасда» мугӀрузул шартӀазда лыжабазул спорталда, туризмалда хурхараб база баялъе кинал хӀалтӀаби гьарулел ругел?

- ХӀадур гьарулел руго проекталъулгун сметаялъулал документал, ай план-мастер, мастер-классалъул документация. Гьеб хӀадурлъи лъикӀаб даражаялда унеб, цебетӀеялъул нухда буго. Гьеб хӀалтӀи рагӀалде бахъиндал, пачалихъияб экспертизаялъ документация къабул гьабизе буго. Гьелдаса хадуб«Макьасда» чӀахӀиял бакӀал разе байбихьизе ккола.

  - Кинал бакӀал гьенир разе ругел? Аслияб куцалда сунде кӀвар кьезе бугеб?

- «Макьасда» базе буго 3Ӏ50 чиясе бакӀ бугеб отель, цӀа свинабиялъул часть, полициялъул отделение, поликлиника, кумекалъулал, хӀухьбахъиялъулал бакӀал ва гь.ц.«Макьасда» сверухъ ва Хунзахъ тӀалъиялъул батӀи-батӀиял бакӀазда 36 километралъул манзилалда гьаризе руго кварил нухал-фуникулерал. Масала, гьанже Шамил районалъул Гьандихъ росулъа Хунзахъ тӀалъиялде рачӀунаго нахъа тезе кколеб батани 60 км, кварил нухдасан букӀине буго анлъго км. «Макьасда» разе ругел цогидал ба-кӀазул бицинчӀониги, гьенир лъезе руго гӀурус адаби-яталъул классик Лев Толстоясе, гьесул машгьураб «ХӀажимурад» къисаялъул герой, имам Шамилил наиб Хунзахъа ХӀажимурадие памятникалги. ТӀалъиялде рачӀарал туристал ва гьалбал зияраталъ щвезе, ЦӀада росдада аскӀоб базе буго, мунагьал чураяв Расул ХӀамзатовасул «ХъахӀал къункърабазе» памятникги.Аслияб кӀвар кьезе буго базаялда сверухъ гьанжесеб, киналго тӀалабазе жаваб кьолеб инфраструктура гӀуцӀиялде. Гьенире рахъизе руго гӀатӀидал нухал, гьабизе буго канализация. Къокъго абуни, «Макьасда» база букӀине буго дунялалъул стандартазул даражаялда бараб бакӀ. Швейцариялдаса, Австриялдаса гьенире рачӀун рукӀарал специалистаз абуна, гьедин гьабиялъе Хунзахъ тӀалъиялда киналго шартӀал, тӀабигӀиял ресал ругилан. Россиялъулаб Югалда разе ругел цогидал базабазда цебе «Макьасда» базаялъул лъикӀаланго тӀокӀлъаби руго. Масала, гьеб тӀубараб лъагӀелалъ хӀалтӀизе буго. Хасало лыжабазда хъещтӀей гуребги, гьенир гӀуцӀизе руго чуязул, экстремалияб, рорхатал мугӀрузул тӀогьазде рахиналъул, кьурабалъе хариялъул, спорталъул тад-бирал, туристал сапаразде ва экскурсиязде хьвадизе руго. «Макьасдаса» Каспий ралъдахъе щвезегӀан буго Ӏ40 км, цӀидасан къачӀан, гьанжесел тӀалабазе жаваб кьоледухъ хӀадур гьабизе бугеб «ГӀалагӀарт» аэро-порталде букӀине буго 7-8 км. Гьенире ва гьениса роржине руго гьитӀинаб авиациялъул самолетал. ГьабсагӀаталда «Макьасда» руго рарал, хӀалтӀизаризе бегьулел бакӀалги.

  - РФялъул ХӀукуматалъ «Макьасда» туризмалъул кластергӀуцӀиялъулхӀукму ДРялъул президентас, ХӀукуматалъ кин къабул гьабураб? Гьез кумек гьабизе бугищ гьеб баялъе?

