Суббота, 20.04.2024, 15:47 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Август » 4 » МАГ1АРУХЪ Г1ЕЗЕГ1АН РУГО ДАРУЯЛГИ МИНЕРАЛИЯЛГИ ИЦЦАЛ.
14:25
МАГ1АРУХЪ Г1ЕЗЕГ1АН РУГО ДАРУЯЛГИ МИНЕРАЛИЯЛГИ ИЦЦАЛ.

Кавказалда цониги гьеч1о Дагъистан г1адинаб гьава-бакъги рекъараб, ч1ах1-хералдалъунги рух1ч1аголъабаздалъунги гьарзаяб, бечедаб ва беричаб т1абиг1аталъул бак1. Субтропиказдаса байбихьун, даим г1аздаца рацарал ц1орол муг1рузде щвезег1ан т1абиг1аталъул хаслъаби, устарас накъиш угьун г1уц1арал г1адал муг1рул-щобал, г1едерал льаралгин г1орал, рик1к1ен г1емерал х1орал - сахаватго кьун руго Бет1ергьанас Дагъистаналъул ракьалъе. Гьелде т1адеги, нилъер гьанир руго такрарлъи гьеч1ел тарихиялгун т1абиг1иял памятникалги. Гьеб баракаталда гьоркьоб хасаб бак1 ккола республикаялъул ракьалда ругел минералиял иццазги лъиназги. Г1алимзабаз гьарурал ulex-рехазда бихьизабулеб буго Дагъистаналда лъабнусгог1ан минералияб ицц бугилан. Г1елмуялъ ч1езабун буго муг1рул лъугьин, г1уц1и (неоконченный процесс горообразования) лъуг1ун гьеч1ел бак1азда (т1олабго Кавказалъул муг1рул гьединал руго) ракьул гъварилъабазда лъугьунел ругел багъа-бачариязул х1асилалда лъугьарал ракьул кьват1елазухъа къват1ире рач1унел ругин бух1арал ва ц1орорал лъинал. Нухда гьелъ цадахъ босун бач1унеб буго инсанасул сахлъиялъе пайдаял мнкроэлементал.

Радон, йод, бром, ч1абат1, водород гьоркьоб бугел гьел лъинал х1алт1изарула лага-чер- халъул, ургьимесалъул, т1омол, чехь-бакьалъул г1узраби сах гьариялъе.

 

Термалиял иццал

Гьел лъиназул Дагъистаналда жакъа къоялъ микьго-ич1гоялдаса гурого пайда босулеб гьеч1о. 38 градусалдаса 100 градусалде щвезег1ан бат1и-бат1иял руго лъиназул темпе- ратураги.

Талгиялъул хинаб ицц. Гьеб буго Мах1ачхъалаялдаса щуго километралъ рик1к1ад бугеб Талги поселокалда. Гьеб рик1к1уна бищун ц1ик1к1ун ч1абат1гун водород гьоркьоб бугеблъун. Гьениб бан буго нусго чияс цадахъго х1алхьи гьабизе бегьулеб санаторий, нусиялда лъеберго чиясе бак1 бугеб пансионат.

Гъаякенталъул хинаб ицц. Гьеб буго Гъаякент районалъул Ц1ияб Гъаякенталда. Ункъо

бак1алдаса, ай буругьаздаса, иццаздаса бач1уна гьеб лъин. Гьениб бан буго «Гъаякент» санаторий. Унтаразул сахлъи щула гьабиялъе гуребги, бух1араб лъим х1алт1изабула рукъзал хинлъизариялъе, росдал х1амамалда.

Ахтиялъул хинал иццал. Ахти росдадаса анлъго километралъ эхедехун, Ахти-чай гlyрул раг1алда руго ч1абат1, водород, радон, йод ва бром гьорлъ бугел лъинал-иццал. Гьениса г1емер рик1к1ад гьеч1ого руго Жени ва Купул- Яд абурал хинал иццалги. Гьениб рагьун буго курорт.

Манасалъул хинаб ицц. Гъарабудагъкент районалъул Манаскент росдада г1агарлъухъ бугеб гьеб лъиналда аск1об бан буго гьанже заманалъул киналго т1алабазда рекъон къач1араб санаториялъулгун курорталъул комплекс «Каспий».

Избербашалъул хинаб лъин. Избербаш шагьаралда бугеб гьеб лъин къват1ибе бач1унеб буго ич1го иццдаса. Санаторий-курорт гьеч1ониги, гьенире рач1аразе х1алхьи гьабиялъе квег1енлъаби ч1езарун руго гьенир. Лъим х1алт1изабулеб буго шагьаралъул г1адамазул рукъзал хинлъизариялъеги. Избербашалда рагьун буго «Азиз» абураб ц1аралда шушбузухъе т1ун лъим бичулеб гьит1инабго предприятиеги.

Гъизляралъул хинал лъинал. Х1алт1улеб буго анкьго ицц. Лъим х1алт1изабула г!адамал жанир ч1олел г1емерт1алаял минаби хинлъизариялъе. Иццал руго шагьаралда жанир.

Гъизляралдаса анц1го километралъул манзилалда югалъулабгун бакъбаккудехун бугеб Кардоновка росдада аск1об бугеб хинаб иццдаса бач1унеб лъим х1алт1изабула росдал х1амамалда. Шушбузухъе т1ун гьеб лъим бичулеб гьит1инабго предприятиеги буго.

Рычалалъул хинаб ицц. Лъебералда анлъго градус температура бугеб гьеб ицц буго

С. Стальск районалъул, ралъдал гьумералдаса 1120 метралъ борхалъуда бугеб Цмур росдада rlarap- лъухъ. Гьениб рагьун буго курорт, х1алт!улеб буго минералияб лъел «Рычал-Су» заводги. Гьеб курорталде х1ухьбахъи гьабизе аза-азар чи вач1уна щибаб соналъ.

Мах1ачхъалаялъул хинал лъинал. Гьениб бугеб анц1ила ункъо иццалъул лъим х1алт1иза- була шагьаралъул г1емерт1алаял минаби ва промышленниял предприятиял хинлъизариялъе, цо бут1а больницабазе, унтаразе процедураби гьариялъе. Дагьа-макъабго къадар шушбузухъе т1унги бичула.

Тарнаиралъул хинаб лъим. Гьеб лъел температура бахуна баг1ариялъул 97-98 градусалде. Къоло щуго иццалдасан х1алт1улеб буго г1иц1го анлъгояб. Гьениб буго т1убараб лъаг1елалъго унтарал къабул гьарулеб ва сахлъизарулеб «Тарнаир» санаторий.

Бихьулеб бук1ахъе, гьел киналго руго Каспиялъул г1одоблъиялда.

Маг1арухъ минералиял иццал

Республикаялъул ракьалда бугеб лъабнусгог1ан минералиял иццазул, ц1ик1к1арасеб къадар буго муг1рузул районазда, гьел камураб район маг1арухъ цониги гьеч1о. Гьеб рахъалъ ц1акъго бечедал руго Ц1умада, Ц1унт1а, Лъарат1а районал ва Бежт1а участок. Рехселин гьезул цо-цо- ял. Ц1умада районалъул ракьалда Г1андиг1урул жаниблъиялда, гуржиязул г1орхъоде щвезег1ан къогоялдаса ц1ик1к1ун минералияб ицц буго - Агъвали, Хуштада, Гьигьалъ, Метрада, Хъвайни, Хушет, Инхокъвари росабазул ракьалда, Хъваршисезул к1к1алахъ. Хасго машгьураб буго Инхокъварисезул минералияб ицц. Щумадисез гьелда абула «Регьа» абун. Чанго бат1ияб унти сах гьабизе квербакъулеб гьеб иццухъе нус-нус чи вач1уна республикаялъул бат1и-бат1иял бак1аздаса.

Бежт1адерил росдада аск1об Оцукувакьа абулеб бак1алда буго ч1абат1гун водород гъорлъ бугеб лъим. Бежт1адерица гьелда абула Могь иццин абун. Бак1алъул г1адамаз даруялъе х1алт1изабула гьеб.

Бежт1аса микьго километралъ гъоркьехун, Лабахи абулеб бак1алда, Симбирисхеви rly- рул кваранаб г1аркьелалда, Аваразулгун Кахетиялъул нухда гъоркьехун буго кибго лъалеб Бух1араб лъим (горячий источник). Хьваназул мац1алда гьелда абула Южулъ иццилан. Чанго соналъ цебе Аваразулгун Кахетиялъул нух г1ат1ид гьабулаго, т1аде кьурабиги ун, гьеб бахчизабун бук1ана, гьанже бац1ц1адги гьабун, къач1ан буго. Советияб г1уц1иялъул заманалда бежт1адерил Бух1араб иццухъе гьеб лъедаса пайда босизе цоял вертолетазда, цогидал Вантляшевалъул габурлъухъан, чуязда рек1ун, ра- ч1унаан гуржиялцин. Маг1арухъ ругел минералиял иццазул х1акъалъулъ хабар ккедал, эколог, биологиялъул г1елмабазул доктор, профессор Гъайирбег Г1абдурхIмановас абуна: «Республикаялда ругел минералиял иццазул инвентаризация гьабун, г1адамазул сахлъи щула гьабиялъе гьездаса пайда босиялъе хасаб программа къабул гьабизе ккола Дагъистаналъул х1укуматалъ. Бихьараб зах1маталда рекъараб хайир щолеб гьеч1олъиялъ, нахъеккун буго маг1арухъ росдал маг1ишат, дагьалго рук1аниги рагьун рук1арал промышленниял предприятиязул филиалги къана.

Дир пикруялда, маг1арухъ туризм цебет1еялде к1вар кьуни, ц1ияб рух1 реч1ч1изе бегьула маг1аруллъиялда. Гьелъие квербакъи гьабила цо-цо машгьурал минералиял иццал ругеб бак1алда курортал, санаториял рагьани. Щай бегьулареб Инхокьвари иццухъ, бежт1адерил Бух1араб лъеда аск1об санаториял разе? Санаториял рагьани, гьениб г1адамазе х1алт1изе бак1ал рук1ина, рагьила гостиницаби, тукаби, жанир ч1езе рукъзал, ай цебет1ела инфраструктура. Нилъерго гьанисанги къват1исанги туристал гъираялда рач1ина гьенире х1ухьбахъизеги сахлъи щула гьабизеги. Гьединал иццал ругеб бак1алда санаториял, курортал рагьун гурищ росаби, поселокал г1урал Талгиялда, Манасалда, Ц1ияб Гъаякенталда».

Х1исаб гьабидал, бит1араб пикру буго г1алимчиясул. Дагьистаналда, хасго маг1арухъ ругел минералиял лъинал, Кисловодскалда, Пятигорскалда, Железноводскалда ругел минералиял льиназдаса нахъеккарал гьеч1ин абула. Нус-нус километрги нахъа тун, аза-азар гъуруш харжги гьабун, риччел х1алаб Кавказалъул минералиял лъиназухъе инч1ого, санаториялги, бук1ине кколеб инфраструктураги г1уц1ани, г1адамаз бакъулаб Дагьистанго т1асабищила х1алхьи ва сахлъи щула гьабизе. Берда бихьулаго, пайда босич1ого гьединаб бечелъи тезе бегьиларо.

Пайзула Пайзулаев

 

Просмотров: 541 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz