Четверг, 28.03.2024, 15:39 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Август » 22 » КЪИМАТ Т1АДЕГ1АНАБ ЗИЯРАТ- ХУНЗАХЪ.
12:29
КЪИМАТ Т1АДЕГ1АНАБ ЗИЯРАТ- ХУНЗАХЪ.

Аллагьас дунялалда рижарал лъик1ал г1адамазда гьоркьов, х1атта, бищун ахирисев вук1аниги аварагзабазда гьоркьовцин, бищун т1адег1анавлъун ккола Мух1аммад (с.г1.в.) авараг. Диналъулъги г1умру-яшав гьабиялъулъги Аварагасдаса (с.г1.в.) мисал босизе ккола киналго бусурбабаз.

Аварагас(с.г1.в.) исламияб дин т1ибит1изабулеб зах1матаб, кинабго жо мукъсанаб заманалда бук1араб г1умру-яшав хадусел г1елазда бихьизелъун ва бич1ч1изелъун адабалда нахъе ц1унун руго Аварагасул (с.г1.в.)  асарал, цогидалги диналъе г1оло г1умру кьурал г1адамазул т1аг1ел-алат, рет1ел-хьит. Гьанжесеб, церет1урал технологиязул, кинабго жо гьарзаяб заманалда г1адамазул г1умруялъе, гьезул дунялалдехун бугеб бербалагьиялъе кутакалда гъваридаб рух1ияб к1вар буго асаразул. Балагьеха нужго: гьанжесев инсанасе киг1ан бугог1ан маг1ишатги, бечелъиги г1олеб гьеч1о, Аллагьасе бищун хирияв, г1адамазда гьоркьов бищун вац1ц1адав, жив т1адег1анав Аварагасин (с.г1.в.)  абуни г1ей гьабулев бук1ун бугеб дагьалде.

Аварагасул (с.г1.в.)  къиматал асарал г1арабазул улкаялдаса Дагъистаналде рач1индал, гьел лъун рук1арал бак1алде зиярат гьабич1ев чи нилъер республикаялда къанаг1ат хут1ун ватиларо. Асарал нахъе росулелъул, гьел росун рач1арал г1арабаз чанго асар тана Дагъистаналъе. Гьел асарал г1адамазда рихьизе исана Кизляралде росун рук1ана. 7 августалъ Аварагасул (с.г1.в.) асарал рач1ана нилъер районалдеги. Ич1го къоялъ Хунзахъги бук1ун, 15 августалъул сардилъ нахъа - 16 августалъул радакь г1ужалъ наже ана баракатаб зиярат.

Районалде зиярат бач1иналде цебеккун хасаб х1адурлъи гьабун бук1ана районалъул, хасго хундерил жамаг1аталъ. Абумуслим- шайхасул зиярат бугеб ва райадминистрациялда т1адехун бугеб мажгитал ва нухал рац1ц1а – ракъалъи гьабун, зияраталда сверун бак1 къач1ан х1адурун бук1ана росу гьалбал къабул гьаризе. Жамаг1атги данделъун г1уц1ун рук1ана бихьиназулги руччабазулги къокъаби: зиярат лъураб залалда гьеб ц1унун ч1езе, зияраталъул к1алт1а, азбаралда г1адамазе г1адлу-низамалъе, къвариг1араб таралъе рук1ине ва квен гьабизе. Гьел кутакалда кири ц1ик1к1арал ишазулъ г1ахьаллъи гьабизе рес бук1ана бокьарав чиясе, гьедин зияраталда гьеб ц1унун яги азбаралъуб дежурствоялда рук1ана нилъер районалдаса гурелги, цойгидал районазул г1олохъабиги. Зияраталда х1алт1аби гьабулезул бук1ана хасаб рет1елги: киналго бихьиназда- хъах1ал гурдалги такъиялги, руччабазда- г1урччинал гурдалги хъах1ал шалалги.

Зиярат бач1иналде, х1ажаталщинал квег1енлъаби гьарун х1адурун бук1ана гьеб бук1инесеб Р. Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спорткомплекс. Жанибги къват1ибги х1адурун рук1ана каки чуризе бак1ал, г1одор т1анса-салмаг т1амун, какикьжал рач1ун х1адурун рук1ана как базе залал. Зиярат бач1унеб къоялът1угьдуздалъун къадазда хириял калимаби хъван, т1угьдул лъун, исламалъул байрахъал ран ц1акъ берцинго къач1ана спорткомплексалъул бищун к1удияб зал. Спорткомплексалда къват1ибги, гьеб бугеб къот1нобги ч1ван рук1ана «Нижее Мух1аммад (с.г1.в.) авараг вокьула» ян хъварал ва цогидалги баннерал.

Аварагасул (с.г1.в.)  асарал районалде росизе Мах1ачхъалаялде рит1ун рук1ана бат1и-бат1иял иг1ланал т1ад ч1ван къач1арал 30- даса ц1ик1к1ун цоцазда релълъарал машинаби. Къимат т1ок1аб, баракатаб зияраталда дандч1вай гьабизе нухде рахъун рук1ана райцентралде щвезег1ан ратулел росабазул г1адамал. Гьединго зияраталда дандч1вай гьабун буго нилъер районалде щвезег1ан нухда ругел районазул г1адамазги. Исламалъул байрахъалгун райцентралъул аслияб къват1алъул цояб рахъалда бихьиназул цойгидаб рахъалда руччабазул кьерал гьарун дандч1вай гьабуна районалъул жамаг1аталъ асаразда. Гьел росун рач1ана, асарал районалде росиялъе гара-ч1вариял, киналго х1ажатал тадбирал гьарурал, муфтий ах1мад-х1ажил вас асарал ц1унулев чи Мух1аммад-х1ажи, ДРялъул бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповасул вас….. районалъул бет1ер Саг1ид Юсупов, Абумуслим- шайхасул ц1аралда бугеб Хунзахъ динияб г1уц1иялъул (обществоялъул) вакилзаби, гьезда цадахъ рук1ана Хьаргаби, Унсоколо, Ч1арада, Г1ахьвахъ районазул бут1рул ва цогидалги гьалбал. Т1адег1анаб зиярат районалде бач1иналдаса жиндирго рохел загьир гьабун, гьелъие квербакъаразе баркала кьун к1алъана районалъул бет1ер Саг1ид Юсупов.

Гьабизе рак1алда бук1ахъе нахъисеб къоялъ, кьерхадухъги гьоркьо-гьоркьоб щенолеб ц1адахъги балагьич1ого, Г1алаг1арт майданалда асарал районалде росизе ихтияр кьурав Дагъистаналъул муфтий Ах1мад-х1ажи к1одо гьавун т1обит1ана чуял риччай. Чуял риччана 4 заездалда. Т1оцебесеб заездалда 3 сверут1а т1оцебе ч1алде бач1ана Хасавюрталъул мэр Сайгидпаша Г1умахановасул чу, к1иабилеб ч1ел босана Хунзахъа Саг1адула Саг1идовасул чуялъ ва лъабабилеб бач1ана Г1ахьвахъа Г1али Г1алиевасул чу.

К1иабилеб заездалдаги чуял риччана гъобго 3 сверут1а. Гьанжеса цебе бач1ана Бакьагьеч1иса Мух1амад Абакаровасул чу. Гьелдаго хадур ч1алде рач1ана Чачаналдаса Расул Висинпаевасул ва Гумбеталдаса Абубакар Камаловасул чуял.

Лъабабилеб заездалда щуго сверут1а бекерун  цебе бач1ана Г1андиса Шамил Абакаровасул чу, к1иабилеб ч1алде бач1ана Буйнакскиялдаса Х1анапи Салих1овасул чу ва лъабабилеб ккана Казбек районалъул Дылымалдаса Х1ажимарад Г1усмановасул чу.

Бищун халатаб анкьго сверут1а бергьенлъи босана Чачан республикаялъул шатоялдаса Арслан Бучулаевасул чуялъ, к1иабилеб ч1алде бач1ана Хунзахъа Хъазами Хъазанбиевасул чу ва лъабабилеб бак1 щвана Буйнакск районалъул Гъазданушиса Жамбулат Дакаевасул чуялъе.

Т1оцересел бак1ал росарал чуязул бет1ергьабазе «Сумма» группаялъ (гьезул вакил Загьид Хучбаровас) кьуна «Приора» машинаби, к1иабилеб бак1алъухъ- 50 азарго ва лъабабилеб бак1алде рач1аразе – 30 азарго гъурущги. Машина сайгъат гьабуна Хунзахъ мадрасаялъеги.

Чуял риччалеб къоялъ зиярат г1уц1ун бугеб куцалъухъги хал-шал гьабизе, чуял риччаялъухъги ралагьизе районалде рач1ун рук1ана Дагъистаналъул муфтий Ах1мад- х1ажи, гьесул заместитель, нилъер ракьцояв Г1ободаса Мух1аммад Мангуев, Хасмух1аммад- х1ажи Абакаров, Инхелоса устар Мансурил Мух1аммадил дурцал, спортсменал Султ1ан Ибрагьимов, Мух1амад Маликов, Х1айдарбек Х1айдарбеков, Х1ажимурад Мух1амадов, Дагавтодоралъул нухмалъулев Загьид Хучбаров ва цогидалги. Т1аде рач1арал гьалбал щвана Аварагасул(с.г1.в.)  асарал лъураб зияраталдеги, Абумуслим- шайхасул зияраталдеги. Районалъул жамаг1аталъул рахъалдасан ахалтекинский тайпаялъул чуял сайгъат гьаруна муфтий Ах1мад- х1ажие ва устар Мансурил Мух1аммад- х1ажие.

Чуял риччалел рук1аниги, гьебго къоялъ байбихьана зияраталде г1адамал рач1ине. Зияраталде рач1унезухъ хал-шал гьабулеб бук1ана полициялъул х1алт1ухъабаз, хадуб к1алт1а ругел г1адамаз исламияб рет1ел бугищалиги хал-шал гьабун х1ажатазухъе гьебги кьун, малъа-хъваялги гьарун риччалел рук1ана зияраталде. Азбаралъубго ч1ван рук1ана зияраталда ругел асаразул хъвай-хъваг1аял гьарурал баннералги. Г1ажизал г1адамазухъе кьолел рук1ана коляскабиги.

Зияраталда рук1ана цояздаса цоял х1икматал асарал: Абумуслим- шайхасул халг1ат ва г1анса, иман Раббанил хабада т1ад т1амураб жо (покрывало). Г1умар-асх1абасул (р.г1.) тухумалдаса вахъарав гьесда ц1ар бук1ун буго Ах1мад аль Фарук. Шуг1айб (г1.с.) аварагасул хабада т1ад т1амулеб жо. Хирияб Каг1ба рукъ лъухьулеб бук1араб ц1илиц1, гьеб бац1ц1араб лъим. Алжаналдасан бач1анилан рик1к1унеб Х1ажрул Асвад гамач1. Г1азухъах1аб бук1араб гьеб, мунапикъзабазул кверал хъваялъ ч1ег1ерлъун буго. Каг1ба рукъалъул к1улал. Каг1баялъул Г1усман-асх1абасул (р.г1.) заманалъул к1улал. Жиндир баракат нилъее щваяв Мух1аммад (с.г1.в.) аварагасул рас, Гьесул(с.г1.в.)  сурк1а, Мух1аммад (с.г1.в.)  аварагас яс Фат1иматие(р.г1.) кьун бук1араб ганч1ил гьобо. Аварагас (с.г1.в.)  Маккаялде гьижра гьабураб т1оцебесеб соналъ как ах1арав Билал-асх1абасул (р.г1.) хъаба. Равзаялдаса гамач1 ва ракь. Г1абдукъадир Геланил(къ.с.) халг1ат. Аварагасул (с.г1.в.) мажгиталда т1амун рук1арал халичаби. Цебе заманаялъул Къуръан. Каг1ба рукъалъул нуц1ида т1ад т1амураб ххам- Кисва. Кисва гьабула ч1ег1ераб шелкалъул т1ад меседил куназ хириял хъвай-хъваг1аялги гьарун. 47 кесекалдасан г1уц1араб Кисва гьабизе къвариг1уна 670 килограмм шелкалъул ва 150 килограмм меседгун г1арцул. Ахирисел къоязда жеги т1аде росун рач1ана асарал: Равзаялъул лъабго ххам ва Каг1баялъул нуц1ида бук1араб ххам. Рук1ана цойгидал асаралги.

