Гьанжесеб обществалъ педагогасда цебе лъолел руго г1ун бач1унеб г1ел кинабго рахъалъ цебе т1ураблъун куцаялъе, гьелъ г1умрудул нухда къвак1ун цебехун гали босиялъе г1езаг1ан зах1матал масъалаби. Гьел бергьенлъиялда т1уразариялъе к1вар буго цогидал тадбиразда цадахъго, конкурсал т1орит1иялъулги. Гьеб мурадалда бищунго х1албихьи ц1ик1к1араб район х1исабалда, нилъер районалда исана к1иабилеб нухалда т1обит1ана Муг1рузул районазда гьоркьоб «Лъаг1алил учитель-2016» конкурс. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна Ц1умада, Ц1унт1а, Ч1арада, Хунзахъ, Шамил, Болъихъ, Г1ахьвахъ районаздаса, Бежт1а участкаялъул вакилзабаз.
Педагогазе къимат кьезе бищун бук1ана Дагъистаналъул педагогикиял кадрабазул махщел камил гьабиялъул институталъул (ДИПКПК) х1алт1ухъабаздасан г1уц1араб ц1айи бугеб жюриги.
Конкурсалъул г1ахьалчаг1азда баркиялъулаб к1алъай гьабизе рач1ун рук1ана райадминистрациялъул бет1ер Саг1ид Камильевич Юсупов, лъай кьеялъул отделалъул начальник Залимхан Х1асанович Г1умаров ва гьел гурел цогидалги лъай кьеялъул отделалъул вакилзаби. Гьез конкурсантазе гьарана бергьенлъаби росизе икъвал ва жюриялъе бит1араб къимат кьезе таваккал ва бажари.
Конкурс г1уц1ун бук1ана 2 бут1аялдасан: Педагогическая мастерская ва Учебное занятие.
Т1оцебесеб къоялъ т1обит1араб «Педагогасул къебелъи» абураб бут1аялда педагогаз бицана жидерго х1алт1ул х1акъалъулъ, ц1алдохъабазул ц1алуде гъира базабиялъе т1орит1улел тадбиразул.
К1иабилеб къоялда т1орит1арал ц1алул занятиязда педагогаз бихьизабуна дарс кьезе, гьеб бачине, ц1алдохъабазулгун гьоркьоблъи батизе жидерго бугеб махщел, гьунар. Педагогаз дарсида х1алт1изаруна ц1алдохъабазда дарс бич1ч1изабиялъе ва гъирагун гьел дарсида х1алт1изариялъе бат1и-бат1иял къаг1идаби. Гьез дарсал кьуна гьанжесел церет1урал къаг1идабазда цадахъго, г1емераб информациялъулгин коммуникативиял технологиялги х1алт1изарун. Педагогазул щибаб дарсилъ бук1ана жалго жидедаго ч1ун ц1алдохъаби ургъизе, х1алт1изе, гьабураб х1алт1ул х1асилал данде росизе т1амулел бут1абиги. Щиялъул рук1ана дарс бачиналъул жидерго къаг1идаби, жидерго хаслъи ва гьунар.
Ахиралда жюриялъ гьарурал х1асилазул кьуч1алда т1оцебесеб бак1 ккуна Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалъул учительница Магърибова Заира Т1айгибовнаялъ.
К1иабилеб бак1алде яч1ана Гьиматова Динара Х1усейновна-МКОУ «Гунибская СОШ». Лъабабилеб бак1 гьоркьоб бикьана Г1алиева Написат Г1абдулвагьабовнаялда-МКОУ, «Цурибская СОШ», Ч1арада район, Ибрагьимова Муседу Мух1амадовнаялда-МКОУ, «Хебдинская СОШ», Шамил район, Муслимова Мадина Муслимовнаялда-МКОУ, «Алакский лицей», Болъихъ район. Гьезие кьуна ДРялъул Лъай кьеялъул ва г1елмуялъул министерствалъул ва районалъул рахъалдасан рак1алде щвеялъул сайгъатал, дипломал ва сертификатал. Киналго 1-себ, 2-леб, 3-леб бак1ал щварал муг1алимзаби г1ахьаллъизе руго бач1унеб соналъул ихдал Мах1ачхъалаялда т1обит1изе бугеб республикаялъулаб «Лъаг1алил учитель-2016» конкурсалда.
Конкурсалда бергьарал к1одо гьарун сайгъатал кьолелъул, жюриялъ лъик1аб къимат кьуна киналго гьелда г1ахьаллъарал педагогазе.
Киназго бихьизабуна жидер т1адег1анаб профессионалияб махщел, г1ажаибго интересал методикиял къаг1идаби, ц1алдохъабазулгун гьоркьоблъи батизе бугеб махщел ва х1ужжабазул кумекалдалъун бицараб тасдикъ гьабизе бажари бук1ин.
Жюриялъул председатель Мух1амадшапи Г1абдулкъадировичас рак1-рак1алъул баркала кьуна конкурс г1уц1адго иналъе квербакъарал информациялъулгин методикияб централъул специалистазе, бет1ералда лъай кьеялъул отделалъул начальник З. Х1. Г1умаровгун, дарсал кьолелъул конкурсалда г1ахьаллъулезе дарс бачиналъе х1ажатабщиналдалъун кумек ва гьоболлъи гьабурал Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалъул учительзабазе, жидер лъик1аб лъай бук1ин бихьизабурал ц1алдохъабазе.
К1алъазе рахъарал конкурсантазги жидерго пикру загьир гьабун, рак1-рак1алъул баркала кьуна конкурс т1адег1анаб даражаялда иналъе квербакъарал Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалъул педагогазул коллективалъе.
Апрель моц1алда республикаялъул конкурсалда г1ахьаллъизе йиго Хунзахъа Магърибова Заира Т1айгибовна. Гьарилин гьелъие нилъер районги мустах1икъаб къаг1идаялда бихьизабун, гьенибги бергьенлъи босун яч1ине къуватги, бажариги. Нух бит1аги, Заира, дуе.
Балагьаразул рак1ал асир гьарулеб церерахъин бихьизабуна конкурс байбихьилалде ва гьеб унелъул гьоркьо-гьоркьоб берцинал кьурдул номерал гьарун Г1ахьалч1иса П. Казиевас нухмалъи гьабулеб «Беркита» хореографиялъул ансамблялъ. Гьезие ва конкурс бачине кумек гьабураб Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъабазеги лъай кьеялъул отделалъ жидерго разилъиги баркалаги загьир гьабулеб буго.
Н. Г1алиева.
|