Среда, 24.04.2024, 01:59 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Октябрь » 3 » КИН РУГЕЛ НУЖ, ХАРАБИ?
12:04
КИН РУГЕЛ НУЖ, ХАРАБИ?

1941 соналъул 22 июналда нилъер Ват1аналде т1аде к1анц1ана Гитлерилаб Германия. Гьанжего гьанже михъида х1ур ч1вазе байбихьарал г1олохъабиги рагъде ун, росабалъ хут1арал руччабаздеги, харабаздеги, г1исинал лъималаздеги т1аде ккана х1алт1ул кинабго зах1малъи. Рагъде аразул цо-цоял орденал, медалазул керенги ц1ун т1ад руссун ратаниги, цогидаз рух1 кьуна г1агараб Ват1аналъе г1оло гьабулеб ц1об гьеч1еб рагъда. Чанги улбул, руччаби, ясал, яццал хут1ана г1умруялъго васазухъ, россабазухъ, инсухъ, вацазухъ инагьдулел, гьезухъ ралагьун. Гьеле гьедин хут1аразул цояй ккола Уздалросолъа Х1усенова Мухлисатги.

«Кин ругел нуж, хараби?» - ян абураб гьумер х1адурулелъул ниж г1емер щола районалъул росабалъ ругел ригь арал г1адамазухъе. Лъазабула гьезул сахлъи кин бугояли, ц1ехола х1ажатаб, тараб щиб бугояли. Вацасул васасда ва гьесул хъизан-лъималазда аск1ой хабар-к1алалда ятана нижеда Мухлисат гьелъухъе гьоболлъухъе щвараб мехалда. Жиндирго цебе араб г1умруги рак1алде щвезабун гьелъ нижее бицана гьадин:

- Дун ккола К1удияб Ват1анияб рагъде эмен ун хадуй гьаюрай, гьесул гьумер бихьич1ей, гьеб лъаларей, гьесул кверзул хинлъи лъач1ей яс. Дун бесдалай, гьит1инай йик1аниги, эбелалда цадахъ унаан ах-хуралдеги, мег1ер-г1алахалдеги, щиб дихъа бажараниги, бажарараб х1алт1иги гьабулаан сункьаго х1инкъич1ого.  Бесдалазе талих1 кьоларилан абулелъул, тохлъукьего ц1адул балагьалде гъоркьеги ккун, инвалидлъун лъугьана дун. Эбел ч1аго йигеб мехалда гьелъ гьабулаан дие хъулухъ-адаб, гьей хун хадуб вацасул васасул ц1обалде ккана, талих1 ккана, дие гьев ва гьесул хъизан гурх1ел – ц1об бугел г1адамал рук1ин, гуребани, кинанха дица г1умру гьабилеб бук1араб. Гьез дир кутакалда т1алаб агъаз  гьабула, щиб дие х1ажалъаниги босула, сундуего кумек, т1алаб-агъаз гьабула.  Дунг1ан Т1адег1анав Аллагьги разилъаги гьездаса. Дун азие гьара-рахьиялда йик1уна.

Гара-ч1вари ккана нижер Мухлисатица бицунев вас Х1осенилгунги.

- Дица Мухлисатил дирго эбелалъул г1адаб т1алаб-агъаз гьабула. Гьелъие лъабабго ригьалъ хинаб квенги кьола, лъик1аб рет1елги босула. Цоги, гьелъ кида бокьаниги, бокьараб жо босеян гьарани, гьебги босула. Дагьаб цебег1ан гьелъ дида абуна росдал хабзалалъ лъезе  хъупа х1ажат бугилан. Дица гьелъие бокьараб гьабуна. Мухлисатица дида абуна мавлид гьабизе бокьун бугилан. Нижеца гьабуна. Ригь арав чиясул рокъоса баракат лъуг1уларо. Йиччанте гьей кидаго нижее баракаталъе ва рек1елгъеялъе йик1ине нижеда аск1оса камунгут1изе.  Бугеб сахлъи ц1унун хут1аги гьелъул.

Дун ва цадахъ сапаралда рук1арал социалияб рахъалъ г1адамазе хъулухъ гьабиялъул х1алт1ухъаби х1айранлъана гьеб хъизаналъул  цоцадехун бугеб адаб-хъатир, хералъул гьабулеб т1алаб-агъаз бихьун. Аллагьас кирилъун  хъван батаги гьезие гьез гьабунщинаб лъик1лъи. Унтаби – балагьалдаса ц1унун хут1аги гьел.

Н. Г1алиева.  

Просмотров: 729 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz