Нилъер районалъул г1адамазул рах1ат хвезабун бук1ана Т1ануси росулъе щвараб хъах1илаб ц1атари (газ), районалъул цойгидалги, гьеб щвезе рихьизарун рук1арал Хунзахъа, Г1арани, Бакьагьеч1и, Гиничукь, Ц1ада росабалъе, гьаб соналдаг1аги щолеб гьеч1олъиялда бан.
Гьеб суалгун жакъа нижер мухбир щвана районалъул муниципалияб бюджеталъулаб учреждениялъул капиталиял ралел бак1азул отделалъул нухмалъулев Саг1адула Мух1амадович Батировасухъе. Гьелда хурхун гьес нижее бицана гьадин:
-Районалде бач1ун буго республикаялдасан газ бачиналъул х1алт1аби гьаризе 3 бригада. Х1алт1аби гьарулел руго росабалъ цебеккун газ бачунелъул лъун рук1арал, гьанже цо-цо бак1алдасан хвезарун ругел турбаби къач1аялъе. Т1ануси росулъ бугеб газораспредительнияб станциялдасан цереккун рехсарал росабалъе бачунеб буго магистралияб газопровод. Гьелъ рес кьезе буго г1адамазе моц1рол ахиралдехун, гьава-бакъалъул шарт1ал рекъани, жив-жив чиясул рокъобе газ бач1ине.
Рокъо-рокъобе газ бачине бокьарав гьанжего ине бегьула Хунзахъ сберкассаялда жаниб бук1араб минаялъуб рагьараб абонентазулаб хъулухъалде жидеего техусловиял гьаризе, счетчик лъезе х1алт1ухъаби ах1изе г1арзагун ва газ бачиналда хурхун дагьалги мух1канал баянал щвезелъун.
Бихьулеб бук1ахъе гьеб буго районалъул г1адамал рохизе ккараб хабар. Рак1алде ккола чанго соналъ цебего бицунебги бук1ун х1орлъараб гьеб хабар, исанаг1аги раг1алде бахъинилан ва хаселги исана ц1акъго кьварараб бук1ине бугилан абулеб бугелъул, хъах1илаб ц1атариялъ рукъзалги хинлъизарун, нилъер г1адамазул рак1алги хинлъизарилин, г1умруги т1егьан бач1инилан.
|