- Дагъистаналде гьеб суалалда тӀасан вачӀун вукӀана «Северияб Кавказалъул курортал» ОАОялъул директорзабазул Советалъул председатель АхӀмад Билалов. Гьев данд-чӀвана Дагъистаналъул президентгун ва «Макьасда»хӀухьбахъиялъулаб база баялъе цадахъ хӀалтӀиялъул къотӀи-къай хъвана, республикаялъул нухмалъиялъ гьеб ишалда жидерго тӀадрекъей ва разилъи загьир гьабуна. Гьединго, хӀукму гьабуна Хунзахъ районалда хасаб экономикияб зона рагьизе. Гьелъ кӀудияб кумек гьабизе буго, балеб бакӀалде инвесторал рачӀинаризе, гьез гьенире риччалел гӀарцулал сурсатал цӀикӀкӀинаризе.

  - «Макьасда» базаялъ тӀоцересел туристал кида къабул гьаризе ругел, яги гьелъул тӀоцебесеб этап щиб заманалде лъугӀулеб? Гьеб бакӀ бан бахъиндал, чан чиясе гьениб хӀалтӀулаб бакӀ рагьулеб?

- ХӀисабалде босун буго «Макьасде» тӀоцересел хӀухьбахъи гьабулел 20Ӏ6 соналда рачӀине ва гьел гьалбал хириял нилъер ракьцояз къабул гьаризе. ГьабсагӀаталда хӀалтӀаби унел ругеб хӀалалде балагьун, гьеб иш дагьабги цебе ккезе бегьула. ТӀубараб къуваталда база хӀалтӀизе лъугьине ккола 2020 соналда. Гьеб мехалда гьенив хӀалтӀизе вуго 2000 чи. Гьезда гьоркьоре ккола кванил нигӀматал гӀеза-рулел гӀухьби, дояркаби, ахихъаби, хурухъаби ва гь.ц. Россиялъулаб югалда щуябго туризмалъул кластер рагьидал гьаниб хӀалтӀи щвезе буго Ӏ50 азарго чиясе. ХӀалтӀул квер гьарзаяб регионалъе гьеб цӀакъ кӀудияб кумек буго.

  - МухӀамад, дуца микьго сонгун башдалъ бетӀерлъи гьабуна Хунзахъ районалъе. Гьеб заманалда лъикӀал социалиял хиса-басиял ккана районалда. Лъабабилеб нухалда районалъул избирателаз мун вищичӀо. Мунго вищичӀогоян районалъул гӀадамазде мун рекӀекъ-лъанищ?

- Дица гьелда тӀасан абила лъикӀав Аллагьас квешаб иш гьабуларилан. Дие кутакалда битӀ ккана, лъабабилеб нухалда Хунзахъ районалъул бетӀерлъун вищичӀолъиялъул. Диде божилъи гьабуна кӀудияб ва жавабияб хӀалтӀи. КӀиазарго чи хӀалтӀизе вугеб туризмалъул кластер базе щвей дица рикӀкӀуна кӀудияб битӀккейлъун ва икъбаллъун. Байбихьуда дида ракӀалда букӀаралдаса нусго нухалъ лъикӀаб лъугьинехъин буго «Макьасда» база. Гьеб букӀина гӀагараб районалъул тарихалъулъ дица толеб лъикӀаб лъалкӀлъун. ГӀакълу щварав школьникасдаса байбихьун районалъул гӀадамазул 80 проценталъ баркала кьолеб хӀалтӀи гьабуна дица. ТӀокӀаб жоялъул бицинчӀониги, районалъул росабалъ рана спортзалал, школал, лъималазул ахал, райбольницаялъе кӀиго корпус, бахъана ГьоцӀалъ-КӀахъ автомобилазул нух. Гьаруна аслиял, проектазулгун сметаялъулал хӀалтӀаби районалъул росабалъе тӀабигӀияб газ бачиналъеги.БитӀараб буго, дица хӀалтӀи-хъулухъги кьун аскӀоре гӀагар гьарун рукӀарал цо-цоял, лъабабилеб нухалда дун районалъул бетӀерлъун вищулелъул, дие хилиплъана. Гьезул жидерго намус букӀайин абе гьезие диванчилъунги.

Гара-чӀвари гьабуна ШАРАПУДИН СУЛТӀАНОВАС .    

Просмотров: 835 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz