Суббота, 20.04.2024, 02:03 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Август » 24 » ЛЪИМ ХХАЯЛЪУЛ КЪЕЦАЛ.
21:19
ЛЪИМ ХХАЯЛЪУЛ КЪЕЦАЛ.

23 августалда «Хундерил ралъадин» жинда ц1ар лъураб х1орт1а т1орит1ана районалъул росабазда гьоркьоб Шамил имамасул наиб Хунзахъа Хириясул ГIалибег ракIалде щвезавун лъим ххаялъул къецал. Тадбир рагьана ва бачунеб бук1ана «Хунзахъ районалъул общество» - ялъул маг1арухъ вугев вакил Ах1мад Х1усейновас. Тадбиралда х1ахьаллъараздехун баркигун к1алъазе рахъана районасул бет1ерасул заместитель Шамиль Г1аммаев, Россиялъул журналистазул Союзалъул член Шамиль Мух1идинов, «Хунзахъ районалъул общество» - ялъул вакилзаби: Г1абдурах1ман Г1абдурах1манов, Мух1амад Ибрагьимов, Мух1амад Шамхалов, Мух1амад Абакаров ва цогидалги. Районасул бет1ерасул заместитель Шамиль Г1аммаевасе кьуна К1удияв Г1уммаханил ц1аралда бугеб сертификат. Гьелъие г1иллалъун ккана Ш.Г1аммаевас Мах1ачхъалаялда балеб бугеб Г1иса (г1.с.) аварагасул ц1аралда балеб бугеб мажгиталда гьабураб сахаватчилъи. Гьелдаса хадуб кьуна старт 50 г1анасел лъет1ахъабазе. Гьелги рикьун рук1ана ригьазул категориязде. Кинабниги 3 старталда щибго г1орхъулъа араб жого ккеч1ин абизе бегьула.

Амма, гьит1инал г1олилазул къецазда ккана гьадинаб лъугьа-бахъин. Х1орил г1ебса бугеб раг1алалда кьералъ ч1езарун рук1ана 14 сон базег1ан ругел лъималазул т1ел. Г1емер заман бана гьел кьерда ч1езарун старталде х1адурулаго. Ахирги щиб ккарабали щварт1ан к1анц1унги ун рек1ет1а гьеч1ого квач1 бан лъедезе лъугьана лъабго г1олилав. Раг1алда ругеца пещт1он, ах1т1он цояв рек1ет1а ватизе гьавизе к1вана, амма к1игоялин абуни гьищт1иги раг1ич1ого жидерго нухалъ квач1ги бан лъедон ун х1алица доб раг1алде рахъана. Гьелда абизе бегьилаан х1акъикъияб гуреб стартилан (фальстартилан), амма ал раг1алдаго ч1езаризе к1веч1о, гьединлъидал унго-унгояб старталде рахъине гъоздаги к1велищха бугебщинаб рух1 лъелъ тедал. Хадуб, квеш-лъик1 кьерда ч1езаризеги к1ун кьуна хут1арал анц1идаса араб къадаралъул лъет1ахъабазе ц1ияб старт. Къуркъби г1адин щварт1иялда к1анц1ана лъимал х1оринире. Цояв бач1инахъего к1иго жиндирго къаркъалаялъ цогидаздаса цеве ккана. Гьесда лъалеб бук1ана гамил винталъг1адин х1ат1ал кьабизарун, квералги х1алт1изарун лъим ххазе. Гьесда хадур гъезе цогидазул кинаб бук1аниги рес бук1инч1о. Цо-цоял рук1ана гьанжего гьанже лъим лъаралг1адал, жалго доб рахъалде рахъаниги г1елин гьезиейин ккаралги. Амма бергьине бугеб гъира бук1ана жив-живасул г1урхъи гьеч1еб. Чемпионат ана т1адег1анаб г1уц1иялъул даражаялда ва Бичас биччани, гьеб санайил гьабизелъун къасдги ккана. Баркала баго райадминистрациялъе тадбир т1обит1изе гьабураб кумекалъухъ, ва гьединго гьенир г1ахьаллъаралщиназеги балагьизе рач1аразеги. Гьале ккарал х1асилал:

50 метралда лъедей - (14 сон базег1ан):
1-себ бак1-Мух1амадг1ариф Мух1амадов-Хунзахъ, 2-леб бак1-Х1ажимурад Хъайтмазов- Хунзахъ, 3-леб бак1- Мух1амадг1ариф Мух1амадов – Хунзахъ.
50 метралда лъедей (14 - 18 сон):
1-себ бак1-Г1алибег Мух1амадов-Гьоц1алъ, 2-леб бак1-Мух1амад Г1амирханов-Хунзахъ, 3-леб бак1-Саг1ид Г1исаев-Хунзахъ.
100 метралда лъедей (18 - 35 сон):
1-себ бак1-Мух1амад Гунащев-Гьоц1алъ, 2-леб бак1-Г1абдулх1амид Г1абдулх1амидов-Г1обода, 3-бак1-Саху Гьиматов – Хунзахъ.
50 метралда лъедей (35 соналдаса т1аде):
1-себ бак1-Муртаза Мух1амадов-Хунзахъ, 2-леб бак1-Х1асан Х1асанов-Хунзахъ, 3-леб бак1-Г1умар Исмаг1илов-Гьоц1алъ.

 

 

 

Просмотров: 419 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz