21 ноябралда к1удияб рохел бук1ана Лъаг1илухъ росулъ. Гьениб рагьулеб бук1ана ц1ияб ясли-ах. Ц1ияб садик рагьиялъулъ г1ахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, ясли-ахалъул х1алт1ухъабаз, росдал жамаг1аталъ ва цогидазги.
Баркиялъулаб к1алъаялдалъун тадбир рагьана районалъул бет1ерасул ишал т1уралев Нурмух1амад Задиевас.
«Бищунго ц1акъ рохарал чаг1и жакъа ратизе руго лъимал. Гьединлъидал дие бокьун буго бищун цебе лъималазда, гьезул эбел-инсуда ва садикалъул коллективалда ц1ияб садик рагьи баркизе. Нилъер районалъул аслияб масъалабаздасан цояб буго лъималазе хъулухъ гьаби. Гьит1инаб къоялдаса нахъе гьединал ц1иял ясли-ахазда, лъик1аб тарбия-лъай кьун г1урал лъимал хадуб к1удиял г1ейдалги жидерго росдаеги районалъеги пайдаяллъун лъугьиналда дир рак1ч1ола. Баркала кьезе бокьун буго киналго гьаб ясли-ах гьабизе квербакъаралщиназе, хасго гьадинаб зах1матаб заманалда жаниб районалдаса г1арацги балагьун садик базе х1аракат бахъарай нухмалъулелъеги.
Гьединго баркиялъулгун баркалаялъул к1алъаял гьаруна росдал бегавул Х1асанх1усенов Х1амидица, росдал гьоркьохъеб школалъул директор Къурамух1амадов Бегас, ясли-ахалъул заведующая Г1абдуразакъова Г1абидатица, подрядчик Г1умаров Камилица ва цогидазги.
Гьелдаса хадуб куч1дул рик1к1иналъул ва ах1иялъул номералгун цере рахъана ясли-ахалъул гьит1ичал. Хадуб байрамалъулаб ах1вал-х1алалда ц1ияб садикалде лента къот1ана районалъул бет1ерасги объект т1аде босарав подрядчик Г1умаров Камилицаги.
Х1акъикъаталдаги ц1акъ лъик1аб ясли-ах буго гьабун. Г1уц1ун руго киналго гьаб заманалъул шарт1ал, г1аммаб къаг1идаялъ гьениб буго 30 лъимадуе бак1. Гьединго райадминистрациялъул рахъалдасан ц1ияб ясли-ахалъе сайгъат гьабуна токалъул корги (духовка).
|