Вторник, 23.04.2024, 14:10 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Январь » 27 » КУМЕК ЩВАНИ, ДУНГИ ВОХУЛА .
20:46
КУМЕК ЩВАНИ, ДУНГИ ВОХУЛА .

Кумек щвани, дунги вохула яги «Аллагьасул хъваялдалъун, Досул кумекалдалъун»

Щибаб х1алт1ул г1уц1иялда к1удияб кумек ва квербакъи бук1уна бит1ун х1алт1и гьабулел профсоюзазул г1уц1аби ругони. Щибха гьез гьабулеб? Жидеего бокьун киналго х1алт1ухъаби цолъараб гьеб г1уц1иялда к1ола х1алт1ухъабазул ихтиярал ц1унизе, гьезул мурадал г1умруялде рахъинаризе.

Жакъа нижеца гара-ч1вари гьабулеб буго районалъул лъай кьеялъул муниципалияб казеннияб учреждениялъул профсоюзазул организациялъул председатель Мах1мудов Мух1амадилгун.

-Мух1амад, районалъул лъай кьеялъул х1алт1ухъабазул г1езег1ан к1удияб профсоюзазул организация буго. Г1емерал к1вар бугел суалал т1уразе к1олеб батила нужер г1уц1иялда?

-80 лъай кьеялъул учреждениялдаса 1843 лъай кьеялъул х1алт1ухъан гъорлъе вачараб профсоюзазул организация буго нижер. Дун х1алт1изе лъугьана 2009 соналда. Гьеб заманалда жаниб г1езег1ан рук1ана лъай кьеялъул х1алт1ухъабазул мурадал ц1унизе ккарал лъугьа-бахъинал. Мисалалъе босани, г1емерал ккола школазда цо соналъ кьун рук1арал дарсал т1асияб соналда нахъе росарал, заманалда харжал щвеч1ого хут1арал, коммуналиял кьеч1ого хут1арал лъугьа-бахъинал. Гьединаб мехалда иш т1убаларо профсоюзал гьоркьоре лъугьинч1ого. Дагьаб цебег1анги педагогазе 40 проценталъ гурого харжал щун гьеч1олъиялда бан, нижеца Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан Х1ажимурадович Г1абдулат1иповасухъе телеграмма бит1ун бук1ана. Гьабсаг1аталда оптимизация гьабулел ругилан, киса-кирго къокъ гьарулел руго х1алт1улел бак1ал. Нилъер районалдаги рес бук1ана цо-цо бак1азда байбихьул школал къазе. Цо талих1алъ гьел къач1ого рорч1ана, Сивухъ, К1ахъ аслиял школал байбихьул школазде рехизе рихьизарун рук1аниги, Саг1ит Камилевичасул кумекалдалъун, т1адег1анав Аллагьасул хъваялдалъун, ругелго къаг1идаялъ ц1унизе к1вана.

Педагогазе коммуналиял харжал щолел рук1инч1олъиялда бан, профкомалъ Пачалихъияб Думаялдецин телеграмма бит1ун бук1ана. Рак1алде ккола гьелъул х1асил ккеч1ого бук1инарилан.

Лъаг1алида жаниб цо нухалъг1аги профкомазул председатель щвеч1еб районалъул цониги школа хут1уларо. Гьедин араб мехалда хал гьабула х1алт1ухъабазул рук1а-рахъиналъухъ. Заралиял шарт1азда х1алт1улел кочегаразе, электриказе… шарт1ал ч1езарун ругищали, гьезул зах1мат ц1униялъул журнал, зах1мат ц1униялъул бок1он бугищали, хасало школазда г1ураб хинлъи ч1езабун бугищали.

Т1адаб къаг1идаялда нижеца хал гьабула лъимал кваналеб бак1алда рац1ц1а-ракъалъи, г1ураб квана-гьекъезе жо, х1алт1уе, х1ухъбахъиялъе, сахлъи ц1униялъе г1урал шарт1ал ч1езарун ругищали.

Профсоюзазул х1алт1ухъабазе, кумек х1исабалда, нижецаго къот1и-къайги гьабун, армиялда вас унев вугониги, лъимадуе хъизан-рукъ гьабулеб бугониги,лъимер гьабураб мехалъги т1аде къоял кьола.

-Г1емерал г1арзал рач1уна редакциялдеги педагогазе коммуналиял харжал кьеялда хурхарал. Бокьилаан кинаб тартибалда, киг1анасеб къадаралда гьел кьолебалиги бицани.      

-2011 соналъул 28 январалда Дагъистан Республикаялда бахъараб № 120 бугеб постановлениялда рекъон, районалда г1умру гьабулев щивав учителасе бихьизабун буго коммуналиял харжал х1исабалда, щолеб харжиде т1адеги 1055 гъурущ г1арац кьезе. Амма ахирияб лъаг1елгун 2 моц1алъ гьезие гьеб щвеч1о. Гьеб ккола районалъул педагогазе пачалихъалъул рахъалдасан бугеб налъи. Гьеб кидал щунги щвеч1ого хут1уларо.

-Бицунеб буго коммуналиял харжал кьолелъул цо-цо педагогал рат1а гьарулел ругилан. Щиб дуца гьелда хурхун абилеб?

-2016 соналъул 2 декабралда т1адеги бахъараб № 374 бугеб постановлениялда гьарун руго хиса-басиял. Гьелда рекъон коммуналиял харжал кьолел руго жидер аслияб х1алт1уда 75 проценталдаса гъоркье гьеч1еб ставка бугел гражданазе. Амма рес кьолеб буго росабалъ ва шагьаралъул тайпаялъул поселоказда лъай кьеялъул учреждениязда х1алт1улел педагогазе цебехун бихьизабураб къадаралда ставка гьеч1ониги, коммуналиял харжал кьезе, бихьизабураб къадаралда ц1алул нагрузка кьезе рес гьеч1олъи бихьизабураб справка лъай кьеялъул учреждениялдасан бач1ун бугони. Гьеч1они кьоларо.

Цоги, коммуналиял харжал кьезе рихьизарун гьеч1о жидеда т1ад кинаб бук1аниги налъи бугел г1адамазе, гьеб гьеч1олъи бихьизабураб справка бач1ун хадуб гурони.

-Районалда ругелщинал педагогал справкабиги росун киреха ине кколел?

 -Рехсарал справкаби районалъул социалияб рахъалъ г1адамал ц1униялъул управлениялде щвезаризе ккола. Гьелъул г1емерал лазатбахъиял кколел рук1ана райцентралда гуреб, цойгидал росабалъ г1умру гьабун ругел педагогазе, гьединлъидал лъай кьеялъул профкомазул комитеталъул председателасги социалияб рахъалъ г1адамал ц1униялъул управлениялъул начальник Булат Г1умаровасги къот1и-къай гьабуна щивав педагог Хунзахъе нахъе хьвадизавич1ого, жиде-жидер лъай кьеялъул учреждениялъул нухмалъулес г1иц1го налъаби т1ад ругезул, ва коммуналиял харжал кьезе кколезул сиях1 бач1инабиялда г1ей гьабизе.

-Лъай кьеялъул профсоюзазул организациялъул «чванта» бук1унищ педагогазда гьоркьов ватарав материалияб кумек х1ажатав чиясе ва цоги-цогидалги бак1азде г1арац харж гьабизе?

-Г1езег1ан бечедаб профсоюзалъул организация буго нижер. Гьелда к1ола унта-щокъав чиясе кумек гьабизе, профсоюзалъул член х1исабалда, курорталде унезе 20 проценталъ учузго путевка кьезе. Г1емерал т1орит1ула педагогазда гьоркьобги, ц1алдохъабазда гьоркьорги спортивиял тадбирал, спортакиадаби, педагогазда гьоркьор «Лъаг1алил учитель»,  «Лъаг1алил воспитатель» конкурсал. Гьединал бак1азда бергьенлъи босаразе профкомалъул рахъалдасан кьола г1арцулал сайгъатал, грамотаби. Гьел гурелги лъик1аб лъайги т1адег1анаб тарбияги лъималазе кьолел, сундулъго цебехъанлъи бихьизабулел учительзабазе кьола премиял.

-Мух1амад Х1ажиевич нилъер районалъул профсоюзазул организация республикаялдаго т1оцебесеб бак1алда буго. Гьелъулъ к1удияб бут1а батила г1иц1го дурго гуребги, цоги-цогидал районалъул школазул профорганизациязулги?

-Бит1араб буго. Лъай кьеялъул профсоюзазул организациязул х1алт1улъ щивас лъола жиндиего хасиятаб бут1а. амма гьезда гьоркьобги жигараб г1ахьаллъи гьабула Ц1ияб Буц1ра школалъул директор Г1умаров Мух1амад Мух1умаевичас. Гьеб школалъул буго кутакалда гъункараб коллектив. Школалъул руго жидерго найил т1улби, ах-хур, хуриб гьез бекьула картошка. Ахикь бижараб жидедасаго т1ок1лъараб пихъ, картошка бичун щвараб г1арац х1алт1изабун, гьез школалда ц1алулебщинаб лъимералъе ва педагогазе ч1обого ч1езабун бук1уна къадеквен. Гьединалго коллективалъе пайдаял х1алт1аби гьарула Т1ануси школалъул директор Дибиров Хъайитмаз Г1умаровичас, Гьамущи, Т1ануси, Г1ахьалч1и, Гьоц1алъ, Хунзахъ № 2 гьоркьохъел школазул профкомазул председателал: Къурамух1амадов Зубайирица, Г1абдулхаликъов Х1ажица, Мух1амадов Т1айгиница, Г1абдурах1манов Х1ажица, Ах1мадова Заремаца.

Районалъул лъай кьеялъул х1алт1ухъабазул профкомазул х1алт1улъ лъураб бихьулеб бут1аялъулъ нилъер районалъул нухмалъулев Юсупов Саг1ид Камилевичасе щвана Россиялъул лъай кьеялъул профсоюзазул централияб комитеталъул рахъалдасан каранда балеб г1аламат, диего Т1олгороссиялъул лъай кьеялъул исполнительныяб комитеталъул рахъалдасан грамота.

-Баркала гара-ч1вариялъухъ. Сахлъи кьеги нужее хадубккунги гьединал пайдаял ишал гьаризе.

-Дуеги баркала нижехъе яч1аралъухъ. Дун кидаго х1адурав вуго лъай кьеялъул х1алт1ухъабазда хурхарал киналго суалазе мух1канал жавабал кьезе.

Гара-ч1вари гьабуна Н. Г1алиевалъ.  

Просмотров: 441 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz