Гьал къоязда Хунзахъ росдал жамгIияв хIаракатчи, «ХIажимурад» тарихияб клубалъе кьучI лъурав магIаруллъиялъул патриот МухIудада ГьитIиновасул цIар кьуна Хунзахъ райцентралда цIи гьабун къачIараб фонтан-паркалъе .
Дагъистаниязда мунагьал чурадил цIар рагIана рикIкIадаб 1989 соналъго-Сарир пачалихъ гIуцIаралдаса 2400 сон тIубаялъул юбилей магIарухъ кIодо гьабулаго. Гьелдаса хадуб районалъ 70 сон тIубаялъул, Шамил имамасул наиб ХIажимурад гьавуралдаса 200 сон тIубялъул тадбираздаги бергьараб гIуцIарухъанлъиялъул гьунар бихьизабуна гьес тIаде рачIарал гьалбадеридагун хундерида. Щибаб инсценировка,миллияб костюм, аскариязул церерахъин букIана ГьитIиновасул хварал нервабазулгун бахараб давлениялъул, гIиси-бикъинаб жоялдацин унтараб ракIалъул хIасил. Досда батIайиса кIвезеги к1олароан.ГьитIинаб къоялдаса нахъего режиссерлъун вахъине магIаруласе къанагIатаб анищ букIарав МухIудадае бокьараб бакIалде цIализе лъугьине щвечIониги, гьев Аллагьас вачун тIамуна жамгIияб гIумруялъул бакьулъе-комсомол гIуцIиялда ва партиялда хIалтIана гьев гIемерал соназ. Комсорглъун гьев вугеб заманалда жаниб районалда гIуцIун буго вокалиябгун инструменталияб «ГIакаро»ансамбль, комсомолалъул активалъ гьабун буго КьилимагIарде поход. Хадуб Хизроевасул цIаралда бугеб колхозалда пварткомлъун,нухазул участкаялда начальниклъун хIалтIулагоги ГьитIиновас бихьизабуна жиндирго ишалъулаб таваккалги бажариги. ГIумруялъул ахирал къоязде щвезегIан гьев вукIана гьалдолеб гIумруялда бакьулъ-хIажатавлъун, пайдаявлъун, кIочон толаревлъун. Районалде рачIаралщинал гьалбалгун туристал, тарих бокьулел нахъе унароан МухIудадалин гьев чIаго вукIаго цIар лъураб фонтаналда ва чаялъул рокъоб рещтIен гьабичIого.
Советияб заманалъ хIалтIизеги биччан хадуб чIунталиде буссине тараб Хунзахъ райцентралда фонтан цIигьабизе ккеялъул суалги мунагьал чурадица борхун букIана районалъул нухмалъиялда цебе 2014 соналъ. Доб мехалъ гьеб дагьа-макъабго къачIан хIалтIизе биччанги букIана. Официалияб къагIидаялъ гьев сахав инсанасул цIар кьезеян тIаде рачIаразул берде рехулеб гьеб бакI исана риидал цIи гьабизе хIукму ккана хундерил тIалъиялъул: гIурул ганчIаз жанисан къачIан, лъим цокIалаб къуваталдалъун кьабуледухъ насос лъун, къасимехалъги багIараб канлъиялдалъун сверухълъи къалъизабун букIунедухъ кIудияб хIалтIи гьабуна гьелда сверухъ.19 сентябралдайин абуни гьелъие хIурматияб къагIидаялъ кьуна Мух1удада ГьитIиновасул цIар. ГIемерал хинал рагIаби жамагIатчиясул хIакъалъулъ абуна районалъул бетIер СагIид Юсуповас, росдал бегавул Хизри ТIалхIатовас, мунагьал чураясул гIагарав чи Шамил Каримулаевас, «ХIажимурад»рагъулабгун-патриотияб клубалъул гIахьалчи, районалъул рагъул ва захIматалъул ветераназул советалъул председатель Зубаир Гъаирбеговас ва гь.ц. Г1аламалъул хъатчIваялда гъоркь мемориалияб хъорщодаса хундерил бетIерас ва МухIудадал вас Ах1мадица пардав бахъулаго, мохъ-мохъалде тIирабиги щвезарун,зодобе кьабана шагьаралъулаздаса къечIеб нилъер райцентралъул беричаб фонтанги.Гьебги лъугьина гьанжеялдаса тIаде рачIаразда Хунзахъ рихьизе кколел берцинлъабазул цояблъун.
Ф.Мух1амадова.
|