Къойидаса къойиде ц1ик1к1унел рук1ана зияраталде рач1унел г1адамал. Радал хехго байбихьун сардилъ нахъалъаг1анги рук1ана зияраталде рач1унел. Г1емерисел чанго нухалъги рач1унел рук1ана зияраталде. Бищун ц1ик1к1ун г1адамал рач1араб сордо-къоялъ 15 азарго чиясде бахана зиярат гьабуразул къадар. Кинавниги зияраталде вач1ана 80 азаргог1ан чи.Зияраталде рач1аразе кьолеб бук1ана асаразул лъимги. Зияраталдаса къват1ире рач1унел г1емерисезда гьениб бихьаралъ гьабураб асаралъ маг1у кквезе к1олеб бук1инч1о. хунзах бук1араб зиярат дунялалда киса-кибего ай гьабсаг1ат унеб бугеб х1алалда онлайн-режималда, бихьулеб бук1ана. Г1арабазул пачалихъалда зияраталъухъ ралагьун руго 4 азарго чи, Америкаялда-5 азарго чи.

Гьаниб бицинч1ого г1оларо зиярат ц1унун ва к1алт1а-азбаралъуб дежурствоялда рук1аразеги т1аде рач1унел гьалбадериеги квен гьабулел рук1арал руччабазул. Радал саг1ат анлъгоялдаса байбихьун къаси анц1ила к1иго т1убазег1анги гьоркьоса къот1ич1ого, к1вах1- свак гьеч1ого, хис-хисун х1алт1ана руччабазул къокъаби. Квеназдасаги жидеего гьабураб хъулухъалдасаги киналго рази хут1ана.

Зияраталъул къояз радиоялдсан гьоркьоса къот1ич1ого ах1улел мавлидал- нашидазги, ц1алулел аятазги, гьабулеб ваг1за- насих1аталъги, берцинаб исламияб рет1ел-хьиталда хьвадулел г1адамазухъ балагьунги рак1алде кколеб бук1ана нилъ унго-унголъунги исламияб пачалихъалда г1умру гьабун ругиланги ва щулалъулеб бук1ана нилъ исламияб диналда, Аллагьасе рецц, бусурбабилъун рижун рук1ин абураб пикруги. Г1ажаибаб берцинлъи лъугьун бук1ана росулъго. Гьевгощинав чи вак1арараб бак1алда ккеч1о лъилниги рак1бакъвараб иш. Гьудуллъи-вацлъиялда, рохалида берцинго ана зияраталъул къоял. Нилъерги мадугьалихъ ругел районазеги, т1олго Дагъистаналъего баракат щун батаги зияраталдасан. Гьединал Аллагьги разиял г1адамазе  пайдаги ц1ик1к1арал мажлисал г1емерлъаги районалда.

К1удияб баркала буго гьеб баракат ц1ик1к1араб зиярат районалде бач1аразе, гьенибе х1ажаталъе г1арац кьурал, зияраталда х1алт1аби гьарурал киналго г1адамазе. Щивасе аза-азар даражаялде бахараб кири батаги!

П. Гунашева

        

Просмотров: 627 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz