Четверг, 25.04.2024, 12:35 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Май » 28 » «КИН ВУГЕВ, МАДУГЬАЛ?»
20:47
«КИН ВУГЕВ, МАДУГЬАЛ?»

22 маялда нилъер районалде яч1ун йик1ана Дагъистаналъул Миллияб политикаялъул рахъалъ министр Татьяна Гамалей. Гьей яч1иналъе г1илла бук1ана гьеб къоялъ районалда «Кин вугев, мадугьал?» абураб фестиваль т1обит1улеб бук1ин. Чедгун ва ц1амгун министралда дандч1вай гьабуна Бакьагьеч1и росда нахъа районалъул нухмалъиялъ. Гьелда цадахъ ругоан республикаялъул бет1ерасул кумекчи, политикиял г1елмабазул доктор Камил Ланда, миллияб политикаялъул министерствалъул вакилзаби ва цогидалги.

Гьенисан тадбиралъул г1ахьалчаг1и щвана Ц1ада Ц1адаса Х1амзатил, Расул ва Х1ажи Х1амзатовазул памятникалда цебе т1угьдул лъезе, хадуб гьалбал рачана Ц1адаса Х1амзатил музеялде. Гьенибго спортзалалда байрамалъулаб ах1вал-х1алалда т1обит1ана погранотрядалъулги Хунзахъ районалъулги командабазда гьоркьоб волейболалъул ва канат ц1аялъул турнирги.

Ц1адасан киназго сапар бухьана райцентралде. Гьенибги К1удияб Ват1анияб рагъда т1аг1аразул х1урматалда бараб памятникалда цебе лъуна венок ва «Экологиялъулаб десант» абураб акциялда рекъон, волонтеразул кумекалдалъун киналго тадбиралъул г1ахьалчаг1аз гьениб аск1обго бугеб г1урдаллъиялда ч1ана гъут1би. Гьенисан гьалбал щвана Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул к1алг1аялда цебе бугеб майданалде. Гьениб г1уц1ун бук1ана районалъул бат1и-бат1иял росабазул умумузул рук1а-рахъиналъул, т1аг1ел-алаталъул, рет1ел-хьиталъул ва квен-т1ехалъул выставка. Гьездаго гьоркьоб бук1ана Кизляралдаса гьалбадерица бач1араб г1урусазул миллияб квен-т1ехалъул цебелъейги. Щибаб росдал ниг1матазул х1ал бихьана гьалбадерица.

Гьелдаса хадуб культураялъул рукъалъул фойеялда т1обит1ана «Мадугьал мадугьаласе мугъч1вай» абураб темаялда гургинаб стол. Гьенибго г1уц1ун бук1ана районалъул художниказ ва фотографаз рахъарал суратазул выставкаги. Гьалбадерие саламги кьун гургинаб стол рагьана районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас.

-Дун ц1акъ вохарав вуго жакъа нужеда дандч1вай гьабизе щвеялдаса. Жакъа районалда г1емераб х1алт1и гьабулеб буго бат1и-бат1иял миллатазул, диназул ва г1адатазул г1адамазул гьоркьорлъаби щула гьаризелъун. Х1атта Хунзахъ районалда аслияб къаг1идаялъ цох1о миллаталъул г1адамаз гурони г1умру гьабулеб гьеч1ониги, гьаниб буго погранотряд ва гьезул хъизан-лъимал, гьединго Россиялдаса ва къват1исел пачалихъаздаса туристалги рач1уна гьанире. Нижеца х1аракат бахъула погранотрядалъулазул хъизамазеги бак1алъулазегог1адал шарт1ал ч1езаризеги. Гьезул лъимал хьвадула районалъул школазде ва цо-цоязда маг1арул мац1гицин лъалеб буго. Хунзахъ районалъ киданиги диналъухъ яги миллаталъухъ балагьун г1адамал рат1а гьарич1о, бокьараб миллаталъул ва диналъул чиясе каваби рагьарал руго нижер районалде. Камуларо цо-цо мекъаб нухдасан унел г1адамалги. Гьедин районалдаса 34 чи восун вуго хасаб учеталде. Х1инкъи ц1ик1к1араб ах1вал-х1ал бук1ана Гьоц1алъ ва Г1орут1а росабалъ, амма дагь-дагьккун гьеб ишги роц1ц1инабизе к1вана. Г1ун бач1унеб г1елалъулъ Ват1аналде ва спортивиябгун сахаб г1умруялде рокьи бижизабиялъе, гьел умумузулг1адаб ях1-намусалда куцаялъеги гьабулеб буго ц1айи бугеб х1алт1и. Ц1иял рагьулел ва ремонт гьабун къач1алел руго ясли-ахал, школал, футбол ва волейбол х1алел майданал, спортзалал. Санайил т1обит1ула районалъул г1олилазулгун студентазулаб форум, г1олилазул къо, спорталъул бат1и-бат1иял тайпабазул турнирал, слетал. Гьеб кинабго буго г1ун бач1унеб г1ел нилъер бук1инесеб кколелъул, гьел мекъаб нухде инч1ого рук1ине, гьезул жанги жигарги бит1араб рахънибе буссинабизелъун гьабулеб х1алт1и. Гьеб х1алт1ул х1асилалда г1олилаз районалъул жамг1иябгин политикияб г1умруялда лъолеб бут1а ц1ик1к1ана,-ян абуна районалъул нухмалъулес.

Терроризмалъулгун экстремизмалъул идеологиялда данде къеркьеялъул мурадалда гьабулеб бугеб х1алт1ул бицана районалъул АТКялъул аслияй специалист Сидрат Махуловалъ.

  • гьабулеб х1алт1ул бицана районалъул руччабазул советалъул председатель, райадминистрациялъул экономикияб отделалъул нухмалъулей Набиева Пат1иматица. Гьединго гургинаб столалда нахъа гьоркьор лъурал суалазда хурхун жидерго пикраби загьир гьаруна Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул директор Пат1имат Х1амзатовалъ, районалда бугеб погранотрядалъул командир Андрей Ермаковас, республикаялъул бет1ерасул кумекчи Камил Ландаца ва цогидазги. Ахиралда х1асилалъулаб к1алъай гьабуна Татьяна Гамалейица.

-Т1оцебесеб иргаялда к1удияб баркала кьезе бокьун буго гьабураб дандч1ваялъухъ. Гьадинал тадбирал рак1алдаго гьеч1ого т1орит1уларо нижеца. Гьел руго республикаялдаги улкаялдаги ва т1олабго дунялалдаго бугеб ах1вал-х1алги х1исабалде босун г1уц1улел дандч1ваял. Гьезул мурадги ккола дин, миллат, г1адат-г1амал ва пикру бат1иял г1адамазул гьоркьоблъи гьуин гьаби ва гьел цоцалъ рекъон рук1ин. Хасго миллатал г1емераб Дагъистаналъе ц1акъго к1вар бугеблъун ккола гьеб суал. Пашманлъизе ккараб х1ужа-жакъа техникиябгун технологияб цебет1ей лъугьанаг1ан нахъе кколеб буго г1адамазул моралияб рахъ. Г1арцухъ бичулеб буго ях1-намус, ч1валел руго г1адамал, бекьулеб буго питна. Хъизан-лъималги, киназулго бащадаб гьеч1ониги, маг1ишат-яшавги, бакъулаб дунялги кьун буго Аллагьас г1адамазе. Дида бич1ч1уларо щиб г1оларого цо-цоял мекъаб нухде лъугьунелали. Гьадинал тадбирал нижеца т1орит1ула цогидал районаздагун шагьараздаги. Нужер гьаниб гьеб рахъалъ кинабго лъик1 буго, бихьулеб буго районалъул нухмалъи х1акъикъаталдаги киналго рахъазде к1варги кьун х1алт1улеб бук1ин ва гьелъ х1асил кьолеб бук1инги,-ян абуна Татьяна Владимировнаялъ.

Гургинаб столалдаса хадуб клубалъул залалда культураялъул х1аракатчаг1аз ва бат1и-бат1иял школалъул ц1алдохъабаз бихьизабуна г1ат1идаб программаялъул концертал.

Фестиваль ана киназего пайдаяб ах1вал-х1алалда.

  • Мух1амадов.
Просмотров: 498 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz