Жакъа тайпадулаб г1и-боц1ухъанлъи цебет1езаби Северияб Кавказалдаги гьелдаго гъорлъ Дагъистаналдаги цереч1арал аслиял масъалабаздасан цояб ккола. Республикаялъул экономикаялъул гьеб бут1аялда бищунго ч1ах1иял маг1ишатаздасан цояб ккола СПК «Дудар Г1алиевичасул ц1аралда бугеб племзавод».
Жиндир заманалда Бакьагьеч1и Карл Марксил ц1аралда бугеб колхозалъул г1ияхъабазул ц1ар улкаялдаго т1ибит1ун бук1ана. Бук1ана гьабураб х1алт1ухъ х1алалаб мухьги гьабулаан зах1маталъул чиясул къадру-къиматги. Бекьеч1дерил г1аммаб маг1ишатги цебе т1олеб бук1ана къойидаса къойиде. Амма гучаб пачалихъ биххун хадуса кинабго хиса-сверун ккана, росдал маг1ишатин абуни рехунго тун бук1ана. Гьелъул т1ираби бекьеч1деридеги щвана. Лъик1аб х1албихьи бугел г1ияхъабаз рехун тана жидерго пиша. Нахъе ккана г1ияда гьоркьоб гьабулеб бук1араб тайпа лъик1лъизабиялъул х1алт1и. дагь-дагь ккун къуватаб, бечедаб колхозалъул цого-цо ц1ар хут1ана. 2015 соналъул башдаб лъаг1алиде гьезул налъаби 9 миллионалде рахана. Х1инкъи бук1ана маг1ишат т1убанго бихиялда. Иш г1орхъолъа унеб бук1ин бич1арал колхозчаг1аз ц1ияв председатель вищиялъул суал цебе лъуна. Х1ажат вук1ана лъик1ав специалист.
Щугониги соналъ хъутаналда бегавуласул заместительлъи гьабулев вук1ана г1олохъанаб жигар-жаналъул, г1адамазда гьоркьов лъик1аб къадруялда вугев ва иргадулал рищиязда бегавуллъиялде кандидатура лъезе х1адурлъулев вугев Х1усенов Ханмух1амад. Г1уц1арухъанлъиялъул х1албихьиги бугев, х1алт1иги бажарулев Ханмух1амадида колхозалъул председательлъиялде ц1ар ч1вана бекьеч1дерица ва г1емерисезул разилъигун гьев вищана жидерго г1аммаб маг1ишаталъул нухмалъулевлъун. Мекъиги ккеч1о. ц1ияб х1алт1уде байбихьулаго гьес жиндаго ва бет1ерал специалистазда республикаялдаго ц1ар араб маг1ишаталъул дол соназ бук1араб гучги къадруги борхизабизеян кьварараб масъала цебе лъуна. Босаниш т1аде-т1убазабе, кьунищ раг1и-хвезе тоге, гьеле бет1ерал специалистаздаса Ханмух1амадил т1алаб. Маг1ишаталда щивав специалист ккола жиде-жидер бут1абазда нухмалъулелги жидеца председателасе жаваб кьезе кколелги.
Жеги к1иго сон данде сверич1о Х1усеновасги гьесул командаялъги цадахъ х1алт1улелдаса.
Маг1ишаталъул экономикаялда г1ияхъанлъиялъ кколеб бак1алъул, гьелъул хайр буголъиялъул бет1ерав бухгалтерасдаса лъик1 лъидаха лъалеб. 30 г1анасеб соналъ х1алт1улев вуго Т1инч1аев Мух1амад колхозалъул бухгалтерлъун. Жакъа къоялда росдал маг1ишат бищунго хайр гьеч1еб бизнеслъун рик1к1унеб буго Мух1амадица. Араб г1асруялъул ункъоялда анц1абилел соназде щвезег1ан нижее квасухъ г1емераб г1арац щолаан. Гьелдаса хадуб квасул къимат ц1акъго г1одобе ккана. Ахираб к1иго соналъ цодагьабго багьа борхана гьелъул. Нижеца пачалихъалъе бичула 35 тонна квасул, 54 тонна гьанал. Гьединго ричула тайпадулал хухал. Араб соналъ г1ияхъанлъиялъ маг1ишаталъе кьураб бац1адаб хайр бащдаб миллионалдасаги ц1ик1к1ана, хурухъанлъиялъул хайр 60 азарго гъурущалде бахана. Амма киналго маг1ишатиял бут1абаз гуро хайр кьолеб, 6 миллион гъурущ дотациялъул щола нижее. Пачалихъалъул квер ч1ваялъ рахчулел руго харжал, гьедин маг1ишат хайраблъунги хут1улеб буго. 11800 тайпадулаб г1и буго жакъа нижер. Гьездаго гъорлъ 8600 чахъу ккола, хут1арал г1орк1к1аби, бихьинхухал, куйдул. Ахираб к1иго соналъ квасул багьа лъик1 борхана. 120-150 гъурущги щолеб буго цо килоялъухъ. Гьанже т1адбан унеб буго г1ияхъанлъиялда жавабиял х1алт1абазул цояб-г1икъинлъул компания. Байбихьи квешаб гьеч1о-100 эбелалда хадуб 100 кьег1ер. Г1ияхъанлъиялда цадахъгоч1ег1ераб боц1ул тайпа лъик1лъищабиялдеги к1вар буссинабун буго колхозалда. Хъутаналда буго к1иго рахьдал ферма. Гьениб хьихьараб 700 х1айваналдаса, ц1ик1к1арасеб къадар г1ачи ккола. Х1алт1и гьабулеб буго кинабго ч1ег1ераб боц1иги тайпадулаблъун гьабизе. Рахь ва гьелъул ниг1матал ричиялъулъ квал-квал гьеч1о. цо къадаралъул х1алт1аби унел руго маг1ишаталъул хурухъанлъи цебет1езабиялъеги. Г1олохъанав нухмалъулесул х1аракатчилъи к1одо гьабун дагьаб цебег1ан Республикаялъул Росдал маг1ишаталъул министрас Х1усеновасе Х1урматалъул грамота кьуна.
Гьедин щивас жидеда т1адал хъулухъалъулал ишалги т1уралаго х1алт1улел руго «Дудар Г1алиевичасул ц1аралда бугеб племзавод» СПКялъул колхозчаг1иги специалисталги, гьезул председатель Х1усенов Ханмух1амадил нухмалъиялда гъоркь. Бергьенлъаби гьезие.
|