Гурх1ел-рах1муялъ къо бахъанаг1ан ц1ик1к1ун бак1 кколеб буго нилъер г1умруялда. Ч1ах1иязда гуреб, лъималаздаги жидерго г1елбащадазул рак1 батизабизе, гьел рохизаризе к1олеблъи бихьизабуна гьал г1агарал къоязда районалъул Жамг1ияб палатаялъул х1аракаталдалъун машгьураб «Забота» интернаталда т1обит1араб тадбиралъ.
Нилъер районалъул Г1арада бугеб школалъул лъималги рачун, гьелъул директор, цадахъго районалъул Жамг1ияб палатаялъул член Бика Мах1мудова, «Бесдалал гьеч1еб Дагъистан» г1уц1иялъул директор, бажарарай жамг1ияй х1аракатч1ужу Раисат Г1усманова щвана гьеб унтарал лъимал х1ебт1араб г1уц1иялде г1ат1идаб концерталъулаб программагун. Куч1дул ах1ун, кьурдун Г1арадаса школлъималаз г1уц1араб ихтилат-кепалдаса кутакалда разиго ругоан «Забота» ялъулал-гьеб бихьулеб бук1ана гьезул бадиб загьирлъараб кунч1иялдасан, гьимияздасан.
Ахиралда гьалбадерицаги интернаталъулазги цадахъ гьабуна гьудуллъиялъулаб кьурди-лезгинка. Иргадулаб нухалъ сахал лъималазда бич1ч1ана ва бихьана гьит1инаб жоялдасацин сакъатал, нахъе ккарал лъимал рохулел ругеб куц, ва жидее гьездехун ц1обалъулаб бербалагьи гьабизе расниги зах1мат гьеч1еблъи.
Къабул гьареги киназулго лъик1ал ишал. Амин.
|